МагъчIваялъе рес

Эрадил Асанов чIварасе тамихI гьабизе букIиналда щаклъи буго гьесул гIагаразул


Нугъай мухъалъул полициялъул бутIаялда Эрадил Асановасул чIваялъул гIайиб бугев полициялъулав тамихIалде гъоркье вачин тIалаб гьабун чанго митинг тIобитIана Терекли-Метебалда.
Нугъай мухъалъул полициялъул бутIаялда Эрадил Асановасул чIваялъул гIайиб бугев полициялъулав тамихIалде гъоркье вачин тIалаб гьабун чанго митинг тIобитIана Терекли-Метебалда.

2014 соналъул октябралда Нугъай мухъалъул полициялъул бутIаялда чIварав гIолохъанчиясул гIагарлъиялъ лъазабулеб буго, гьеб такъсиралда хурхун букIине кколеб цIех-рех гьабулеб гьечIин. Гьев вас чIваялда щаклъи бугев полициялъул хIалтIухъан январь лъугIилалде аресталде гъоркье восичIони, цIидасан митингазде рахъине ракIалда буго гьезда.

2014 соналъул октябрь моцIалда Нугъай мухъалъул полициялъул бутIаялда чIварав гIолохъанчиясул гIагарлъиялъ лъазабулеб буго гьеб такъсиралда хурхун букIине кколеб цIех-рех гьабулеб гьечIин. Гьев вас чIваялда щаклъи бугев полициялъул хIалтIухъан январь моцI лъугIилалде туснахъ гьавичIони, цIидасан митингал тIоритIизе ракIалда буго гьезда.

22 сон барав Эрадиль Асанов чIваралдаса ункъго моцI аниги жеги гьесул ишалда хурхун букIине кколедухъ цIех-рех гьабулеб гьечIин, Дагъистаналъул къуваталъул идарабаз гьелде кинабгIаги кIвар кьолеб гьечIин абун разигьечIого руго чIварасул гIагарлъи. Цо дагьабниги цIех-рехалъул иш цебе туркIизе ккани жидеца митингал тIоритIизе кколел ругин, гьеб мехалда гурони тIадругезда Нугъай мухъалъул полициялъул бутIаялда жанив гIолохъанчи чIвараблъи ракIалде щолеб гьечIин абун ццин буго Асановасул гIагарлъиялъул.

Дагъистаналъул къуваталъул ва цIех-рехалъул идарабазда божилъиги гIечIого Асановасул гIагарлъиялъул тIалабалда рекъон гьесул иш Россиялъул бетIераб прокуратураялде кьун букIун буго. 2014 соналъул декабрь моцIалда чIварасул гIагарлъи Патигорскаялда данчIвана Россиялъул генералиляв прокурор хисулев Иван Сыдорукгун. Гьес абун букIун буго Эрадиль Асанов чIваялъул ишалда хадуб халкквелин жидецайилан. Гьелдаса хадуб Сыдорукица гьеб иш жидехъего тIалаб гьабун буго. Гьелде щвезегIан моцIгун бащадалъ Асановасул гIагарлъиялъ ккурав адвокатасулхъе бихьизегицин кьун букIун гьечIо гьеб иш ва гьелда гъорлъ гурел документал, хIатта Эрадиль чIваялъе гIилла чIезабураб экспертизаялъул хIасилцин лъазе тун букIун гьечIо гьесда.

Гьедин жидеего бокьа-бокьараб гьабулеб букIанила Дагъистаналъул къуваталъул идарабазилан абун лъазабулеб буго адвокат Дилимхан Аслановас. Генпрокуратураялъ хал-шал гьабизе байбихьун хадуб къватIире кьурал экспертизаялъул баяназда рекъон Асанов Эрадилил ботIродаги танчидаги гьоркьоб манзил 1 бахъараб 30 сантиметралде бахун буго. Гьелъ бихьизабулеб бугила лъачIого гьесда гьеб таманча речIчIичIолъийилан абураб пикру буго адвокатасул.

