МагъчIваялъе рес

Лъимал цIунизелъул эбел-инсуца ракъунчIей лъазабун буго


МахIачхъалаялда арбагI къоялдаса нахъе халат бахъунеб буго Хасавюрталда 15 сон барай ясалда хIал гьабиялъул гIайиб гIунтIизабурав ичIго васасул гIагарлъиялъ лъазабураб ракъунчIей. Акциялъулъ гIахьаллъи гьабулеб буго 10 чияс.

Гьез лъазабулеб буго гьабичIеб такъсирги гьабунин чIезабун жидер васал жанир тIамизе къваригIун бугин Хасавюрталъул цIех-рехчагIазейилан. Гьезда бугеб гIайиб бихьизабулеб цониги далилги гьечIила, гьеб такъсир гьабунин абулеб заманалда гьел гIолохъабазул чангиял Дагъистаналдагицин рукIинчIилан. Гьез гьей ясалда хъвачIолъи бихьизабулел далилалги баяналги рачаниги адвокатазухъ гIенеккулеб хIал гьечIила диванчагIазул.

ЦIех-рехчагIигун рекъон гьел жидер лъимал туснахъалда тIами бугила гьезда цебе бугеб масъалайилан абулеб буго ациялъул гIахьалчагIаз. Цебехун «Эркенлъи» радиоялъ бицун букIахъе гьеб иш 2013 соналдаса нахъе халат бахъунеб буго. Гьеб ишалъулъ гIахьаллъи гьабиялъул гIайиб гIунтIизабулев вугев цоясул адвокат Сапият МухIамадовалъ бицун букIана цIех-рехалъ риччалел ругел гъалатIазулги, гьез къанун хвезабулеб бугеб куцги. Сапиятица абулеб букIана гьеб иш ургъун бахъун багъаризабунила жалго цIех-рехчагIазилан. Жидеего цIар гьабун ичIго хIалгьабурав чи туснахъ гьавунин абун хIисаб кьезе къваригIун бугила гьезие.

Адвокаталъул рагIабазда рекъон 2013 соналъул сентябралда Хасавюрталдаса 15 сон барай ясалъ цIех-рехалъул идараялде гIарза хъван буго жиндида хIал гьабунин абун. Гьебго къоялъ хасаб экпертизаялде йитIун йиго гьей, экспертизаялъ бихьизабун буго гьей жеги жинсиял гьоркьолъабазде лъугьун гьечIилан.

Гьедин букIаниги гьебго соналъул октябралда цIех-рехагIаз гьеб ишалда хурхун такъсиргьабиялъул иш рагьун буго ва чанго къоялдасан, гьеб такъсиралда гъорлъ вукIанин абун ясалъ вихьизавурав ГIумархIажиев ГIалибулат ккунги вуго. Амма гьелда гьев ГIумархIажиев вихьизавураб мехалда гьев жинда лъалев чи гурин, жинда хIалгьабулезда гьоркьов гьев вукIинчIинги лъазабун буго гьелъ.

Гьеб лъазабиялдаса хадув ГIумархIажиев виччан вуго цIех-рехчияс. Цо чанго къоялдасан гьебго ишалъул гIахьалчи хIисабалда цойги гIолохъанчи ккун вуго, амма гьей ясалъ жинда хIал гьабунин абулеб заманалда гьев Астраханалда вукIун вуго, гьев гьенив вукIараблъи бихьизабулел документалги нугIзалги рукIун руго. Гьелдаса хадув гьевги виччан тун вуго низам цIунулез.

Гьедин иргадал цин ккун хадур риччазе ккун анлъго чи гIун вуго. Гьел риччачIого рес букIинчIила цIех- рехчагIазул щай гурелъул гьеб такъсиргьабиялъулъ гьезул гIахьаллъи букIинчIолъи бачIинахъего бичIчIулеб букIанила гьездаги. Анкьабилев Ибрагьимов Рамазан ккун хадуб цIех-рехчагIаз гьесда тIадецуй гьабунилан лъазабулеб буго адвокаталъ.

