МагъчIваялъе рес

Стамбулалда унеб буго исламияб данделъи


Дунялалъулго бусурбабазул гIалимзабазул цолъиялъул генералияв секретарь ккола МухIидин Ал-Къарадагъи. Гьесул нухмалъиялдалъун Туркиялда гьабулеб данделъиялда гIахьаллъулел руго Россиялъул 12 регионалдаса диниял вакилзаби. Гьездаго гъорлъ Дагъистаналъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевги.

Гьеб данделъиялда гьоркьоб лъураб аслияб суал ккола дунялалда бусурбабазда данде гьарулел ругел мекъал жал, би гIодоб тIолеб букIин, хасго Палестинаялда. Гьеб данделъиялда гIахьаллъарав Чачан Республикаялъул муфти СалахI –хIажи Межиевас кьураб баян буго интернеталда.

Масала, гьес абулеб буго цо-цо диниял гIуцIабазул идеологиялъ сунде рачунел ругелали бихьулеб бугила. Экстремистазул ахIиял тIадбалагьун берцинал ругила, амма гьарулел ишал бидулал ругила. Гьединлъидал жал данде ругила вагьабиял ратаниги, гьездаги, «Вацал бусурбаби» ратаниги, гьездаги.

Чачан Республикаялъул нухмалъиялда бичIчIулила цо-цо диниял гIуцIабазул зарал, гьединлъидал жидер республикаялда гьезул хIаракатчилъи гьукъун бугила жидеца. Гьеб буго Чачан Республикаялъул муфти СалахI –хIажи Межиевасул баян.

Стамбулалда тIобитIулеб исламияб данделъиялда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасул рахъалдасан баркала кьуна республикаялъул муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевас дунялалъулго бусурбабазул гIалимзабазул цолъиялъул генералияв секретарь МухIидин ал-Къарадагъие баркала кьуна.

Дагъистаниязда гьоркьоб диналъул мухIканлъи бичIчIизабуралъухъ кьураб баркала буго гьеб аслияб куцалда.

Катаралдаса гIалимчи, шайих МухIидин Къарадагъи Дагъистаналде вачIун вукIана кIигониги нухалда. Масала, исана 6 марталда МахIачхъалаялда тIобитIана исламиял ихтияразул бицараб конференция.

Гьес гьенир жавабал кьуна гьабсагIаталда диналда тIасан республикаялда рижулел аслиял суалазе. Масала, жигьадалда тIасан.

Жигьадалъеги батIи-батIиял чагIаз батIи-батIияб магIна кьолеб бугин абуна шайихас. Гьединлъидал питнаги жибго тун, цIилъиялдеги, лъикIлъиялдеги рачIине кколила нилъ.

ТIарикъатчагIазда хадур рилълъунарел бусурбабазул цо-цояз абула Къарадагъица Россиялъе данде кколел фатваби кьолел ругилан. Гьелда бан гьадинаб мухIканлъи гьабулеб буго Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул хIалтIухъан МухIамадрасул ГIумаровас.

МухIамадрасул ГIумаров: «Россиялъе данде кколеб куцалда гуро фатва кьолеб, Къуръан-хIадисалдаса кьучIги босун кьола. Ракълилги рагъулги ракь абураб жо букIуна. Гьедин Россия жакъа къоялда ракълилаб ракь бугин, гьелъие гъазаваталъул шартIалги гьечIилан рикIкIана гIалимчияс».

Стамбулалда тIобитIулеб дунялалъулго бусурбабазул гIалимзабазул данделъиялде тIадруссани, исанагIан гIемер гIалимзаби киданиги гIахьаллъун рукIинчIин гьединаб мажлисалдаян абулеб буго гьелъул гIахьалчагIаз. Гьелъул магIна кколила дунялалда исламалъул кIвар цIикIкIунеб букIин.

XS
SM
MD
LG