Исана мугIрузул мухъазе республикаялъул бюджеталдаса кьезе буго 4,6 млрд. гъуруш.
Шималияб Кавказалда росдал магIишат гIуцIизе ккани ва гIадамал кванил нигIматаздалъун хьезаризе ккани, рукIине ккола церетIурал агрохолдингал. ГIадамаз жидерго магIишатазда нигIматал гIезарулеб къагIида жибго тезе кколин лъазабуна Россиялъул ХIинкъи гьечIолъиялъул мажлисалъул нухмалъулев Николай Патрушевас. Щай хIинкъигьечIолъиялъул сфераялъул хъулухъчияс малъиял гьарулел росдал магIишаталъул гIадамазе. Ругищ Дагъистаналда шартIал гьесул церелъеял тIуразаризе?
Араб соналъ Шималияб Кавказалда ришватчилъиялда хурхарал такъсиразул къадар цIикIкIун буго 25 проценталъ. Жибго ришватчилъийищ цIикIкIун бугеб, ялъуни гьелда данде гьабулеб къеркьейищ?
Щай Дагъистаналда цIидасан терактал гьаризе байбихьарал?
Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъ гIагараб данделъиялда республикаялъул цIияб гимн къабул гьабизе буго. Гимн цIигьабулеб хасаб комиссиялъ парламенталде кьун буго Расул ХIамзатовасул рагIабаздаса ва Мурад Кажлаевасул макъаналдаса гIуцIараб гимналъул проект. Гьеб тIаса бищун буго хасаб комиссиялъ ункъо проекталда гьоркьоса.
Астраханалда цIа ккаралъуса лъимер хвасар гьабулаго хвана Хасавюрт мухъалъул ЦIияб Сасикьа гIолохъанчи МухIамад ГIабдухаликъов.
1999 соналъ чачаназул рагъулал къокъаби тIаде кIанцIарабго гьезде данде рагъарал дагъистанияз чанго соналъ тIалаб гьабулеб буго жидее рагъул ветеранал абураб статус.
Экспертаз рикIкIунеб буго Рамзан Къадировас оппозициялда хурхун абурал рагIабазул рахъ кколин Шималияб Кавказалъул гIемерисеб халкъалъ
БУЙНАКСКАЛЪУЛ БЕТIЕР ХIУСЕН ХIАМЗАТОВ ХЪУЛУХЪАЛДАСА НАХЪЕ АНА
29 декабралда Дербенталъул хъалаялда аскIор лъукъарал гIолилаз рикIкIунеб буго пачалихъиял идарабаз жидер проблемабазде кIвар кьолеб гьечIин. Гьез тIалаб гьабулеб буго лъукъарал сах гьариялъе кколеб кумек ва такъсирчагIи тамихIалде цIай.
Салман Радуевас нухмалъи гьабулеб къукъа Гъизляр тIаде кIанцIаралдаса тIубана 20 сон.
Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министерлъиялъ фермеразе грантал ва субсидиял кьолаго гIемерал мекълъаби гьарун руго. Гьеб хIужа тIатинабун буго Россиялъул антимонополияб комитеталъ. Жалго фермераз абуни рикIкIунеб буго, пачалихъалъул кумек жидехъе гIемерисеб мехалъ щолеб гьечIин, щваралдасаги пайда дагьаб бугин.
ТIоцебесеб гIаздаца цинтIаго берцинлъизабураб МахIачхъалаялъул къватIал цIидаса сурукъаб хIалалде руссинаруна тахшагьаралъул хъулухъаз бакIаричIого тараб ришни- къулалъ.
Дагъистаналъул экспертаз рикIкIунеб буго, цIияв Россиялъул тIадегIанав муфтиясда бараб жо гьечIин бусурбабазул
Дагъистаналъул салафияз «Исламияб пачалихъ» террористияб къукъа лъазабуна бусурбабазе данде кколареблъун.
Лъималазул гIумруялъул санагIалъиялъул рахъалдаса Дагъистан буго Москваялъул рейтингалъул ахирисел мухъазда.
МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул цеве вукIарав прокурор МухIамад Оруджевасе лъабго сонилъ туснахъалъул тамихI къотIана. Диваналъ рикIкIунеб буго гьес изну гьечIого ярагъ цIунулеб букIанин ва хъулухъалдаса пайдаги босун документ хисизабун бугин. Я адвокатал, я гьесда гIайиб гIунтIизарулел рази гьечIоан тамихIалдаса ва тIадегIанаб диваналде гIарза хъвазе бугилан бицана.
Россиялъул гIелмабазул академиялъул Дагъистаналда бугеб централъул нухмалъулев хисулев вуго, жибго централдаги хиса-басиял гьарулел руго. Щай нухмалъи хисулеб ва щиб букIине бугеб хисараб жо республикаялъул аслияб гIелмияб идараялда ва гIалимзабазул горсвериялда? Гьеб суалалда хурхун цIех-рех гьабуна нижер мухбир Абакаров Рамазаница.
Россиялъул Конституциялъулаб диваналъ гьал къоязда хал гьабуна регионазда муниципалиял гIуцIабазул бутIрул рищиялда хурхун Пачалихъияб думаялъ хъвараб гIарзаялъул. Парламенталъул 90 депутатас рикIкIунеб бугоан цо-цо субъектаз, гьезда гъорлъ Дагъистаналъги, жидер ихтияраздаса цIикIкIун пайда босун бугилан. Диваналъ гьеб гIарзаялъул цо-цо бакIал ритIарал ругилан рикIкIана ва мухъазул бутIрул рищиялъул процесс щакаб бугилан чIезабуна.
Гьал къоязда Дагъистаналъул гIемерисел мухъазда унеб буго мухъазул бутIрул рищиялъул процесс. Шагьаразда киналго бутIрул рищун лъугIун руго. Щаялиго киса кирего бутIрул рищулел руго киналго тIад рекъон, альтернатива гьечIого. Щай рищиязда кандидатал цоцалъ къеркьоларел? Гьеб демократия гьечIолъиялъул гIаламатищ, ялъуни гьел рищулел бутIрузул цокIалалъ рахъищ кколеб бугеб гIадамаз?
Цойги