МагъчIваялъе рес

"Хасал" мажгитал ва хасал тIалабал


8 октябралъул сардилъ МахIачхъаялъул «Пальмира» мухъалъул мажгиталъул кIалтIа полициялъул хIалтIухъабазулги, мажгиталде хьвадулездаги гьоркьоб квешаб кIалъай ккун буго. Гьелъие гIиллалъун лъугьун буго низам цIунулел цIидасан гьеб мажгит къазе лъугьин.

Гьедин 4 абилеб октябралъул радалалде мажгиталъул маххул нуцIа, рагьун бажарулареб хIалалъ регъон батун букIун буго гьенире какде рачIаразда. Гьезул щаклъи букIана гьеб иш полициялъулаз гьабун батиялда. Гьедин букIаниги микьабилеб октябралда жидецаго рагьун нуцIагун цIидасан гьеб мажгиталде хьвадизе лъугьун руго гIадамал. Амма гьебго къоялъул къасиялде гьенире щварал полициялъулал цIидасан гьеб къазейилан лъугьанин бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб мажгиталде хьвадулев журналист Идрис Юсуповас.

Идрис Юсупов: «Гьаб сагIатги гьеб мажгит низам цIунулез къан буго, гIадамалги гьениса нахъе ун руго. Гьаб нухалда регъечIо гьеб нуцIа, кIулаз рахан тун буго. ГIадамаз щайин гьеб къалебилан абун цIехараб мехалда низам цIунулел гаргадана гьаниса гIадамал Сириялде унел ругила, гьанир киналго вагьабиял ракIарулел ругин, экстремизм тIибитIизабулеб бугин гьанибилан абурал баянал ругин жиндихъилан.

Гьел баянал уяллъун гьарулел далилал рицейилан абураб мехалда гIадамазда тIаделъун руго полициялъулал. Гьаб къануналде данде кколаредухъ бараб бакI бугила, щибилан нуж гаргаданиги гьаб къачIого тезе гьечIила жидецайилан гаргадана гьеб полициялъул къокъаялъул кIудияв. Гьеб мажгиталъул рукIине кколел документал жиндида рихьизегIан гьениве вачIанщинав чи кквезе вугила жидер хIалтIухъабаз, полициялъул бутIаялдеги вачун гьенив чIезавизе вугин».

Гьеб мажгит къаялдаса кутакалда разигьечIого руго гIадамал, гьеб мухъалда тIокIаб мажгитги рагIуларо, бищунго аскIобегIан бугебги лъелго ун щолеб бакIалда гьечIин абулеб буго гьез. Гьеб мажгитги гьеб мухъалда гIумру гьабун вукIарав чияс киридахъ кьураб ракьул бутIаялда бан букIун буго 10-15 соналъ цебе. Гьенир аскIоса-гIебеде гIумру гьабун ругел гIадамаз жидецаго ресги балагьун, жидерго бажариялдалъун бан буго гьеб.

Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъухъан гьеб ишалда хурхун баян щвечIо «Эркенлъи» радиоялъухъе.

Гьединго полициялъулазул хIалтIудаса разигьечIолъи загьир гьабулеб буго МахIачхъалаялда 7 октябралда чIварав МухIамадов Шамилил гIагарлъиялъги. Низам цIунулезул баяназда рекъон ГIахъущиясул къотIносан ине вукIарав МухIамадовасда а полициялъулаз документал рихьейилан абураб мехалда гьев кьвагьдон вуго гьезде, данде кьвагьараб жоялъ низам цIунулез чIван вуго гьев. Нахъисеб къоялъ Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ лъазабуна чIварасухъ кодоб гранатаги, таманчаги гьелъул гулбиги ратанилан.

Гьединго хасал хъулухъазул вакилзабаз лъазабуна Шамиль МухIамадовас къуваталъул идарабазде тIадекIанцIи гьабиялда, гIадамал рикъиялда, изну гьечIого яргъидгIуцIаразул къокъаялъул гIахьалчи вукIиналда щаклъиги букIанилан. Амма гьев чIварасул гIагарлъиялъул батIияб пикру буго гьеб лъугьа-бахъаралда тIасан. Гьез лъазабулеб буго низамцIунулезде гьев кьвагдезе рес букIинчIилан, гьез кинабго ургъун бахъанилан абулеб буго гьесул гIагарав чи МухIамадов ХIажица.

ХIажи МухIамадов: «Гьев тукаде лъимадуе памперсал росизе ун вукIана. Гьев чIвараб бакIалда бахъараб сураталдагицин гьесда аскIоб буго памперсал жаниб лъураб къвачIа. ТIаде балагьун бихьулеб буго гьев рокъоса гIебеде ретIунеб футболкаги, рачелгицин бачIого тIажуги ретIун къватIиве ун вукIараблъи.

Киб бакIалда гьес гранатаги туманкIги бахчизе кколеб букIараб ? Бокьарааб гьабула ва бицуна гьел къуваталъул идарабаз. ТIад къараб жинс тIаждал чвантиниб кин граната лъолеб, туманкI киб бахчулеб, гьеб ярагъги босун хъурщулел жалги малъалтIа чIванищ гIадамал тукаде унел. Тукадаса вуссун вачIунев гьев нухда чIун букIараб автомобилалда аскIосан унаго гIодов ккун вуго, гьев вортун ине гордухъан мадугьалалдаги вихьун вуго.

Гьелдаса хадуб автомобилалъуса маскаби ххурав чанго чи къватIиве вахъун вуго ва гьесул кодоб таманча лъун буго гьез. Гьесул килищки танчил кIиликIалда цвизабун цо нухалда кьвагьун буго гьеб. Гьелдаса хадуб чанго нухалъ ракьулъе жидиерго тунчуца чанцIулго кьвагьун буго гьез».

Гьеб низам цIунулезул гIорхъолъа арал ишазул бицун республикаялъул прокуратураялде гIарзал хъвазе хIадулел руго чIварав МухIамадов Шамилил гIагарлъи.

XS
SM
MD
LG