МагъчIваялъе рес

ЦIидаса полициялъулазухъе ккарав чи хвана, цIидаса Нугъай мухъалда


Нугъай мухъалда полициялъулаз ккурав чи хун вуго, гьезул лъазабиязда рекъон, унеб автомобилалдаса лъутизе хIалбихьулеб мехалда. Гьеб хIужжаялъул бицунаго, нижер мухбир Закир МахIмадовас кIвар буссинабулеб буго, республикаялда полициялъулазул гIахьаллъигун ккарал лъугьа-бахъиназда хурхун цIех-рех щвалде щун гьабулеб гьечIеблъиялде. Авторас гьелъие бачунеб буго чанго мисал.

Ногъай мухъалда хун вуго полициялъ ккурав чи. Низам цIунулезул баяназда рекъон, Баранчи росулъа гьев чи ккуна гьес гIумру гьабулеб минаялда жанив. Гьесул чIужуялъ ахIун буго полициялде жий гьекъарав росас юхулей йигин.

«Гьев чи низам цIунулез ккуна ва автомобилалде жанивеги лъугьизавун вачунев вукIана полициялъул идараялде. Гьекъон вукIарав чияс хIалбихьун буго машинаялдаса тIуризе. Хъамун унеб автомобилалдаса къватIиве кIанцIана гьев. Гьесул бетIер квшего тункун буго асфальталда. Азарханаялде вачунаго хвана гьев», - илан бицана Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда.

Гьеб лъугьа-бахъиналда сверун республикаялъул МВДялъ хасаб цIех-рех рагьана. Полициялъулазул рукIа-рахъин тIаса ккараб букIарабалищали чIезабизе буго цIех-рех чагIаз.

РакIалде щвезабила, ногъай мухъалъул полициялъул идараялда цодагьалъ цеве чIвана Эрадил Асанов. Гьев чIваравлъун рикIкIунев полициялъуласда тIаса рагьана такъсир гьабиялъул иш. Амма Асановасул гIагарлъиялдаса чагIаз абухъе, гьесул ишалда хурхун букIине кколедухъ цIех-рех гьабулеб гьечIо.

Гьеб лъугьа-бахъиналъе низам цIунулез кIвар кьолеб гьечIилан чанги нухалда митингалги тIоритIана Терекли-Мектебалда. Тадбиралда гIахьаллъараз Россиялъул ва Дагъистаналъул тIалъиялдеги, къуваталъул идарабазул нухмалъиялдеги хитIабалги ритIун рукIана. Амма, Асановасул гIагарлъиялдаса чагIаз абухъе, гьез щибго хисичIо.

Халатбахъунеб буго гьединго МухIарамкент мухъалдаса бизнесмен Насир Джавадов хвеялда тIаса рагьараб цех-рехги. 20I3 соналда хвана гьев полициялъулаз ккун хадув. МВДялъни лъазабун букIана, МухIарамкент мухъалъул нухмалъулев Абрек ХIажиев чIваялда хурхун рагьараб такъсир гьабиялъул ишалъул тадбирал тIуралаго ккунин Джавадов.

«Министерлъиялъул минаялда Джавадовгун цIех-рех гьабулеб мехалда, гьесул рекIел хIал хисана. Тохтурал ахIана гьесухъе, амма гьел щвелалде Джавадов хвана ракIги чIун», - илан лъазабуна МВДялда.

Бизнесменасул гIагарлъиялдаса чагIазул рагIабазда рекъон, Джавадовасе низам цIунулез гIакъуба кьуна, гьезие бокьун букIана гьесул бизнес кодоб босизе. Азербайжаналъулги Дагъистаналъулги гIорхъиялда аскIоб букIана Джавадовасул гостиница, тукен, автомобилал чIолеб бакI. Гьесул гьеб бизнесалда бер лъурав чанги чи вукIанин, абулеб буго гIагарлъиялъ.

Джавадовазул адвокат Елена Денисенкоца бицана «Эркенлъиялъе» цIех-рех чагIаз полициялъул тIаса ккараб гьеб ишалда хъинтIун рагьараб материал чанги нухалда къан букIанин. ЦIех-рехалъул материалал низам цIунулез кьолел рукIун гьечIо адвокаталъухъе.

Елена Денисенко: «Щай полициялъулазда хурхун такъсир гьабиялъул иш рагьичIого тарабали рехсарал материалал дихъе кьеян чанги нухалда гIарза хъван букIана цIех-рехалъул идараялде. Диваналдеги кьуна гIарза. Диваналъ гьеб къабул гьабуна. Амма диваналъул хIукмабазда гIинтIамулел цIех-рех чагIи рукIаралани Дагъистаналда. Материалазул бащдал гурони документал щвечIо дихъе. Джавадов хваралдаса гIемер заман ана, амма гьесул хвеялда тIаса маилан росун ракIарарал хIужжаби гьечIо цIех-рех чагIазул. Гьелдалъун гьез материалалги кьолел гьечIо».

Джавадовасул иш Европаялъул диваналде битIизе хIадурулеб буго адвокаталъ. Гьелъул рагIабазда рекъон, гьениб гурони ритIухълъи батине гьечIо.

XS
SM
MD
LG