МагъчIваялъе рес

18 соналъ Дагъистаналда... лагълъиялда...


18 сон Дагъистаналда лъагълъиялда бахъарав Сергей Хливной
18 сон Дагъистаналда лъагълъиялда бахъарав Сергей Хливной

ГIадамал гъоркьлъалие росула террористаз. Щалха кколел гIадамал лагълъиялде руссинарулел? «Альтернатива» абураб гIуцIиялъ эркен гьавун вуго Дагъистаналда 18 соналъ лагълъиялда вукIарав Мурманск шагьаралдаса чи. Гьелъул нухмалъиялъул бетIер ИсмагIилов Закирица абулеб буго, гIадамал лагълъиялде росулез Дагъистаналъе зарал ккезабулин террористазго гIадинин.

Гьеб идараялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев ИсмагIилов Закирил рагIабазда рекъон республикаялда лагълъиялда вуго жеги дагьалдасан 10 азарго чи.

Москваялда бугеб «Альтернатива» абулеб лагълъиялде ккаразе кумек гьабулеб идара Дагъистаналда лъагIелгун бащадалъ хIалтIулеб буго. Гьеб идараялъул Дагъистаналда бугеб бутIаяялъул нухмалъулев ИсмагIилов Закирил баяназда рекъон гьебщинаб заманалда жаниб гьез 200 гIан чи эркен гьавун вуго. Гьел киналго цого къагIидаялъ ккун ругин Дагъистаналдейин абуни мекъи ккеларин абулеб буго Закирица.

КиналгогIадин гьел чагIи руго хIалтIи балагьизе Москваялде рачIарал батIиял шагьараздаса гIурусал, украинаялъулал ва белорусал. ХIалтIи къваригIун батани жидеца кумек гьабилинги абун гьелчагIазде аскIоре рачIунел руго чанго дагъистанияв. Гьез бигьаяб хIалтIиги, гIемераб гIарацги кьелин абун махсароде кколел руго гьел. Гьелдаса хадуб гьекъезеги гьарун кодоса документалги рахъун автобусалдаги рекIинарун Дагъистаналде ритIулел руго.

Ригьараб мехалда гьел гIадамазул тIокIаб нахъруссине ресгьечIого хутIулел руго. Кодор я документал, я гIарац гьечIел жал кирейин инелин абун гьез рачаралъурего унаанин бицунеб лагълъиялда рукIараз. Гьедин Дагъистаналде щвейгун гьезде данде рачIунел руго гьел ричун росарал гIадамал. Гьез автобус бачунев чиясеги кьолеб буго гIарац. Гьесда тIадаб хIалтIи кколеб буго нухда полициялъулазул суалал рукIунаредухъ гьел чагIи Дагъистаналде щвезари.

Гьедин данде рачIарал чагIаз гьел махсародеги ккун Дагъистаналде рачIине ругел гIадамал гIемерисеб мехалда кирпич къотIулел заводазда хIалтIизе тIамулел рукIун руго. Гьединго гIемер гьел дандчIвала гамачI бахъулеб, гьеб къачIалеб, цIул къотIулеб, гIи-боцIи хьихьулеб бакIалдаги. Кир ругониги бищунго захIматаб хIалтIуда гурони гьел чагIи рукIунарин бицана «Эркенлъи» радиоялъе ИсмагIилов Закирица.

Гьеб гIадамал лагълъиялде ккезабулеб къагIида къогогIан соналъ цебеги гьединабго букIин бичIчIулеб буго гьал къоязда «Альтернативаялъул» вакилзабаз Хасавюрт мухъалъул Къамиш-Гъутан росулъ лагълъиялда вукIарав Сергей Хливноясул бицаралдасан. Гьесул рагIабазда рекъон 18 соналъ Дагъистаналда лагълъиялда вукIун вуго гьев.

Сергей Хливной: «Астраханалде къачIазе гуми рачунев чи вукIана дун. Дирго гIагараб Мурманск шагьарлдаса рачунаан гьел. Гьеб букIана 1996 сон. КъачIазе гамаги тун, гьабураб хIалтIухъ щвараб гIарацги босун дунги дир гьалмагъзабиги гьелъул чура-хули гьабизе ана. Гьекъон-кванан лъикI ихтилат-кепги гьабун гьеб гIарацги гьоркьоб ана. Гьедин Астраханалда цо даргиязулгун лъай-хъвай ккана дир.

