МагъчIваялъе рес

«Дагъистаналда ритIухълъи батулеб гьечIо, Москваялде сапар бухьине ккезе буго..."


Эрадил Асановасул яцал гъоркьиса тIобитIараб митингалда
Эрадил Асановасул яцал гъоркьиса тIобитIараб митингалда

6 октябралда лъагIел сверула Нугъай мухъалъул жанисел ишазул идараялда полициялъул хIалтIухъанас 22 сон барав Эрадил Асанов чIваралдаса.

Гьеб такъсир гьабуралдаса тIубараб сон аниги жеги гьеб ишалъе гIайибиязе кинаб букIаниги тамихI гьабун гьечIо. Асанов чIваялда щаклъи бугев полициялъул подполковник Сайпулакъади Жамалудиновги къуваталъул идарабаз ккун гьечIо жеги.

Эрадил Асанов чIван вукIиналда бан такъсиргьабиялъул иш рагьун букIин гурони, гьев чIваялъухъ такъсиргьабиялъул иш Жамалудиновасда тIад рагьун гьечIо. Гьесда тIад гьабун буго цохIо хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялда хурхун иш. ЦIех-рех лъугIун бахъинегIан гьесда бан хIукму къотIизе гьабулеб цониги диваналдаги Жамалудинов гIахьаллъичIо. Гьесул адвокатас лъазабулеб буго гьев кванирукъги унтун азарханаялда вегизавун вугилан.

Амма чIварав гIолохъанчиясул гIагарлъиялъ лъазабулеб буго Жамалудиновасул сахлъиялъе щибниги къварилъи бугин абураб жоялда жал божуларила. Гьединал жалги гьарун гьев тамихIалдаса ворчIизавиялъе нухал ралагьулел, заман цIа-цIалел ругила Дагъистаналъул къуваталъул идарабабазул нухмалъулел.

Эрадил Асанов чIварав полициялъуласе букIине кколеб тамихI гьабейин абун тIалаб гьабун Нугъай мухъалъул гIадамаз чанцIулго тIоритIун рукIана кIуди-кIудиял митингалги. Гьездаса хадуб гIадамал гIодоре риччаялъе жал гьаризе лъугьанила цIех-рехчагIийин абулеб буго чIварасул гIагарлъиялъ. Гьедин жал тIаса рихьиялъе ххвелал гьарун гурони букIине кколедухъ хIалтIи ва цIех-рех гьабизецин лъугьинчIила гьел.

Дагъистаналда гьеб иш рагIалде бахъунареблъи ва гьеб лъугьа-бахъиналъе букIине кколеб къиматги кьолареблъи, гIайибиязе тамихIги гьабулареблъи бичIчIанила жидеда гьединлъидал гьеб иш нужерго берлабагьиялде гъоркье босейин абун тIалаб гьабун Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул цIех-рехчалъул идараялдеги хъвадарун рукIана гьел.

Гьезул гьариялда рекъон Дагъистаналъул цIех-рехчагIазухъа нахъеги босун Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул прокуратураялъги, цIех-рехалъул идараялъги хал гьабулеб букIана гьелъул чанго моцIица. Гьедин чанги къоги бихьун федералиял цIех-рехчагIазухъе кьун букIараб гьеб иш гьанже цIидасан Дагъистаналде тIадбуссун битIун бачIун бугин абун ццин бахъун вуго чIварасул вац Ринат.

Ринат Асанов: «Кире лъихъе кагътал нижеца ритIаниги гьел тIадруссун Дагъистаналъул хасал идарабахъе рачIуна тIад руссун, гьез дихъе ритIун рачIуна. ЛъагIалица гьанире доре кагътал хъвазе тIами гурони гьел къуваталъул идарабаз нижее щибниги пайда гьабичIо. Гьеб ишалъе кIвараб квалквал гьабуна гьез цохIо.

ГIемер къоги бихьун, чанго къоялъ иргаялдаги чIун Шималияб кавказалъул федералияб округалъул прокурхисулехъеги ун гьесда гьарун гьезул бербалагьиялда гъоркь букIараб Эрадил чIваялъул иш, цIидахъан гьанже Тарумовка мухъалъул цIех-рехчагIазухъе кьун буго. Гьелъие гIилла рагIула гьеб федералияб кIвар бугеб иш гьечIолъи. Гьаниб букIун киданиги гьеб ишалъул хIасил кколареблъи лъала дида. Кин гьелъул хIасил ккелеб лъагIалица дуниял тирулев вугелъул дир вац чIварав чи.

Нужеца щиб гьабуниги гьев Сайпулакъадие щибниги тамихI гьабуларила, Дагъистаналъул жанисел ишазул министр жидер гIагарав чи вугилан абун, нижеда кIалал гьикъулел, ниж хIинкъизаризе лъугьун рукIин гурони букIине кколедухъ жидеда тIаса лъугьайин абизецин рачIинчIо гьезул чагIи.

Нижецаги журналистазги ахIи бахъинабураб мехалда динияб идараялдаса чагIиги цере къотIун рачIине руго маслигIат гьабизейилан. Кинаб маслигIат букIунеб чи гьеб жинцаго гьабураб жоялъе мукIурлъулев гьечIеб мехалда.

Кин гьесда тIаса лъугьинел. Дун лъагIел сверизегIан чIун вукIана щиб гьеб ишалъул кколебали бихьизе. Гьанже гьелъул гьаниб щибго цебетIей букIунареблъи лъала дида. РитIухълъи тIалаб гьабун дун гьанже ине вуго Москваялде, Останкиноялде ине гьениб телевидениялда гIинтIамилин дихъилан хьул буго. Гьелъулги жо ккечIони БагIараб майданалда ракъунчIей лъазабизе буго дица».

Гьеб Асановасул иш кибе щун бугебин цIехезе Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Темирбегов Расулихъе жакъа чанцIулго ахIаниги гьес жаваб кьечIо. КIиго къоялъ цебе гьеб иш ккаралдаса лъагIелги анин нужеца щиб хIалтIийин гьабурабин абураб мехалда Темирбековас абуна гьедин бачIинахъего баян кьун бажаруларила жиндихъа, нухмалъигун дандбазе кколила гьеб иш.

Гьединго тIад вуссун цIехана гьес кидайила гьеб иш ккаралдаса лъагIел унебилан. 6 октябралда унин абураб мехалда гьеб къоялъ ахIейила гьеб лъагIел свериялда бан кинаб букIаниги баян кьолеб батилила жидер идараялъин, амма щвечIо гьезухъан кинаб букIаниги баян.

XS
SM
MD
LG