Гьеб такъсир гъоркьисала 6 октябралда ккун букIаниги жеги Дагъистаналъул цIех-рехчагIаз гьеб гьабиялда щаклъи бугев полициялъул подполковник Сайпулакъади Жамалудиновасда тIад чи чIваялда хурхун такъсирияб иш рагьун гьечIо. Гьесда тIад гьабун буго цохIо хъулухъалдаса букIине кколелдаса цIикIкIун пайда босиялда хурхун иш. Гьелдасаги цIакъ Асановасул гIагарлъиялъул ццин бахъинабун буго жеги гьев Жамалудинов туснахъ гьавун гьечIолъиялъ.

ЦIех-рех лъугIун бахъинегIан гьесда хурхун хIукму къотIизе гьабураб диваналдаги Жамалудинов гIахьаллъичIо. Гьесул адвокатас лъазабуна гьев кванирукъги унтун азарханаялда вегизавун вугилан. Амма гьаб кванирукъ унти диваналде рачIинчIого рукIине гIураб гIузру гурин, къануналъги гьединал гIузрабазда гьоркьоб рехсон гьечIин Асановасул адвокатас абуниги гьелъухъ гIинтIамулев чиги ккун гьечIо.

Гьаб сагIаталдаги Сайпулакъади Жамалудинов азарханаялда вегахъего вугин абурал баянал кьуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Темирбеков Расулица.

Расул Темирбеков: «ЦIех-рех лъугIизегIан гьесда хурхун диваналъ хIукму къотIизехъин бугеб мехалдаги данделъиялде вачIун бажаринчIо гьев, азарханаялда вегун вукIана. Щиб унти гьесул бугебали гьаб сагIат дица абун бажаруларо. Амма унтарасу диваналде ун бажарулеб хIал букIине ккола, гьелдаса хадуб гурони гьесда хурхун диваналъул данделъи ахIуларо. Гьев сахлъизегIан чIезе ккола».

Амма чIварав гIолохъанчиясул гIагарлъиялъ лъазабулеб буго Жамалудиновасул сахлъиялъе щибниги къварилъи бугин абураб жоялда жал божуларила. Гьединал жалги гьарун гьев тамихIалдаса ворчIизавиялъе нухал ралагьулел, заман цIа-цIалел ругила Дагъистаналъул къуваталъул идарабабазул нухмалъулел. Гьединлъидал цIидасар гьеб киналдасаго разигьечIолъиги загьир гьабун кагъат хъван букIун буго Эрадиль Асановасул гIагарлъиялъ Россиялъул генералияв прокурорасухъе. Гьеб кагътие бачIараб жавабалъул ва жидерго тIалабазалу хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана чIварасул гIагарав чи ГIадильгереев Рустамица.

Рустам ГIадильгереев: «Нижер кагътие жаваб бачIана Россиялъул генералияб прокуратураялдаса, гьеб ишалда хурхун цIех-рех букIине кколеб хIалалда гьабулеб гьечIин хъван буго гьелдаги. Жидеца гьеб ишалъул цIех-рех унеб къагIидаялда хурхун тIадкIалъаялги гьарун кагътал ритIанин Дагъистаналъул прокуратураялдейилан лъазабулеб буго гьеб генпрокуратураялдаса бачIараб кагътида.

Амма нижеца жеги щибниги хIасил бихьулеб гьечIо гьел кагътазулги, нижер хитIабазулги. Гьев подполковникги жеги къватIив вуго, гьев туснахъалда тIамизеги гьезда ракIалдаго гьечIин ккола дида. Гьединлъидал гьаб январ моцIрол ахиралде щвезегIан гьев Жамалудинов туснахъалда тIамичIони ва гьеб цIех-рехалда хурхун нижер цойгидал тIалабал тIурачIони, нижеца митинг гьабизе буго».

Гьединго ГIадильгереевас лъазабуна гьаб нухалда цохIо митинг тIобитIун хутIиялда щаклъи бугила жиндир. Жидеца федералияб нух къазеги бегьулила, гьеб мехалдагIаги жал тIалъиялда рагIизе ратилилан.

XS
SM
MD
LG