МагъчIваялъе рес

Эрадил Асанов чIварав полициялъулав жеги ккун гьечIо


​Гъоркьисала Нугъай мухъалъул полициялъул бутIаялда чIварав Эрадил Асановасул гIагарлъиялъ лъазабулеб буго къуваталъул идарабазе гьеб иш къазе къваригIун бугин, гьеб ишалда сверун гьарулел экспертизабазул баяналги гьез жидеего бокьухъин хисизарулел ругилан.

Гьеб киналдасаго разигьечIолъи загьир гьабун кагъат хъван буго гьез Россиялъул президентасухъеги, гьединго лъазабулеб буго Асанов чIварав полициялъулав тамихIалде цIайилан тIалаб гьабун жидеда митинг тIобитIизе ракIалда бугилан.

Нугъай мухъалъул полициялъул бутIаялда 2014 соналъул сентябралъ чIварав Эрадил Асановасул гIагарлъиялъ лъазабулеб буго жал кватIичIого митингалде рахъинехъин ругила, гурони гьеб такъсир гьабурав полициялъул хIалтIухъанасе тамихI гьабизего ракIалда гьечIила къуваталъул идарабаздайилан.

Рустам ГIадильгерев: «РакъунчIейищ лъазабилеб, щиб гьабилебали лъаларого хутIун руго ниж. Кинан ритIухълъи балагьилебали бичIчIулеб гьечIо. Берда бихьулеб хIалалъ къуваталъул идарабаз гьоркьоб инабулеб буго гьеб иш, гьезие щиб гьабунги жидерго чи вацIцIине къваригIун букIин бихьулеб буго. Къануналда рекъон букIине кколедухъ тамихI гьабилин Эрадиль чIварав чиясейилан абураб божилъиго хутIун гьечIо нижелъ. Гьединлъидал гIагарлъиялъги нижер мухъалъул жамагIаталъги дандги бан къотIи гьабуна гIагараб заманалда гьеб ишалда хурхун нижер ругелщинал тIалабал загьир гьабураб митинг тIобитIизе».

Эрадиль Асанов чIваялда хурхун цIех-рехалъул идарабаз чи чIваялда рекъон такъсиргьабиялъул иш рагьун гьечIо жеги. ЦохIо гьев чIваялда щаклъи бугев полициялъул подполковник Сайпулакъади Жамалудиновас жиндирго хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялда хурхун рагьун буго. Жеги туснахъ гьавунги гьечIо гьев. ЧIварасул гIагарлъиялъ ахIи бахъинабулеб буго чи чIварав чи бащадаб лъагIалица жеги жанив тIамичIого щайила тун вугев. Жидерго хIалтIухъан гурев, цойги гIадатияв чи вукIаравани такъсир гьабураб къоялъго ккун жанив тIамун вукIинаанила гьевилан абулеб буго гIагарлъиялъ. ЦIех-рехчагIаз лъазабулеб буго унтун, азарханаялда вегун вугин гьев Жамалудинов гьедин унтарав чи къануналда рекъон туснахъ гьавизе бегьуларила.

Асанов чIваялъул ишалда сверун цIех-рехчагIаз букIине кколедухъ хIалтIи гьабулеб гьечIин абун чIварасул гIагарлъиялъ кагътал хъван рукIана Дагъистаналъул бетIерасухъеги, жанисел ишазул министрасухъеги, Россиялъул цIех-рехалъул идараялъул нухмалъулев Александр Бастрыкинихъеги. Гьезул щибго хIасил ккечIинги абун гьанже гьез кагъат хъван буго Россиялъул президент Владимир Путинихъе.

Гьеб кагътида тIалабаздаго цадахъ гьез хъвалеб буго цIех-рехалъул идарабаз жидеца ккурав адвокат букIине кколедухъ хIалтIизе толев гьечIила, гьесухъе гьеб ишалда хурхарал баянал кьолел гьечIила, гьесие хIинкъалаби кьезегицин лъугьунел ругила цо-цо низам цIунулел. Гьединго экспертизаби гьарулеб мехалдаги я адвокат, яги цойги жидер чи виччачIила гьениве, жидеего бокьухъин гьарулел ругила экспертизаби, гьезул баяналги жидеего санагIалъи бугеб хIалалъ рихьизарулел ругилан.

Рустам ГIадилгереев: «Гьеб чIвай-хъвей кин ккарабали бихьизабулеб, ай ситуационная экспертиза тIобитIун буго цIех-рехчагIаз. Гьелъ бихьизабун буго Жамалудиновас таманча живго жинцаго цIунизелъун речIчIун бугилан. Гьез тIоцебесеб къоялдасаго нахъелъидалха абулеб букIараб Эрадиль нусги босун гьесде тIаделъун вукIанин абун. Гьеб экспертиза гьабулеб мехалдаги я ниж, я нижер адвокат ахIичIо гьез гьениве. Къануналда рекъон гьезда тIадаб букIана нижер вакилги ахIун тIобитIизе гьеб экспертиза» - гьедин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда чIварасул гIагарав чи ГIадилгереев Рустамица.

Гьединго гьес бицана жидеца гьеб ситуационная экспертизаялъул хIасилал мекъи ругин, жалги аскIо рукIун цIидахъан гьабейин гьебилан абун гIарза хъван бугила Дагъистаналъул прокуратураялде ва диваналдейилан.

Эрадиль Асановасул гIагарлъиялъ къуваталъул идарабазде гьабулеб бугеб гIайибалъе кинаб жаваб кьолебали бихьизе ва гьеб иш гьаб сагIат кибе щун бугебали цIехезе «Эркенлъи» радиоялъ чанцIулго бухьен гьабуна Дагъистаналъул цIех-рехалъул идарагун, амма гьезухъан жаваб щвечIо.

Кире жал хъвадараниги, гIарзал ритIаниги гьелъул хIасил кколеб гьечIила, гьединлъидал Асанов чIварав полициялъул подполковник Жамалудинов Сайпулакъадиги жеги туснахъ гьавун гьечIила, гьединлъидал акция тIобитIизе ккезехъин бугин лъазабулеб буго гьез.

XS
SM
MD
LG