Гьел тIаделъана дитIе Дагъистаналда хIалтIизе вилълъаянги абун. Вилълъинарин дун рокъове эбелалъухъе ине кколин абулеб букIана дица гьезда, тIокIаб жо ракIалда гьечIо дида. Гьез гьекъезавиялъ дида дун кив вугев щиб гьабулеб бугебали лъалеб хIал букIинчIо. РекIеде вачIараб мехалда дун Каспий ралъдал рагIалда Дагъистаналда ватана. Гьедин ккана дун тIоцеве Каспийскалда букIараб кирпич къотIулеб заводалде».

Гьениб гьабураб хIалтIухъ я харж кьолеб букIинчIила жиндие, я кинал рукIаниги сахал шартIал чIезарулел рукIинчIила хIалтIизе, гьединлъидал гьениса тIуризе хIал бихьанин жинцайилан бицана Сергейица «Экренлъи» радияолъулгун букIараб гара-чIвариялда. Кодор я документал, я гIарац гьечIого тIурун гIемер рикIкIаде ун бажарун гьечIо гьесухъ. Нахъисеб къоялъ жив цо нухлул рагIалда кьижун ккараб бакIалдаса ккун вачун заводалъул бетIергьабаз нахъ вуссинавунин, тIурунин абун лъикI вухизеги вуханин бицана гьес.

Гьедин цин-циял заводазде вачун, гьенисан хурив хIалтIизе вачун, гIи-боцIи хьихьизе тIамун Дагъистаналъул батIи-батIиял мухъазде щун вуго Сергей 18 соналда жанив. Гьелщинал саназда жаниб жиндица 20 нухалъ хIалбихьанин тIуризе, амма хIасил ккун букIинчIин абулеб буго гьес. Чанги къо бихьанила жиндида Дагъистаналда вугевгIан мехалда, амма ГIахъуша росулъ Ибрагьимилан абурав чиясул дова вугебгIан захIматаб хIалалъ жив кивниги вукIинчIин, гьев гурони жинда рахас барав чи ккечIин бицунеб буго Сергей Хливнояс.

Сергей Хливной: «Дун тIуричIого вукIине боцIуда балеб рахсида ван толаан гьев чияс дун. Къад-къад мегIер-гIалахалда гьесул гIи хьихьизе унаан дун, къаси тIад вуссараб мехалда рахсидаги ван толаан гьес. Бащадаб лъагIелгIан мех бана дица гьениб, цо нухалда бетIергьаби сапаралъ араб мехалда мугIруздасан тIурана дун. КIиго-лъабго сордо къоялъ вилълъун щвана цо росулъе. Гьенив унтана дун, реччалъе ккун вукIана. Нухда квачаялъ ватилаха.

Вигьараб мехалда азарханаялда ватана, дида аскIор женжедилел цо полициялъул хIалтIухъабиги рукIана. Дагьаб мадар лъугьараб мехалда, гьелги тохгьарун тIурана дун. Гьедин Каспийскалде щварав дие полициялъул хIалтIухъабаз кумек гьабуна заманалъул документ гьабизе. Гьебги босун дун къватIивегIаги вахъине бегьулаан. Рокъове ине гIарац къваригIун букIана, гьеб щвезелъун хIалтIи балагьулев вукIарав дун Хасавюрталде щвана. Гьенив цо чагIаз кквезеги ккун росулъе вачана».

Гьедин Хасавюрт мухъалъул батIи-батIиял росабалъги хIалтIун ахиралда Къамищ-Гъутаналде щварав гьесда гIияда ватун вуго живго гIадин лагълъиялде ккарав цойги чи. Гьес «Альтернативаялъул» номерги кьун, гьеб идараялъул вакилзабаз эркен гьавун вуго Сергей. «Альтернативаялъул» Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев ИсмагIилов Закирил рагIабазда рекъон республикаялда жеги лагълъиялда вуго дагьалдасан 10 азарго чи.

XS
SM
MD
LG