МагъчIваялъе рес

Салафиязул ва полициялъул ресал


МахIачхъала. Полициялъулаз сверун ккураб салафиязул мажгит.
МахIачхъала. Полициялъулаз сверун ккураб салафиязул мажгит.

«Салафитазе камуна тарихияб рес» ян абураб макъала загьирабун буго гьалкъояз onkavkaz.com абулеб сайталда. БукIанищ гъозул гьадинаб рес?

Рехсараб цIаралда гърокь загьирабураб макъалаялда авторас абулеб буго тIалъиялъ салафитазде тIадецуй гьабизе байбихьанин гъозул политикияб асар дагьлъараб мехалда. БитIарабищ гьеб? Гьаб суалазе жаваб балагьизегIан, рачIезин 1990 соназул ахIвал-хIалал ракIалде щвезабизе.

КигIан захIматал сонал гьел рукIаниги, доб заманалда унгоги салафитал рагьараб къагIидаялда жидерго хIаракатчилъи гьабулаан. ГIуцIун рукIана гIемерал данделъаби кIиябго рахъалъул. Ай – жалго салафитазул ва тарикъатчагIазул. Гьоркьор лъун рукIана Ислам диналъул кIвар цIикIкIарал суалал. Байбихьуда гьел дандралел рукIана гIодобе биччараб куцалда. Амма дагь-дагь ккун паракъалъи лъугIана.

«Россиялъул бусурбабазул цолъиялъул» бетIерлъун вукIарав Хачилаев Надирица къасд гьабуна гьоркьохъанлъун вахъун, байбихьулеб питна рагIалде бахъинабизе. Амма доб данделъиялда бахъараб дагIба-къец гьесда хIалица кIвана лъугIинабизе.

КIиябго рахъалъ цоцаде бакIал гIайибал гIунтIизарулаан. Салафитаз абулаан Аллагьасда ва бусурбабазда гъорлъ шайихасул гьоркьохъанлъи къваригIун гьечIин, хварал шайихаздаса кумек гьаризе бегьуларин, гьеб унго-унгояб ширк бугин, ва цогидал.

Жиндир иргаялда тарикъатчагIаз абулеб буго вагьабия гьеб бугин ингилизазул жасусаз ургъараб малълъи бусурбаби бикьун, гьел цоцазде гьуссинари мурадалда тIибитIизабураб.

Рехсараб макъалаялъул авторас абулеб буго Республикаялда бидулаб дандечIей багъарун букIанин, салафитаз официалияб тIалъиялде ва Динияб идараялде данде къеркьей байбихьун хадусала. РакIалде щвезаризин цогидал лъугьа-бахъинал.

1998 соналда ахIвал-хIал лъазаби мурадалда Россиялъул премьер-министр Сергей Степашиница сапар бухьана Дагъистаналде. Карамахи росулъ доб соналда салафитаз шаргI тIад чIезабуна. Росдал гIадамаз Степашинил кIудияб хIурмат гьабуна ва сайгьаталъе буртина кьуна. Сергей Степашиница хадуб журналистазде абуна, вагьабиял – лъикIал, гIадатиял гIадамал ругин.

Кинабго хисана 1999 соналда Басаевасул ва Хаттабасул къукъаби Дагъистаналде тIаде кIанцIараб мехалда. Довго Степашиница телевидениялдаса баян гьабун, абуна жив хIинкъулев вугин Дагъистан камизе бегьулеблъиялдаса.

Степашин хисун, премьер-министрлъун вахъарав Владимир Путиница, Дагъистаналде хващтIан сапар бухьун, гIаксаб пикру загьирабуна: «Дагъистан букIана ва букIине буго Россиялъул Федерациялъул субъектлъун».

Доб къокъаб рагъ лъугIун хадуб, Дагъистаналъул парламенталъ къабул гьабуна «Вагьабия ва цогидаб экстремистикияб хIаракатчилъи» гьукъулеб къанун. Гьелда релъараб къанун гьанжелъагIан гьечIо Россиялъул цониги субъекталда.

Гьелде данде чIун рукIана инсанасул ихтиярал цIунулел хIаракатчагIи ругелги – Россиялъул официалияб Динияб идараялъул цо-цо рухIаниялги. Масала Россиялъул муфтиязул Шураялъул бетIер Равиль Гьайнудин.

Гьеб къанунги, салафиязда хадуб гьабулеб хал кквейги гьес какана дол соназда «Независимая газетаялъе» кьураб интервьюялда. Амма тIадтаразул батIияб пикру букIана ва гьел гьеб пикру гьанжелъагIан гьез хисичIо.

Гьединлъидал салафиязул тарихияб шанс букIана, ян бегьулищ абизе? Бегьуларо, букIинчIо гьадинаб шанс, ян абуна нижер радиоялъе цо гIолохъанав бусурбанчияс.

Амма кIудияб шанс кьун бугоан низам-цIунулезе, бусурбабазде чан гьабизе рес кьолеб къанун къабул гьабун хадуб. Гьелъие далил хIисабалда гьолохъанав бусурбанчияс бачана жиндирго хIукму – жиндир гьаракьги эфиралде кьоге, цIарги абуге. Щайин абуни, республикаялда хIатта ракълилал салафитаздецин унго-унгояб чан гьабулеб бугин низам цIунулез.

XS
SM
MD
LG