МагъчIваялъе рес

Кинабго роцIцIуна дандбалеб мехалда...


2016 соналъ Дагъистаналъул мугIрузул мухъал церетIезариялъе хIукуматалъ биччазе рагIула 4 млрд, 600 млн гъуруш гIарац. Гьедин лъазабуна республикаялъул экономикаялъул министерлъиялда. Гьеб гIарцудаса 2 млрдгун 800 миллион кьезе буго республикаялъул бюджеталдаса. Кинаб пайда букIине бугеб мугIрузе гьеб гIарцудаса, кин гьеб хIалтIизабизе кколеб абурал суалал кьуна экспертазе «Эркенлъи» радиоялъ.

Дагъистаналъул экономикаялъулгун территориалияб цебетIеялъул министр Раюдин Юсуфовас мугIрузул суалазда хурхараб данделъиялда абуна, исана мугIрул церетIеялъе бюджеталдаса биччазе бугин 4 млрд ва 600 миллион гъуруш гIарац. Гьелъул 2 млрдгун 800 миллион республикаялъул бюджеталъ кьезе буго ва жеги 1 млрд ва 700 млн гъуруш гIарац кьезе буго хасал инвестораз. Гьеб гIарац хIалтIизабизе буго нухал гьаризе, росдал магIишат цебетIезабиялъе, лъайкьеялда ва сахлъи цIуниялда. МугIрузе биччараб гIарац гIемераб буго, лъарагIлъиялда ругел дагъистаниязде республикаялъул нухмалъиялъ кIвар кьолеб гьечIоян бицунеб буго социалиял гьиназда ва информалатазул форумазда ругел гIадамаз. Бугищ гьеб гIарац гIемер ва кин гьеб батаниги эффективияб къагIидаялъ хIалтIизабизе кколеб, абураб суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ «Свободная республика» газеталъул экономикаялъул гьумер бачунев журналист Эдуард Уразаевасе.

Эдуард Уразаев: «Дир пикруялда рекъон, гьеб гIарац кIудияб гьечIо. Щайгурелъул, бюджеталдаса кьолеб буго 2 млрдгун 300 млн гъуруш. ХутIараб гIарац инвестораз кьолеб буго. ГьедигIанго гIарац биччалеб букIана цересел, республикаялъул бюджеталъе лъикIал соназдаги. ЛъикIаб тадбир буго, бюджеталдаса гуреб, хасал инвесторазухъа гIарац тIалаб гьаби. Гьеб букIине бегьула мугIрузул территориял церетIезариялъе лъикIаб байбихьилъун. Кин гьеб гIарац эффективияб къагIидаялъ хIалтIизабизе кколеб абун цIехани, дир пикруялда, гьеб цIунизе ккола бикъа-хъамиялдаса, ришватчилъиялдаса. ГIарац хIалтIизабизе ккола ургъун. Мисалалъе, гьелъухъ социалиял объектал: школал, ясли-ахал ва азарханаял рачIого, гьезул бакIалда кинабалиго завод бани лъикI букIинаан. Гьелъ кьелаан бакIалъулаб бюджеталъе магъалоги, гIадамазе хIалтIизе бакIалги рукIинаан. Хадуб бюджеталде щвараб гIарцудаса пайдаги босун, гьеб хIалтIизабизе бегьула социалиял идараби разе».

Бюджеталъул кризис бугеб соналъ гьедигIанасеб гIарац гьечIо республикаялъул мугIрузул территориял церетIезаризе, гьеб буго кьучI гьечIеб лъазабиян рикIкIунеб буго Россиялъул гIелмабазул академиялъул хIалтIухъан, экономист Михаил Чернышовас.

Михаил Чернышов: «Тасдикъ гьабураб исана соналъул республикаялъул бюджеталда гьеб гIарац гьечIо. Гьединлъидал, дида ккола гьеб гIарац мугIрузда бихьизе гьечIилан. Бокьарав чи балагьазе бегьула Халкъияб мажлисалъ тасдикъ гьабураб бюжеталда, гьениб мугIрузул мухъазе абун бихьизабураб гIарац гьечIо. Ахирисеб нухалда бюджет хисизабулеб мехалъги гьеб букIинчIо. Дун щакав вуго кризисалъул заманалда республикаялда гIарац батизе кIванин абураб жоялда. Гьелъул гIаксалда, харж гьабулеб гIарац дагь гьабеян ахIи буго. Гьединал лъазабиял гьарулел руго тIалъиялъ исана сон республикаялда «МугIрузул сон» лъазабун букIиналъ. Лъазабиял гьаричIого щибха тIокIаб гьабилеб, гIарацги гьечIеб мехалъ? БукIана «МугIрул» абураб хасаб федералияб программа. Амма гьелъул заман лъугIун буго исана».

Лъалеб букIахъе, араб соналъул ахиралда республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас лъазабуна, 2016 сон лъазабун бугин мугIрузул сонлъун. Гьелъул аслияб мурад буго , мугIрузул мухъазда ругел проблемабазде кIвар буссинаби, гьел церетIезериялъе квербакъи гьабиян хъван буго хасаб буюрухъалда. Гьединго республикаялъул тIалъиялъ рикIкIунеб буго, гьеб тадбиралъ магIарулазул гIадатал ва культура цIуниялда тIад хIалтIизе тIамизе ругин мухъазул бутIрул, республикаялъул хIукумат ва цоги пачалихъиял идараби.

XS
SM
MD
LG