Гьесда гьеб такъсир гьабунин жиндицайилан абун мукIурлъараб кагътида гъулбас гьабизе тIамун вуго цIех-рехчагIаз. Гьеб такъсир тIаде босизе тIамурасул эбел Нина ГIумархIажиевалъ «Экренлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана Хасавюрталда ритIухълъи батиялда божилъи гьечIила жидерилан. Гьелъул рагIабазда рекъон цIех-рехалъул хIалтIухъабаз гьеб ишалда гъорлъ вугев щивасухъа чанго нус-нус азарго гъурущ тIалаб гьабулеб букIун буго гьеб ишалда гъорлъаса гьезул лъимал рахъизе. Цоязухъа 400 цойгидазухъа 800 азарго гъурущ тIалаб гьабулеб букIун буго.

Чара къосун щиб гьабилебали лъаларун ругел цо-цо лъималазул эбел-инсуца кьун буго гьеб гIарац. Гьелдаса хадуб гьезда адвокатас цин кагъатги бихьизабун буго гьезул васасда тIад гьабураб такъсиргьабиялъул иш къан бугин абун.Заманалдасан лъан буго гьеб хIакъикъияб гуреб документ букIин.

ГIарац кьуразул гьебги гьоркьоб анила, гьечIеб гIайибги тIад къотIун жидер васазулги гIумру гIадада хвезабизехъин бугила. Гьединлъидал рес къотIиялъ рахъанила жал ракъунчIеялъул акциялдейилан бицана Нина ГIумархIажиевалъ «Эркенлъи» радиоялъе.

Нина ГIумархIажиева: «Хасавюрталъул диванги, прокуратураги, цIех-рехалъул идараги гьел киналго цоцада рухьун руго, цадахъ рекъон хIалтIилелги руго гьел. Гьезул цохIонигиялде гIарза хъван ани цойгидал идарабигун дандбан гурони гьез ишги гьабулеб гьечIо. ТIаде балагьун бихьулеб буго гьеб нижер васазда тIад гьез гьабичIеб такъсир тIад къотIизехъин букIин. Эбелалъени лъимер кидаго гIайиб гьечIеблъун букIуна, амма гьеб цохIо дица абулеб жо гурелъул.

Гьезда гIайиб гьечIеблъи ва гьеб иш ургъун бахъун багъа-башаризабулеб букIин киназдаго лъала. Хасго гьеб гIарза хъварай ясалъулги некIого цIар ун букIана. Цебе-цебеги гьелъул эбелалъги гьелъги батIи-батIиял васал хIинкъизарулел рукIун руго жидеца нужедасан полициялде гIарза хъвазе бугин, нужеца гьей ясалда хIал гьабунилан абун. Хасал идарабаздаги лъидасаго лъикI лъала гьеб кинабго, гьей щиб пишаялъул гIаданалиги лъала гьезда.

Гьезие цин нижехъа гIарац щвезе къваригIун букIана хадуб, гьезие цIар щвезе къваригIана гьеб ишги рагьун. Гьелъул гIемер ахIи-хIур бахъараблъидал, жал мекъи рукIараллъиялъе гьел гьанже мукIурлъилищ. Гьез нижеда цебеккунго лъазабуна кIванагIан кьварараб тамихIги къотIун жанир лъезе ругин нужер васалилан».

Нинал рагIабазда рекъон гьез ракъунчIеялъул ация лъазабун хадуб цониги я къуваталъул идарабазул яги тIалъиялъул вакил вачIун гьечIо гьелгун дандчIвазе. ЦохIо журналистаз гурони жидехъ гIинтIамичIин абулеб буго гьелъ. Къуваталъул ва цIех-рехалъул идарабаз акциячагIазул лъазабиялда хурхун кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG