МагъчIваялъе рес

1999 соналъул рагъалъул ветеранасул статус щвезе бегьула дагъистаниязе


1999 соналъ чачаназул рагъулал къокъаби тIаде кIанцIарабго гьезде данде рагъарал дагъистанияз чанго соналъ тIалаб гьабулеб буго жидее рагъул ветеранал абураб статус.

Итниялъ Ставрополалда ТIолгороссиялъул халкъияб фронталъулгун букIараб дандчIваялда Россиялъул президент Владимир Путиница абуна, жив гьеб суалалда тIад ургъизе вугин. Щиб кьезе бугеб гьеб суал роцIцIиналъ рагъул гIахьалчагIазе, кинал ругел гьезул аслиял тIалабал ва гьабсагIаталда цере чIарал масъалаби?

I999 соналъ Россиялъул аскар тIаде щвезегIан кодоб ярагъги ккун республика цIунизе къватIир рахъарал чагIи хIукуматалъ рагъул гIахьалчагIилъун рикIкIунел гьечIо ва гьелда рекъон пачалихъалдаса кумек гьезе щолеб гьечIо. Гьединаб суал борхана президент Путинилгун дандчIваялда дагъистаналдаса полковник ГIалидибиров Мурадисица. Президентас абуна гьеб суалалда тIад рес гьечIого хIалтIизе ругин.

Амма президентас рагIи кьун букIана рагъул гIахьалчагIазе гьеб масъалаялде кIвар буссинабизе бугилан 2007 соналъго. Доб мехалъ халкъалъулгун гьабулеб чIагояб эфиралда Болъихъа чияс кьун букIана гьеб суал. Путиница абуна жинца Россиялъул ХIукуматалъе буюрухъ кьезе бугин рагъул гIахьалчагIазе бигьалъаби чIезарулеб документ хIадуреян.

Гьелдаса кIиго къоялдаса доб мехалъ вукIарав Пачалихъияб думаялъул нухмалъулев Борис Грызловас абуна, I999 соналъ чачаназул рагъулал къокъабазда дандечIарал дагъистаниязе рагъул гIахьалчи абураб цIар кьеялда тIад ургъулеб бугин парламент. Гьеб масъала тIубазе ккани къануназда хиса-басиял гьаризе кколилан лъазабуна гьес.

Амма киналгIаги хиса-басиял долдаса нахъе гьаричIо. Кин бугониги, цо-цоязе гьеб ветераназул статус щвана диваналъ хIукмуги гьабун. Гьезул цояв, Болъихъа ХIасанхIажиев Муртузица «Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицана:

ХIасанхIажиев Муртуз: «2009 соналъ диваналъ хIукмуги гьабун Болъихъа I5 гIолохъанчиясе кьун букIана «ветеран» абураб статус. Рищун гIемер рагъул гIахьалчи гьанисан рукIиндал, цогидазги гьедин гьабиялъул мурадалда тIалаб гьабун букIана гьеб. ТIоцебе рагъ байбихьарабго 600 Болъихъа чи данде вахъун вукIана такъсирчагIазде, аслияб аскар щвезегIан. Амма хутIарал чагIазе статус щун гьечIо. Дунгоги гьелда хадув лъугьун вукIинчIо кидаго, гьадинго гьев I5 чиясде гьоркьов ккун ватана. Ветеран хIисабалда щола 2200 гъуруш пенсия, тIокIал батIиял бигьалъаби ругищали лъаларо, ругин рагIана, амма гьелда хадув лъугьун гьечIо. Бокьуларо дие гьаб пачалихъалда хурхараб жо, гьал хIакимзабаздаса щибалиго тIалаб гьабизе. Жидерго жо гьарулеб гIадин рукIуна гьел».

Гьединго ХIасанхIажиев Муртузица абуна, цIакъго гIемер гьеб ветераназул статусалда хадур лъугьун ругин доб мехалда рагъулезул кьердацин рукIинчIел чагIи.

ХIасанхIажиев Муртуз: «7-8 августалъ нилъер пачалихъалъ Дагъистан рехун тун букIана. Гьеб мехалда унго-унгоги чачаназда данде рахъарал чагIи балъхъал рукIана. ТIаде рачIарал чагIи гьанисан лъутун рукIана. Амма хадуб тIалъиялде Путинги вачIун, гьес аскар гьанибе битIарабго гьел цере лъутарал чагIи рачIана аскаралда цадахъ гьанир бахIарзаллъун жалго рихьизаризе. Гьезда дица абула рагъда хадусел ветерал абун».

20I3 соналъ Пачалихъияб Думаялъул депутат ГIумаханов ГIумаханица гIуцIана «Дагъистан-1999» абураб жамгIияб гIуцIи. Гьелъ данде гьарулел руго киналго доб заманялъул рагъул хIахьалчагIи. ХIакъикъаталда рагъда рукIарал чагIиги, жидее цIар-реццалда хадур лъугьарал чагIиги ратIа гьаризе ругилан баян кьуна гьес доб мехалда. Амма кин бугониги, диваналъ кигIан гIемер чагIи рагъул гIахьалчагIилъун рикIкIаниги, ветераназда хурхарал къанунал къабул гьаричIого ялъуни ругезда хиса-басиял гьаричIого рагъул гIахьалчагIазе кумек гьабизе рес гьечIо. РукIине ругищ гьел хиса-басиял гьаб нухалда, ялъуни президентас кьураб рагIи 2007 соналъго гIадин рагIилъунищ хутIилебали лъалеб гьечIо рагъул гIахьалчагIазда.

XS
SM
MD
LG