МагъчIваялъе рес

ХIанчIи чIичIилел руго, эркенлъи доба бугин...


Сурталда квегIиса - Жаватхан ГIалиханов, квараниса - МухIмадсалам ГIумаханов. гьезда бакьулъ Расул ХIамзатов
Сурталда квегIиса - Жаватхан ГIалиханов, квараниса - МухIмадсалам ГIумаханов. гьезда бакьулъ Расул ХIамзатов

Басрияб альбомалъ гIемераб жо ракIалде щвезабула. Гьаб нухалда инсул суратазулъ квал-квадулаго ратарал суратацаги дун вачана ракIалде щвеязде. Дица цебе буго ЛъаратIа районалде щварабго бахъараб Расул ХIамзатовасул сурат. Расулилгун гьудуллъиялда ниж ругел соназда гьес гIемер бицунаан гьел сапаразул. Гьале цо-цо шагIирасул ракIалдещвеял:

"Дун тIоцеве Лъарат щун вукIана 1960 абилел соназда гIемерал рарал цIадаца росаби гIоралъ ун ругин рагIун. Вертолеталда Дагъистаналъул мугIрузда тIаса обкомалъул секретарь ГIабдурахIман Данияловгун воржунев дида цебе тIамулеб букIана бакIаричIеб бусен гIадаб маг1арул т1алъи, гIоралъ гьоркьоса рукъзал рахъарал росаби ва къваридал магIарулазул гьурмал. ЛъаратIа росдал цо берцинаб майданалда вертолет рещтIарабго нижеда данде рачIана кечI ахIулел ясалги, кьурдулел васалги, зурма-къалиги.

-Гьаб щиб роххел, къварилъи ккарабго загьир гьабулеб? Нуж сунца кечI-бакъаналде цIарал - ин гьикъана Данияловас цо гIолохъанчиясда.

- ГIоралъ ун руго, ГIабдурахIман Даниялович, росдал басрияб авалалдаса гьор-бокьалгун чанго рукъги, районалъул женсоветалъул минаги. Гьеле гьеб руччабазул рукъалдаса гIоралъ ине рекъараб бак1 районалдаго букIун батиларо - ян махсаро гьабуна гIолохъанчияс. Гьаб роххелги гIоралъ рукъзал ун бугеб гуро, нуж гьанир нижехъе рещтIиналъ бижараб буго - ян. Дие цIакъ рекIее гIун рукIана гьеб къварилъиялда аскIобги махсарогун ракI гIатIилъи цIунизе кIолел ЛъаратIа районалъул гIадамал.

КIиабилеб нухалъ дун ЛъаратIе щвана районалда цIа ккун бищунго кIудияб росу бухIун бугин рагIун. Гьаб нухалда дида цадахъ вукIана цIияв Дагъистаналъул бетIер МухIамадсалам ГIумаханов. ЛъаратIа добго майданалда нижеда дандчIвай гьабуна цевехун дида киданиги вихьичIев цIияв чияс. Гьев вукIун вуго ЛъаратIа районалда райкомалъул секретарьлъун тIамурав Жаватхан ГIалиханов. ГIолохъанав, вихьизе гьайбатав чи. ЦIакъго цо жинда жиндирго ракI чIарав чиясул вагъа-вакари бугоан гьесулъ.

- Гьеб цIа нужер агъаз гьечIолъиялъ, токалдаса ккун буго, кибе балагьун букIараб райком партия ва жавабиял хIалтIухъаби? - ян согIго ГIалихановасухъ валагьана обкомалъул секретарь ГIумаханов.

- Гьеб цIа жибго ккечIони нижецаго тIамизе кколаан, гьеб сабаблъунниги республикаялъул нухмалъи гьаб рикIкIадаб районалде магIарулазухъе гьоболлъухъ бачIине - ян цо бичIчIизе захIматаб жаваб реххана ГIалихановас. Гьеб букIана цояб рахъалъ, нуж гьалбал рукIун, нужехъ урхъун абураб магIна. Цогидаб рахъалъ - рикIкIадаб, реххун тараб, я нухал, я канлъи, я шартIал гьечIеб районалде, маг1арухъеги щвезе кколин нуж абураб. Щиб магIна гьел рагIабазул букIун батаниги гьединаб жаваб обкомалъул секретарасе кьезе кIолев чи къанагIатниги вукIун ватиларо доб заманалда. Гьев релълъарав вукIинчIо хутIарал райокомазул секретаразда, цIакъ таваккалав, лебалав чи вукIана. Дие гьев цIакъ рекIее гIуна вихьарабго ва ниж гьудулзаби лъугьана хадур. ГIемерисел министрал ва районазул бутIрул М-С. ГIумаханов жидедехун квешлъизе гурин дидаса рикIкIад чIолаан.(Диргун досул гьоркьорлъаби батIи-батIиял рукIана). ЦохIо ГIалиханов Жаватхан вукIана сундухъниги валагьичIого гьеб гьудуллъи ц1унулев чи" - ян абуна Расулица. Расулица Жаватхание сайигъат гьабураб кочIолъ рукIана цо гьадинал мухъал:

ГIалиханов, рилълъинищ

ЛъаратIеги, ЦIунтIеги?

Гьал гьерсил кабинетал

Канцелярал жалго тун.

Гьаниб гьаб шагьаралда,

ЗахIматаб хIалкъей буго.

ХIанчIи чIичIилел руго ,

Эркенлъи доба бугин" - абурал.

Гьал мухъазги рагьулев вуго Жаватхан щиб хасияталъул чи вукIаравали. Районалда гьесул рахъалъ батIи-батIиял пикраби руго. Киналго нухмалъулезул хIакъалъулъго гIадинха. Цояз гьев рикIкIуна диктатор, хъачIав, бер къанщичIого пачалихъалъул цагъринибе кверги бегьулев, жииндир тIадчилъиги бокьухъе хIалтIизабулев чи. Цогидаз абула къанагIатаб иманалъул ва бихьинчилъиялъул инсан вукIанин. МахIачхъалаялде щварабго бащдаб машина сайигъаталгун киналго больницабазда районалъул гIадамал рихьизе хьвадулев, доб заманаялда рищиял гьечIониги, гьел гIадамазда бараб жо гьечIониги, цохIо Аллагь разилъиялъул мурадалда. Сверухъ "Аллагь гьечIо"ян (астагъфируллагь) ахIтIолеб дунял букIаго какги барав, Къуръан цIализе ЦIоралде лъималги ритIарав, республикаялда рикIкIунев ва къадруялда вукIарав цевехъанлъун вукIанин. ЦохIо гьаб дида архивалда батараб сураталъги рагьулеб буго нилъее щив чи вукIаравали ГIалиханов Жаватхан. Гьав кIиго кIалъалев чиясул кинав обкомалъул секретарь, кинав райкомалъул секретарали лъалеб хIал гьечIо. ХIатта къосинецин рес буго. Чан вукIун ватилев, яги жакъа вугев гьав гIадин таваккалго, каранда кверги лъун, бадивеги валагьун республикаялъул бетIергун кIалъазе кIолев нухмалъулев Дагъистаналда?

Хабар лъикIаб рагIайги.

=======================================================

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG