МагъчIваялъе рес

М. Пашаев: " Дербенталъул мэр вищиялъул суалалда ГIабдулатIиповасул тIадецуй буго"


Маир Пашаев, Дербенталъул мэрасул хъулухъалде кандидат
Маир Пашаев, Дербенталъул мэрасул хъулухъалде кандидат

30 октябралда тIоритIизе кколел Дербенталъул мэрасул рищиязда кандидатлъун вугев экономист ва журналист Маир Пашаевас Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасда тIасан прокуратураялде гIарза хъван буго. Гьеб хъвялъе гIиллалъун ккун буго, Пашаевасул пикруялда рекъон, ГIабдулатIиповас жиндирго хъулухъалдаса ва ресаздаса пайдаги босун Дербенталъул нухмалъуде Малик Баглиев тIамиялъе хIалтIаби гьарулел рукIин. Баглиев ккола Дагъистаналъул захIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министр.

Дербенталъул мэрлъуде кандидатазул халгьабулеб комиссиялъул хIалтIул ахирисеб къоялъ 21 октябралда гьенире документал кьуна Малик Баглиевас. Гьел кандидатасул сихIалда вуго кинавниги I8 чи, гьаб сагIат Дербенталъул бетIерлъун вугев Азади РахIимов гьезда гьоркьов гьечIо.

Октябралъул байбихьуда Дагомыс шагьаралда «Вся Россия» абураб журналистазул форумалда Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабун букIана гIагараб заманалда Дербенталъул мэрлъун Малик Баглиев тезе вугилан. Гьеб дандеруссиналда республикаялъул бетIерас Баглиевасда цIар чIвай гурони, официалияб къагIидаялъ гьеб суалалда тIасан кинаб букIаниги лъазаби гьабичIо гьес.

БукIинчIониги, гьеб лъазабиялдаса хадуб гьелдаса разигьечIезул гIемераб багъа-бачари лъугьана. Бищунго цIакъ гьеб лъазабиялдаса разигьечIолъи загьир гьабулев вукIарав Пашаевасул рахъккун кIалъалел экспертазги лъазабулеб букIана ГIабдулатIиповасул гьеб лъазаби дербенталъул шагьаралъул депутатазде тIадецуй гьаби бугин ва гьеб иш къанун ва шагьаралъул устав хвезабилъун рикIкIине бегьулилан.

Дагъистаналъул бетIерас Дербенталъул мэрасул хъулухъалда сверун гьабулеб сиясаталдаса разигьечIел гIеезегIан рукIаниги, рагьун гьесде дандечIей цохIо Пашаевас гурони гьабулеб гьечIо. Мэрлъиялде кандидатура лъурав I9 чиясул цохIонигияс Пашаевас ГIабдулатIиповасда тIасан хъвараб гIарзалъул рахъккун гьечIо я жидецаго кибениги гьединаб гIарза хъван гьечIо.

«Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Маир Пашаевас бицана жиндица гIарза цохIо ГIабдулатIиповасдасан гурониги живго Малик Баглиевасда тIасанги хъван бугилан.

Маир Пашаев: «Дун гьаб сагIат диваналде гIарза хъвазе баянал ракIарулев вуго. Дица Рамазан ГIабдулатIиповасдасан гIарза прокуратураялдеги Россиялъул прездентасдеги хъван буго. Диваналдеги кьезе вуго дица гьев. Гьесдаго цадахъ Баглиевги кьезе вуго, щай гурелъул гьесги Дербенталъул мэрасул хъулухъалде кандидатал рищулеб конкурсалъул чанги тIалабал хвезаруна. Гьадин босани гьеб тIасан гIарза хъвазе чагIи чанги руго.

Гьездаго гьоркьов Хизри ШихсагIидовгиха. 22 октябралда гьев Малик Баглиевги вачун Дербенталдеги вачIун шагьаралъул депутатазулгун хIалтIул рахъалъ дандчIвай гьабулеб бугин абулеб букIана. РакIалдаго гьечIого гьабулеб данчIвай кинаб букIунеб ? Лъиданиги лъазеги гьебичIого цIогьохъегогIадин депутаталги ракIарун официалияб тадбир бугин гьебилан харбалги рицун, гьезде тIадецуй гьабизе вачIун вукIана гьениве Хизри ШихсагIидов».

Жанубияб Дагъистаналда хурхарал суалазда тIад хIалтIулев журналист МухIамад ХанмухIамадовас абулеб буго Маир Пашаев тIалъиялъ гьабулеб къанунхвезабиялда данде вахъин битIараб хIалтIи бугила, амма гьесул дандечIеялъул хIасил ккеялда жиндир щибго божилъи гьечIин абураб пикру загьир гьабулеб буго журналистас.

МухIамад ХанмухIамадов: «Нилъер киналго депутатаз гьезда гьабейин абураб жо гьабула. ЦохIо дербенталда бугеб жо гуро, тIолабго республикаялда букIуна гьедин. Гьединлъидал кигIан цIакъ тIалъиялъ къанун хвезабулеб букIаниги, тIадецуй гьабулеб букIаниги гьелде данде жо къанагIатав чияс абула. Нагагьа данде рахъарал ругони гьезул рахъкколев чиги вукIунаро, гьединлъидал гьезул киналго хIаракаталги хIурудахъ уна. КигIан цIакъ гьаб сагIат Маир Пашаев яги цойгидал дербенталъул мэрлъиялде ругел кандидатал гIарзаххине лъугьаниги, ахIи-хIурал гьаризе лъугьаниги, тIалъиялъ цIар чIварав чи гурони гьенивеги вачIунаро. Гьаб сагIат гьединав чи Баглиев вугелъул гьевги вукIина шагьаралъул нухмалъуда».

Гьединго журналистас абулеб буго Дербенталда гIумру гьабун ругел щибаб миллаталъул гIадамазе жидерго чагIи къваригIун рукIунилан нухмалъуда, амма гьанже гIемерисез абулеб бугила щив вукIаниги кIваричIин бажари бугев хIалтIи гьабун бажарулев чи вугонийилан. 21 гIасруялда шагьаралда гIадамазе рукIине бегьуларел шартIазда гIумру гьабун ругила гьаб сагIат Дербенталъул 70 процент, 2000 сон тIубаялде шагьаралда къачIараб чанго къватIалъ гIадамазул гIумру лъикIлъизабичIила, аслияллъун ругел лъел нухазул суал цебего гIадин тIубан гьечIин бицана журналистас. Дербенталда жеги-жеги анкьида жаниб цо-кIиго къоялъ кIиго сагIаталъ гурони лъим бачIунарел бакIал цIакъго гIемер ругин баян гьабуна гьес.

XS
SM
MD
LG