МагъчIваялъе рес

Фермеразе гIазаб - министразе гIарац


Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министерлъиялъ фермеразе грантал ва субсидиял кьолаго гIемерал мекълъаби гьарун руго. Гьеб хIужа тIатинабун буго Россиялъул антимонополияб комитеталъ. Жалго фермераз абуни рикIкIунеб буго, пачалихъалъул кумек жидехъе гIемерисеб мехалъ щолеб гьечIин, щваралдасаги пайда дагьаб бугин.

Пачалихъалъ росдал магIишаталъе биччалеб гIарац документазда рекъон республикаялъул фермеразухъе кьолеб идара ккола Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министерлъи. Амма гьеб министерлъиялъ хIалтIулъ гIемерал гъалатIал риччан руго, гьениб букIине бегьула ришватчилъи, ай биччараб гIарац гьеб щвезе мустахIикъал чагIазухъе кьечIого, министерлъиялъ жидее бокьарал чагIазухъе кьолеб буго; киналго фермерал цого шартIазда гьечIо пачалихъияб гIарац щвезе тIалаб гьабулаго. Гьединал хIукмабиги гьарун рехсараб министерлъи тамихIалде цIазе тIалаб гьабулеб буго федералияб монополиялда данде чIараб комитеталъ.

Киналха ругел аслиял гъалатIал? ТIоцебесеб иргаялда министерлъиялъ гIарац батIи-батIиял чагIазе кьечIого, кьолеб буго тIатIала цого фермеразе. Мисалалъе, 2014 соналъ ракьал лъалъазе биччараб гIарац щун буго 19 фермерасе. Амма гьезул лъабгоязе кIицIул щун буго гьеб кумек. 20I5 соналъ ракьал лъалъазе пачалихъияб кумек щун буго 57 магIишаталъе, гьезул кIигоязе кIицIул щун буго гIарац.

ГIаммаб къагIидаялъ гьеб гIарцул къадар бахун буго 452 миллионалде. Цониги ракь лъалъазе гIарац босараб магIишаталъ министерлъиялде кьун гьечIо жидеца лъалъалеб ракь жидер букIин тасдикъ гьабулеб документ.

КIиабилеб щаклъи ккезе бегьулеб гъалатI – жидее кумек щолел магIишатазул финансовияб ахIвал-хIалалъул, гьеб хIалтIи гьабизе гьезул бугеб ресалъул халгьабунгутIи. Мисалалъе, киназдего гIагарун магIишатаз гIарац босун буго гIемер сонал рарал херал гъутIбуздаса ракь бацIцIад гьабизе абун.

Амма цониги магIишаталъ гьеб хIалтIи гьабизе ккей тасдикъ гьабулел документал рихьизарун гьечIо. Гьеб ккола гIарац кьеялъе инкар гьабизе гIураб хIужа. Феремераз жидеца гьабураб хIалтIи бихьизабун хадуб пачалихъалъ гьезие гьеб гIарац бецIула. Амма чанго магIишаталъул нухмалъулес киналгIаги хIалтIи гьабиялъул документал рихьизарун гьечIо ва гIарац босун буго.

Пачалихъияб грант щварав 56 чияс тасдикъ гьабун гьечIо жидеца хIалтIизабураб ракьул хважаин жив вугин, ялъуни ижараялъе босанун абун. Министерлъиялде документал кьолаго щаялиго киназго гьел кьолел руго ахирисеб къоялъ.

Дагъистаналъул антимонополияб комитеталъул нухмалъулев хисулев Багьандов ГIабдулагьица «Эркенлъи» радиоялъе бицана, гьел документазул цереккун министерлъиялда халгьабулила хасал чагIаз, хадур ахирисеб къоялъ жидее данде кколарел чагIиги нахъе реххун кьолила. Гьединго гьечIо кинабгIаги министерлъиялъ жидеца документал росанин чIезабулеб хъвай-хъвагIай.

