МагъчIваялъе рес

Россиялъул армиялъе ратIлие - Дагъистаналдаса гIиял квас


30 апрелалда Хъумторхъала мухъалда бугеб Дарада-Мурада росабазул хъутаналда букIана гIиязул къец. Гьениб бищун тIокIабин рикIкIараб Дагъистаналъул мугIрузул тайпаялъул гIи гьединабго экспозициялде Калмыкиялде ине буго кватIичIого.

Дагъистаналда гьеб мугIрузул тайпаялъул гIи буго 71 проценталъ, цинги 12 процент буго хъачIаб квас бугеб лезгиязул, гIандадерил, тушинская абулеб тайпаялъул гIидул. Гьединго цо процент буго Грозненский меринос абураб тайпаялъул гIидулги.

Дагъистаналъул мугIрузул тайпаялъул гIи абураб цIар кьун буго 1951 соналда. Австралиялдаса бачIарабгун бакIалъул гIиги цолъизабун Гъуниб мухъалъул ЧIохъ бижараб тайпа бугин гьебилан бицана ЭР-лъе Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министерлъиялъул хIалтIухъан Юсуф Юсуфовас. Дагъистаналъул мугIрузда букIунеб цIоройги, гIодоблъиялда букIунеб бухIиги бигьаго хIехьолеб рагIула гьеб тайпаялъ.

Пачалихъалъе квас къваригIараб заманалда гIезабураб тайпа бугин гьеб, амма квасго гIадин гьанги кьолин мугIрузул тайпаялъин бицана ЭР-лъе фермер ГIабдурахIман ГIабурикIовас.

ГIабдурахIман ГIабурикIов: «Квас лъикI кьолилан, квасуе гIезабун букIана гьеб. Амма гьанги квешаб букIунаро гьелъул. Доб мехалда совет хIукуматалъе квасул хIажалъи букIана. Гьанже дунялалда кризис лъугьиндал, гьеб цIехолел чагIи раккулел руго. 55-60 гъурущ кьолеб буго квасухъ. Гъоркьисала 30 гъурущ гурони кьечIо. Балагьилаха. Гьанже байбихьун буго гIи къунцIизе».

Ахираб заманалда Россиялда гIиял квасул багьа борхулеб бугин бицана дов цевехун рехсарав росдал магIишаталъул министерлъиялдаса Юсуф Юсуфовас. Хасго армиялъе къваригIун бугила хъачIаб квас. Гьединаб квас кигIан бокьаниги бугила Дагъистаналда.

Квас учузлъараб заманалда гIемерисел фермерал лъугьун рукIанила гьанал тайпаялъул гIи гIезабизе. Гьелдалъун гьез хвезабунила квасул даражаги, батIи-батIиял тайпабазул гIиги жубазабун.

Гьанже квас хиралъизе лъугьиндал, гьезие захIмат букIине бугила хъата-масан лъикIаб квасул гIи гIезабизе. Гьеб квас лъикIлъизабизе ккани, гIодоса гIодобе жеги 5 сон къваригIунилан рикIкIунеб буго хIакимчияс. Квасул кило 50-60 гъурщиде букIанин гъоркьисала, исана жеги хиралъизе бугиланги абуна гьес.

30 апрелалда букIараб гIиял экспозициялда Гъарачаязулгун Черкесиялдаса фабрикаялъул вакилзаби рачIун, балагьун руго Дагъистаналъул гIиязухъ. Гьедин гьениса къотIи-къаялги гьарун ун руго. Гьединго гъоркьисала республикаялда бахъун буго квасул 14 азарго тонна.

Юсуф Юсуфов: «Исана 153 млн гъурущ биччалеб буго Россиялъул росдал магIишаталъул министерлъиялдасан квас босизе. Дагъистан гьеб рахъалъ Россиялда цебесеб кьерда буго. Россиялда ругелщинал гIи-цIаназул 21 процент Дагъистаналда буго. Масала, доба 24 млн-гун 200 азарго бетIер батани, республикаялда буго гIи-цIаназул 5 млн-гун 141 азарго бетIер».

Пачалихъалъул кумек щвезе къваригIун, гIи-боцIул гьечIеб къадарги тIаде хъвалин фермеразги росдал магIишаталъул министерлъиялъул вакилзабазгиян абураб гIарз гIемер рагIула республикаялда. Гьединал хIужаби дагьа-макъал рукIине рес бугин, амма гIаммаб куцалда босани, киназго гьедин кагътида бихьизабулеб бугин гIи-боцIиян аби мекъаблъун рикIкIунеб буго Юсуф Юсуфовас.

Гьелъул гIаксалда букIине рес бугила. Масала, росабалъ чанги ругила гIадамал жидер магIишаталда гIидул 200-300 азарго бетIер бугел. Амма документазда гьел рихьизаруларила, жидеего щвараб хайиралда тIасан магъало кьезе ккеларедухъ.

XS
SM
MD
LG