МагъчIваялъе рес

Къуваталъул идараби кутаклъанагIан ришватчилъи цIикIкIунеб буго


Generic – The arms trade
Generic – The arms trade

Араб соналъ Шималияб Кавказалда ришватчилъиялда хурхарал такъсиразул къадар цIикIкIун буго 25 проценталъ. Жибго ришватчилъийищ цIикIкIун бугеб, ялъуни гьелда данде гьабулеб къеркьейищ?

Араб соналъ Шималияб Кавказалда ришватчилъиялда хурхарал такъсиразул къадар цIикIкIун буго 25 проценталъ. ТамихIалде цIаразда гъорлъ руго депутатал, шагьаралъул бутIрул ва цIалул идарабазул ректорал. ЦохIо такъсирияб къокъаялъ бюджеталдаса бикъун буго цо миллиардалде гIунтIун гIарац. Ришватчилъийищ цIикIкIун бугеб, ялъуни гьелда данде гьабулеб къеркьейищ?

Халкъазда гьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб Transparency International абураб идараялъ хIасил гьабуна дунялалалда тIибитIараб ришватчилъиялда хурхараб цIех-рехалъул. ГIадамаз тIаса рищулел рукIана гIадамал ва идараби. Гьаб нухалда ришватчилъиялъул рейтингалда гьоркьобе ккана Шималияб Кавказги. МухIканго абуни, Чачаналда бугеб АхIмад Къадировасул фонд. Ихтиярал цIунулез рикIкIунеб буго, гьеб фондалъ къварилъи ккарал гIадамазе кумекалъе бихьизабураб гIарац хIалтIизабун бугин Чачаназул бетIер Рамзан Къадировасул кIалгIа базе, гьединго фондалдаса гIарац кьун бугин республикаялде ахIарал цIар арал артистазе ва спортсменазе. ЦохIо Чачаналда гуреб, тIолабго Шималияб Каказалдаги ришватчилъи тIегьалеб бугилан хIасил гьабун буго халкъазда гьоркьосеб идараялъ.

Гьел баянал тасдикъ гьарулел руго Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул Шималияб Кавказалда бугеб вакиллъиялъ кьолел баяназги. Араб соналъ тIатинабун буго 157 цIакъго кIвар бугеб, кIудиял гIарцал рикъараб такъсир. Гьединалго баянал кьолел руго Шималияб Кавказалъул республикабазул прокуратураязги. Щибаб регионалда ришватчилъиялъул такъсирал цIикIкIун руго 2014 соналдаса нахъе 20-25 проценталъ. Гьединго гIемерлъун руго хасаб къагIидаялъ гIуцIарал къокъабаз гьарурал такъсирал.

Хасго гIемерлъун ругоан гьединал такъсирал Дагъистаналда. Республикаялда бугеб цIех-рехалъул идараялъул нухмалъулев Эдуард Кабурнеевасул баяназда рекъон, араб соналъ ришватчилъиялда хурхарал такъсиразул къадар бахана 400-гоялде. Гьездаса 250 уголовияб хIалтIи диваналде кьуна. 20I4 соналъ гьединалго уголовиял хIалтIаби рукIана 25 проценталъ дагь. ТамихIалде цIан вуго жидер хасаб статус бугев 50 хIакимчи: депутатал, муниципалитетазул бутIрул, къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби.

Щай ришватчилъиялда хурхарал такъсирал цIикIкIунел ругел? Гьеб унго-унголъунги такъсирал гIемерлъиялъул гIаламатищ, ялъуни къуваталъул идарабийищ лъикI хIалтIулел ругел абураб суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ «Ришватчилъиялде дандечIараб комиссия» абураб тIолгороссиялъул жамгIияб гIуцIиялъул Дагъистаналда йигей вакил Луиза Сулеймановалъе.

Луиза Сулейманова: «Прокуратураялъугун ЦIех-рехалъул идараялъ кьолел баяназда данде ккун, нижеца тIатинарулел такъсиразул къадар гIемер букIуна кидаго, щайгурелъул гIемерисел хIакимзабазда хурхун гьарурал ишал дол идарабаз къала, диваналде риччачIого. Риштватчилъиялда хурхарал такъсирал 20I5 соналъ хIакъикъаталдаги цIикIкIун руго, амма щаялиго 20I4 соналъ къуваталъул идараби жеги цIикIкIун хIалтIулел рукIана. РукIаниги, такъсирал гIемер рагьичIо араб соналъ гIадин. Гьелъ бихьизабулеб буго къуваталъул идарабазул хIалтIуда бараб жо дагьаб букIин, ришватчилъи жибго цIикIкIун букIин. Нижер хIалтIулъги гьебго жо бихьулеб буго. Амма тIатинариялъги жо кколаро, хадуб цIех-рех гьабунги иш рагIалде бахунаро. ГIемерисеб мехалъ диваналъ риччан тола такъсирчагIи. Диван жибго ккола бищунго гIемер ришватчилъи бугеб бакI. Гьениб ришват босунилан тамихIалде цIалев чи цоги батIияб, бигьаяб гIайибги гIунтIизабун, цо гьитIинабго гIакIаги къотIун, туснахъалъув тIамичIого тола».

Гьей йикIана «Ришватчилъиялде дандечIараб комиссия» абураб тIолгороссиялъул жамгIияб гIуцIиялъул Дагъистаналда йигей вакил Луиза Сулейманова.

Дагъистаналъул прокуратураялъул баяназда рекъон, диваналъ тамихI къотIун буго араб соналъ Южно-Сухокумск шагьаралъул бетIерасул хъулухъ тIубалев Валерий Хукиятовасе, Избербашалъул администрациялъул бетIер Зубайру Мустафаевасе, Гъизляралъул администрациялъул бетIер Валерий Аржанухиние.

Октябрь моцIалъ МахIачхъалаялъул Советский мухъалъул диваналъ тамихIалде цIан руго шагьаралъул лицеялда хIалтIулел рукIарал ришватчагIи. 2009-20I3 соназ гьез кагътида цIалдохъабазул къадарги цIикIкIинабун, пачалихъалдаса босулеб букIун буго гьечIел лъимал кваназариялъухъ гIарац. Гьеб къокъаялъул нухмалъулевлъун вукIарав Мурад ГIумаров цIех-рехалдаса вахчун вуго, хIатта гьесул адвокатаз такъсирияб къокъаялъул хIакъикъияв нухмалъулевлъун рикIкIунев вуго Лъайкьеялъул министерлъиялъул хIалтIухъан Темирхан Халилов.

РагIалде бахъун буго Халкъияб мажлисалъул депутат, Медицинаялъул академиялъул ректор ГIусманов ГIабдурахIманида тIад гьабураб уголовияб хIалтIи. ЦIех-рехчагIазул баяналда рекъон, гьесда гIунтIизабулеб рекIкI гьабиялъул ва гьересиял документал гьариялъул гIайиб. Гьел киналго тIадехун рехсарал, жидеда гIайиб гIунтIизабулезе диваналъ къотIун буго туснахъалда тIамиялда рухьинчIел гIайибал.

XS
SM
MD
LG