МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналъул рагъалъул ветераназул захIмалъаби халат рахъунел руго


Афгъанистаналда рагъулел рукIарал дагъистанияз тIалаб гьабулеб буго Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъулел Карибов Анатолийги, Джафаров Рамазанги хIалтIудаса рахъеян. Гьелъие гIиллалъун гьез бихьизабулеб буго гьел кIиязулго мекъаб хIукмуялдалъун, церегоялдаса гьел ралагьун чIун рукIараб рукъзал МахIачхъалаялъул афгъаналъулазе кьей.

Афгъанистаналда рагъулел рукIарал дагъистаниял 2005 соналдаса нахъе ралагьун чIун руго жанир рукIине рукъзал щвеялъухъ. Гьеб сабаблъун гьез ракъиги лъазабун букIана 2010 соналъул декабралда. Гье акциялъул хIасиллъун ккун букIана республикаялъул нухмалъиялъ гьезие МахIачхъалаялда 60 квартираялъул мина бан бахъинабизе рагIи кьей. Гьединаб рагIи кьун буго доб мехалъ Дагъистаналъул нухмалъулевлъун вукIарав МухIамадсалам МухIамадовас.

2013 соналъ республикаялда тIалъи хисидал гьеб суал нахъойги цIигьабизе кканин бицана «Эркенлъиялъе», Афгъанистаналда рагъулел рукIарал дагъистаниязул цевехъан Хадулаев МухIамадица. Гьединазул жакъа Дагъистаналда вуго 3700 чи. Рукъзал щвезе иргаялда чIаразул вуго щунусго гIанасев чи. 2014 соналъул маялда Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасулгун букIараб дандчIваялда гьес рагIи кьун буго рукъзал кьун рахъинаризе, амма къотIи гьабун буго 60 квартираялда гьоркьоса 15-яб кьезе МахIачхъалаялда ругел афгъаналъулазе, хутIарал кьезе республикаялъул цогидал шагьараздагун мухъазда ругел Афгъанистаналъул ветераназе. Гьединаб къотIиги гьабун жинда цебе ахIанин ГIабдулатIиповас республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев хисулев Карибов Анатолийихъеян гьеб суал роцIцIинабеян бицана Хадулаев МухIамадица.

МахIамад Хадулаев, Дагъистаналъул "афгъаниязул" лидер
МахIамад Хадулаев, Дагъистаналъул "афгъаниязул" лидер

Хадулаев МухIамад: « Амма рукъзал щвезелъун иргаялда чIаразул сияхIалдацин рукIинчIел МахIачхъалаялъул ветераназе кьуна гьел рукъзал. Байбихьудасаго республикаялъул афгъанистаналъул ветераназеянги абун документалги гьарун бараб мина букIана гьеб. МахIачхъалялда гIумру гьабун руго 800 афгъаналъулав, гьединлъидал дица абуна, гьалмагъзаби, МахIачхъалаялъул афгъанал гьелги нилъеда цадахъ рагъулел рукIарал гIадамал ккола, гьел къварид гьаризе бегьуларилан. ХIукму гьабуна Махачхъалаялъулазе цо рукъ, Республикаялъул афгъаналъулазе лъабго рукъ кьезе. ХIасилалда 15 квартира махIачхъалаялъулазе кьезе кколеб букIана, хутIараб 45 нижее. Ахиралда щибха ккараб? Кинабго гьезие кьуна, нижер рукъ бикъана нижехъа хIукуматалъ. Гьеб жо ккола инжилъи».

Гьединаб хIукму гьабурал чагIи кколин республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев хисулел Карибов Анатолийги, Джафаров Рамазанги бицана гьес. Гьелда цццим бахъарал республикаялъул афгъанал данделъун рукIана МахIачхъалаялда араб рузман къоялъ, щиб хадубккун гьабилеб абураб суалгун. Гьеб данделъиялде рачIун рукIана республикаялъул щибаб мухъалда ругел бакIалъулаб афгъаналъулазул цолъиялъул 11 нухмалъулев. Гьезул цояв Гъизляралда ругел афгъаналъулазул цевехъан МухIамадшарипов МухIамаднаби цевегоялдаса нахъе вуго пачалихъалъ кьезе къотIи гьабун букIараб рукъалъухъ валагьун чIун. ГьабсагIат гьев вуго рукъги ккун МахIачахъалаялда.

МухIамадшарипов МухIамаднаби: «Жанив вукIине бакIги гьечIого гIарцухъ рукъги ккун вуго дун гьабсагIат. Гьеб рукъги кида щвелебали лъаларо, унтараб суаллъун хутIун буго нижее гьеб. Нижецаго данде ракIарун тIалаб гьабичIони гьелъул ургъел ккарав чиги гьечIо».

ЭР: «Нужер Гъизляралда чан чи вугев афгъаналъулазул?».

МухIамадшарипов МухIамаднаби: «Шагьаралдагун росабалъги малъун I40 гIанасев чи вуго. Гьезда гьоркьов анцIго чи вуго рукъ щвезе иргаялда чIарал».

Щиб нилъеца гьаниб бицаниги нилъеца гьаниб бицаниги гьанже гьел рукъзал нахъурасун щоларилан абуна данделъаразда Хадулаев МухIамадица. Амма бугин гьелъие гьадинаб рес. Гьеб 60 квартира босизе гIураб гIарац пачалихъалъ кьолеб къагIида. Гьеб гIарацги щвезе бугин нилъееян божизарулел рукIана Хадулаев МухIамадица Афгъанистаналъул ветеранал. ХIукуматалъул нухмалъулев ГIабдусамад ХIамидовас абунин жинда 50 миллион республикаялъул бюджеталдаса щвезе рес батилин жиндица, хутIараб 50 миллион Москваялдаса бачIине бугин. Гьелъие кумек гьабулеб бугин спикер Хизри ШихсагIидовас.

Гьеб данделъиялъул ахиралда хIукму гьабуна жидерго мекъаб хIукмуялдалъун 60 квартира МахIачхъалаялда ругел афгъаналъулазе кьурал, Карибов Анатолийги Джафаров Рамазанги хIалтIудаса вахъи тIалаб гьабураб хитIабгун республикаялъул нухмалъулесухъе ине. Гьелъул хIасил кинаб ккарабли лъазе нижеца бухьен гьабуна Хадулаев МухIамадилгун. Республикаялъул тIалъиялъ рагIи кьунин гIагараб заманалда сияхIалда вукIара жидер 30 ветеранасе квартира щвезе бугилан. ХутIарав 30 чиясе гьел щвезе кумек Москваялъги гьабизе бугилан бицана Хадулаевас. Мекъаб хIукму гьабурал Карибов Анатолиегун, Джафаров Рамазаниеги нухмалъиялъул рахъалдаса лъикIаб тIадкIалъайги щванилан бицана гьес. Гьединго гьеб суал дандбазе хамиз къоялъ Хадулаев МухIамад дандчIвазе вуго Шималияб Кавказалда вугев Россиялъул президентасул вакил Меликов Сергей хисулевгунги.

XS
SM
MD
LG