МагъчIваялъе рес

Дагъистаналъул лъимал: хIакъикъат бакьулъехун батила...


Лъималазул гIумруялъул санагIалъиялъул рахъалдаса Дагъистан буго Москваялъул рейтингалъул ахирисел мухъазда.

Россиялъул лъималазул ихтиярал цIунулияб официалияб идараялъул нухмалъулев Павел Астаховас лъагIалил хIасилал гьарураб пресс-конференциялда баян гьабуна бищунго лъималаз гIумру гьабизе санагIатлъи бугел регионазул сияхI. Дагъистан гьеб рейтингалъул ахада буго.

Павел Астаховас лъазабухъе, Дагъистан буго лъималазе шартIал гьечIеб анцIго регионалда жаниб. Гьединаллъун жеги ккола Забайкалье, Ярославль, Иркутск, Саха-Якутия, Тыва ва гь. ц. Лъималазе санагIатал регионазда гъорлъ рехсон руго Татарстан, Башкирия, Чувашия, Чачан республикаби. Кинха ккараб гьедин? Лъималазул ихтиярал цIунулеб федералияб идараялъул сайталда хъван буго, жидеца гIуцIун бугин щибаб регионалъе къимат кьолеб хасаб методика.

Гьелъ рес кьолеб бугин щибаб регионалда лъималазул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ тIолабго информация. Мисалалъе, рикIкIунел руго инвалидал лъималазул, гьарурал ва хваразул къадар, лъималазул сахлъи цIуниялъул ахIвал-хIал. Амма аслияб хIужалъун рикIкIунеб буго регионаздаса гьеб идараялде щварал гIарзал.

Лъималазул ихтиярал цIунулеб идараялъул нухмалъулев Павел Астахов живго Дагъистаналде щун вукIана щуго соналъ цеве. Гьеб мехалдаги гьес регионалъе хашаб къимат кьун букIана. Астаховас бицун букIана, Дагъистаналда бесдалазул рукъзабахъ лъимал рукIин лъарабго жинца хIикмалъи гьабунин, Кавказалъул гIадатазда рекъон бесдаллъарал лъимал гIагарлъиялъ тIаде росуларищан.

Гьединго гьес рехсон рукIана цоги проблемабиги. Масала, киналго лъималазул ихтиярал цIунулел идарабазда гьоркьоб бухьен гьечIолъи, психологал ва социалиял педагогал лъималгун хIалтIунгутIи, диваналъул хIукму тIубазабулел идарабаз алиментал рахъиялда тIадчIей гьабунгутIи ва гь. ц.

Амма долдаса нахъе гIемер жо хисун буго ва гьабсагIаталда Дагъистан «хашаб сияхIалда» жанибе ккеялда жий рази гьечIо, гьеб рейтинг мекъаб бугилан бицана «Эркенлъи» Интизар Мамутаевалъ. Гьей ккола Дагъистаналъул бетIерасда цебе бугеб хъизаналъул, улбузул ва лъималазул ихтиярал цIунулеб идараялъул нухмалъулей.

Интизар Мамутаева: «Дун рази гьечIо гьеб къиматалда, гьединлъидал цIех-рехги гьабуна кин гьеб сияхIалде ккаралали. Балагьараб мехалъ, къимат кьун буго цохIо гIадамазул гIарзазухъ балагьун. ГIарзал гIемер рукIиналда дун божула, щайгурелъул, гIемерисел дагъистаниял руго юридикияб рахъалъ лъавукъал. Кинаб проблема бугониги, интернеталдаса информация босичIого, жидер ихтиярал мухIкан гьаричIого, битIун гIарза хъвала Москваялде.

Амма гьечIилан абизе бегьуларо. Мисалалъе, республикаялда ясли-ахалде ине щоларого иргаялда буго 87 азарго лъимер, 695 школалда лъимал цIалула кIиго иргаялда, 17 школалда – лъабго иргаялда. Цинги, республикаялда статистикаялда рекъон руго 30 азарго инвалидал лъимал. Лъаларо, гьел унго-унго гьедигIан ругелищ, ялъуни пенсия щвезе гьереси-инвалидаллъун гьарурарлищ. Бесдалазул къадарги цIакъго дагьаб буго, цересел соназда данде ккун гIезегIан дагьлъана. Республикаялда буго 6 азаргоялде гIагарун бесдалаб лъимер, гьездаса 97% лъимералъе тарбия кьолеб буго хъизамазда.

ЦIакъго гIемер чагIи рачIунел руго лъимал рокъоре рачизе бокьарал. Бесдалазул рокъоб хутIун буго 76 лъимер. Цо-хъизамалъ хьихьизе бачун ана 5 инвалидаб лъимер, цоги хъизаналъ – 6 лъимер. Цо лъималазул рукъги къан, гьелъул бакIалда ясли-ах гьабун буго. Гьединлъидал, гIемер хIалтIи гьабун буго, статистикаялъ кинабго гIаксалда бицунеб буго, лъаларо Москваялъ гьениб щиб малъун бугебали».

Гьединго Интизар Мамутаевалъ бицана, ругин цо-цо хIужаби, гIадамаз инвалидал лъимал жидее гIарац щвеялъ рокъоре рачиналъул. Пачалихъалъ кIудияб кумек гьабулеб буго сакъатал лъимал хьихьиялъулъ. ТIоцебе кьола I00 гъуруш лъимер хьихьизе бачиналъухъ, хадуб 7 азарго лъимералъе ва жеги 7 азарго хьихьулезе щибаб моцIалъ.

Гьеб кIудияб кумек буго пачалихъалъ гьабулеб. Цойги хIужа буго, сахал лъимал унтарал ругиланги чIезарун гьезие пачалихъалдаса гIарац боси гуреб, гьелги лъималазул рокъоре ритIун жалго бетIербахъиялъе цоги регионазде иналъул. Гъаякент мухъалъул цохIо УллугIая абураб росулъа 44 гьединаб лъимер лъималазул рокъоре кьун руго. Гьединал хIужабазги Дагъистаналда лъималазул рукIа-рахъиналъул статистика лъикIаб гуреблъун бихьизабулеб бугебилан бицана Мамутаевалъ.

ГIага-шагарго гьединабго къимат кьуна республикаялда лъималазе гьарулел шартIазе лъимерлъиялъул сфераялда хIалтIулел коммерческиял гурел идарабазул ассоциациялъул нухмалъулей Лейла ХIамзатовалъ. Гьелъ рикIкIунеб буго, бесдалазда хурхун гьабулеб хIалтIи лъикIаб бугин, амма профилактикаялда тIадчIей гьабизе кколин. Россиялъул регионазда жаниб бесдалал хьихьизе рачиялъул рахъалъ Дагъистан лъабабилеб бакIалда бугилан бицана гьелъ.

Рамазан Абакаров

XS
SM
MD
LG