Нагагьлъун фермерас гIарза хъвани, гьесда кIвезе гьечIо жинца документал кьун рукIанинцин чIезабизе.

Бугищха пайда гьеб гIарцудаса жалго фермеразе, кигIан цебетIей кьолеб пачалихъияб кумекалъ росдал магIишаталъе абурал суалал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ Бабаюрт мухъалдаса фермер ХIажиев Расул. Гьесул пикруялда рекъон, документал гьаризе гIемер къо-бакъги бихьун, гIарацги щвечIого хутIула цо-цо мехалъ фермерал.

ХIажиев Расул: «ЦIакъго дагьаб гIарац щола пачалихъалдаса фермеразе. Мисалалъе, ракьал лъалъазе биччалеб гIарац босани, гьаниб нижер Бабаюрт мухъалда руго нус-нус километраз рацIцIад гьаризе кколел лъел мухъал. Совет пачалихъалъул заманалда гьел рацIцIад гьарулаан щибаб соналъ, гьанже цIун руго киналго, гьелъие дагьа-макъаб гIарац гIоларо. ГIураб лъим гьечIони гьениб кинабалиго бижулеб жоялъул бицинчIониги бегьила.

ГIарац федералияб программаялда рекъон гIадамазухъе щола, амма республикаялъул бюджеталдаса щолеб гIарац цIакъго дагьаб букIуна, цо-цо мехалъ щвезего щоларо. 2015 сон Дагъистаналда лъазабун букIана ахал гIезариялъул сонлъун ва щибаб гектар ахалъухъ пачалихъалъ кьезе тIаде босун букIана республикаялъул бюджеталдаса 35 азарго, федералияб бюджеталдаса 65 азарго гъуруш. Федералияб гIарац декабралъул ахиралдаги щун букIинчIо, республикаялъул бюджеталдаса цо капек щвечIо. Бюджеталда гIарац гьечIин, кризис бугин абулеб буго.

Гуккана пачалихъалъ ахихъаби. Цойги гIарац букIана республикаялъул бюджеталдаса пиринчIалъул авлахъал лъалъазе, мелиоративияб система цIигьабизе биччалеб, гьебги кьечIо исана. Буго гьениб гIезегIан бюрократияги. Мисалалъе, мелиорациялъул гIарац щвезе проекталъулал документал гьаризе ккани уна 500 азаргогIан гъуруш гIарац. Гьебщинаб хIалтIи гьабуларо щолеб щолареб лъалареб гIарцуе гIоло. Гьелъул гIаксалда, документал рекъезарула гIарац мухIканго щолеблъи лъалел, амма ракь хIалтIизабуларел чагIаз».

АгроВЭБ абураб порталалъул баяназда рекъон, Россиялъул регионазда жаниб фермеразе биччалеб гIарцул рахъалъ Дагъистан буго кIиабилеб бакIалда. Декарбалъул ахиралда республикаялъул парламенталъ тасдикъ гьабураб 2016 соналъул бюджеталда гьеб гIарцул къадар жеги цIикIкIун буго ва 260 миллионалде бахун буго. Аслияб кIагIидаялъ гIарац унеб буго боцIи гIезабиялъе.

ТIолабго агро-промышеннияб комплексалъе республикаялъул бюджеталда лъураб гIарцул къадар буго 3 млрдалде гIагарун гъуруш. Гьеб гIарцудаса 2 млрд гIарац буго пачалихъияб кумек хIисабалда щолеб. Гьеб гIарац хIалтIизабиялда хадуб халкквей цIикIкIинабун буго Россиялъул хIукуматалъ, гьелъул эффект цIикIкIиналда тIад хIалтIизе руго киналго пачалихъиял идарабиян хъвалеб буго Россиялъул антимонополияб идараялъул официалияб сайталда.

Рамазан Абакаров

XS
SM
MD
LG