МагъчIваялъе рес

17 соналъ лъагълъудаги вукIун, хIатIилкилщаздасаги ватIалъун


МахIачхъалаялъул азарханаялда ватун вуго 17 соналъ кирпич къотIулеб заводалда лагълъуда вукIарав Воронежалдаса чи. Гьедин лъазабулеб буго «Альтернатива» абураб гIуцIиялъ. Амма «Эркенлъи» радиоялъ гара-чIвари гьабурал гIадамаз абулеб буго гьел лагъзалин абулел гIадамал жидеего бокьун унин кирпич къотIулел заводазде.

Воронежалдаса Петр Никулиница 17 сон бан бугин кирпич къотIулеб заводалдаян абулеб буго «Альтернатива» абураб гIуцIиялъул Дагъистаналда вугев вакил ИсмагIилов Закирица. Петр Никулин гьесда ватун вуго азарханаялда. Балагьараб мехалъ гьесухъа тIокIаб хIалтIун бажаричIеб мехалъ кирпич къотIулеб заводалъул хважаинзабаз нух бихьизабун бугин гьесдаян абулеб буго Закир ИсмагIиловас. Амма гьев гьенив вукIараблъи чIванкъотIун чIезабизе жакъа рес гьечIин абулеб буго гьес.

Закир ИсмагIилов: «Гьев Дагъистаналда вукIун вуго 1999 соналдаса нахъе. Гьеб заманалда жаниб гьес хисун вуго чанго хважаин. Гьесул документалги, гIага- божаразулгун гьесул бухьен гьечIолъиялдаса пайдаги босун хIалтIизавун вуго гьез гьев чIового. Ахирги тIокIаб гьесдаса пайда щолареблъиялде иш ккарабго къотIнове рехун вуго. Нухазда гIадлу-низам чIезабулел полициялъул хIалтIухъабазда ватун, гьез ахIун буго «хехаб кумек». Дида гьес бицаралда рекъон гIага-божаралгун гьесул бухьен букIун гьечIо гIемерал соназ.

Нижеда кIвана гьесул кIиго яцги, вацги ралагьизе, гьел хIадур руго гьев къабул гьавизе. Ункъо къо реанимациялдаги бан жакъа вачана гьев палаталде. Дагьаб мадар лъугьун букIаниги, гьесул буго гьуърузул кIиябго рахъалъ пневмонияги, квешго цIорон руго хIатIалги. ХIатIил килщал нахъе къотIизе кколин абулеб буго тохтурзабаз» .

Амма кирпич къотIулеб заводалда жал лъагълъуда рукIанин абулел гьел гIадамазул 90 процент бугин жидеего бокьун гьенире хIалтIизе арал гIадамалин бицана «Эркенлъи» радиоялъе Каспийскалдаса Исрапилов Багирица. Гьесда цо нухалда гуреб, чанго нухалъ рихьун руго гьенир хIалтIулел гIадамал. ГIемерисел гьел ругин гьекъолеб жоялъ гIумру хвезабурал, къо бухIарал гIадамал. Гьел хIадур рукIунин кванихъги, гьекъолеб жоялъухъги хIалтIизе.

Багир Исрапилов: «Жидеего бокьун хIалтIулел чагIийин гъол гъора. Телевидениялдасан рукIуна гьел магIу бахъун бицунел жал лагъзал гIадин цере хIалтIизарулел ругилан. ТIириги гьечIо гьел гьедин хIалтIизарулел. Лъицаниги хадуб халги ккун букIунаро гьезда. Гьекъолдулел, яги гьардухъ лъугьун шагьаралда терелел рукIинегIан, гьедин рукIунго лъикI гурищ гьел?

БокьичIого лъицаниги рачун рачIунаро гьел гьанире. Гурони хIисаб гьабеха дуцаго. Лагъ гIадин гьелгощинал соназ гьев хIалтIизавулев вукIун ватани, цо-кIиго соналдасан чвархъан вахъунаан гьев – хIал ккун, яги вакъун хун. Гьединлъидал кваназеги гьавулев вукIун ватула гьев, мухьги кьолеб букIун батула. Гурони кинав лагъ хутIулев гьединаб бербалагьигун 17 соналъ чIагого?».

«Альтернатива» абураб гIуцIиялъ Кирпич къотIулеб заводалда хIалтIулел рукIарал лагъзадерил цевеги гIемерав чи эркен гьавун вукIана. Исана сон байбихьарабго гьез хвасар гьавун вуго ункъо чи. Гьезул кIигояв эркен гьавун вуго Дагъистаналда. Гьел ккола тIадехун бицен гьабулев Ворнежалдаса Петр Никулинги, Ставрополалдаса Касаев Александрги.

Гьев ватун вуго Гъизляр мухъалда бугеб цо хъутада вехьлъун хIалтIизе тIамун. КIиго соналъ хIалтIаниги цо гъурущ щун гьечIила гьесиеян бицана Закир ИсмагIиловас. Низам цIунулел хIалтIухъабиги хIалае ккун гьесда кIун буго Касаев Александрие кьезе кколеб букIараб 100 000 гъурущ бахъизе гьесул хважаинасухъа.

XS
SM
MD
LG