МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда лагълъи жакъаги хутIулеб буго


200-ялдаса цIикIкIун лагъ эркен гьавун вуго волонтерал исана Дагъистаналда. Гьезда гьоркьоса гIемерисел ратун руго кирпич къотIулеб заводазда. Волонтеразул рагIабазда рекъон, гьанже лагъзал Дагъистаналде рачун руго Москваялдаса гуребги, цогидал кIудиял шагьараздасаги.

Гьал къоязда волонтераз эркен гьавуна Кочубеялда лагълъиялда вукIарав Саратов икълималдаса Герман Рагимов. Лагълъиялда гьес бан буго Дагъистаналда 14 сон. Лагълъиялда ругел гIадамазе эркенлъизе кумек гьабулеб «Альтернатива» багъа-бачариялда гъорлъ ругезе ватана Герман.

33 сон барав Рагимовасул гIагарлъи ва хъизан гьечIо. Детдомалда гIуравллъун кколаан гьев. 2000-леб соналда Герман школалда цадахъцIалулев вукIарав Сергейгун Москваялде рачIана Саратов иъклималдаса. ХIалтIи балагьизе жал рачIанин Москваялдеилан, бицун буго Германица «Альтернативаялъул» вакилазе. Вокзалалда гьезда аскIове вачIун вуго цо чи ва кIудияб харж щолеб хIалтIи бугин Дагъистаналдаилан абун буго гьес. Гьев чиясда кIун буго Германги Сергейги божилъизаризе.

Герман
Герман

Алексей
Алексей

Антон
Антон

Поездалда рекIизарун руго гьел кIиялго белталги росун. Поездалда гьел щвана Кизляралде ва гьениса гьел цогидал чагIаз маршруткаялдаги рекIизарун МахIачхъаялде щвезаруна. Гьебго къоялда Германги Сергейги ккун руго Каспийск шагьаралда гIагарда бугеб кирпич къотIулеб заводалде. «Заводалда рачIаралго абуна харж кодоб кьезе бугин хIалтIул сезон лъугьарабго. Гьоркьохъеб харж кинаб бугилан гьикъиндал, жаваб щвана «Водка босизе дуе гIезе бугин». ХIалтIизе разилъичIеб мехалда квешго рухана заводалъул хважаинасги, гьесул гIагарлъиялда чагIазги», - илан бицана Германица волонтеразе.

Заводалдаса Германги Сергейги лъутана кIиго анкьалдаса. Гьел щвана Гъарабудахкент мухъалъул Зеленоморск росулъе. Росдалчияс гьезие сордо бахъизе бакI кьун буго. Нахъисеб къоялда гьев чиясухъе щвана Гъарабудахкенталдаса цо чи. Камуфляжалъулаб форма букIанин гьесда тIадилан, бицана Германица. Гьев чияс Германидаги Сергейидаги хIалтIи кьезе бугин абун буго. Гьекъезарун руго гьел кIиялго гьес ва хадур гьел разилъун руго.

Анлъго сон бана Германица Гъарабудахкент росулъ. Гьевги Сергейги дов чиясул лагъаллъун рукIана ва кинабго хIалтIи - бокьорги, хуриги, рокъобги - гьез гьабулаан. 2002-леб соналда дов чиясухъе росдалцояв вачIун вуго цояв лагъ жиндие вичеян. Сергей гьечIого жив кивениги инарилан абун буго Германица. Ахир-къад, Сергей росулъа нахъе къотIана ва кив тIагIаравали лъалеб гьечIо. Германни дов чиясухъе хIалтIизе ун вуго.

Гьес бицаралда рекъон, гьесухъа паспорт бахъун буго ва вехьлъун хIалтIизе тIамун вуго. 2006-леб соналда гьев лъутун вуго. Нухда гьев ватарал чагIаз гьесда абун буго йилълъаян жидехъе хIалтIизе, гIарац-квенги кьезе бугин, тох теларин. Гьедин, Тарумовка мухъалда бугеб кошараялде ккун вуго Герман ва цо моцIидасан гьенисаги тIурун вуго.

Трассаялда гьев ватун вуго Кочубеялдаса чиясе. Гьес гьев жиндирго тукаде хIалтIизе вачун вуго. 2014-леб соналъул декабрь моцI щвезегIан гьенив лагълъиялда вукIана гьев. Гьесул хIакъалъулъ «Альтернатива» гIуцIиялъул вакил Закир ИсмагIиловасда лъан буго. Гьес эркен гьавуна Герман. ГIагараб заманалда Германги эркен гьарурал цогидалги рокъоре ритIине руго.

ИсмагIиловасул рагIабазда рекъон, гьезул багъа-бачариялъ исана Дагъистаналда эркен гьавуна 200-ялдаса цIикIкIун чи.

Закир ИсмагIилов: «200-ялдаса цIикIкIун эркен гьаруна. МухIканаб тарих абизе кIвезе гьечIо, щайгурелъул 200-ялдаса хадуб нижеца рикIкIизе цин рикIкIичIо. Гьал къоязда, мисалалъе, лъабгоял эркен гьаруна - Германги, кирпич къотIулел заводаздаса Антон ва Алексейги. ГIемерисел лагъал ратулел руго кирпич къотIулел заводазда. Исана эркен гьаруразда гьоркьосан гьединазул 80% буго. Гьанибго тIаде жубала, кирпич къотIулел заводазде лагъзал Москваялдаса гуккун щолел рукIун ратани цере, гьанже гьел щолел руго цогидал кIудиял шагьараздасаги. Мисалалъе, Самараялдаса, Саратовалдаса».

Каспийск шагьаралда гIагарда ругел заводаздаса «Альтернативаялъул» волонтераз гьал къоязда эркен гьаруна Владимир икъламалдаса Антон Бетехин ва Иркутск икъламалдаса Алексей Васюта. 23 сон барав Антон августалда гьекъезавун вуго Москваялда ва лъавуде вачIарав мехалда гьесда абун буго гьев Дагъистаналде щванин кирпич къотIизе. 27 сон барав Алексей октябралда щун вуго Дагъистаналда. Москваялда гьев божизавун вуго гьаниб лъикIаб хIалтIи бугин, амма кирпич къотIулеб завоздалда ккун вуго.

Гьел рукIарал заводалъул хважаиназе тамихI гьабизе кIвезе гьечIин абуна ИсмагIиловас. Щайгурелъул, эркен гьарурал лъагъзазда гьоркьоса гIарзаби толел къанагIат гурони ратуларо. Гьел гIарзабазда хурхун рагьарал такъсир гьабиялъул ишалги гIемерисала къазе ккола, щайгурелъул гIарзаби хъваралгун бухьен кквезе захIмат букIуна полициялъе. Щай абуни, иш бачун льугьинегIан Дагъистаналда чIоларо эркен гьарурал лъагъзал.

XS
SM
MD
LG