МагъчIваялъе рес

1999 соналъул рагъул гIахьалчиясе диван гьабун буго


Болъихъ мухъ.1999 соналъул рагъдаса нахъе гьениб бараб Россиялъул рагъулаб база.
Болъихъ мухъ.1999 соналъул рагъдаса нахъе гьениб бараб Россиялъул рагъулаб база.

Исана августалда Чачаналъанги рачIун Шамиль Басаевасул ва Хаттабил изнугьечIого яргъидгIуцIарал къокъаби Дагъистаналде тIадекIанцIаралдаса 15 сон сверула.

Гьелщинал санал аниги жеги гьеб ишалъул киналго гIахьалчагIи ккун гьечIо ва ккуразда тIад диван гьабун бахъун гьечIо. Гьедин дагьаб цебегIан Дагъистаналъул тIадегIанаб диваналъ Басаевасул къокъаялда цадахъ Болъихъ районалде тIадекIанцIи гьабиялда гIайибияв вугин рикIкIана Хасавюрталъул жамагIаталъул эмирилан абулев Бациев Ислам.

2006 соналъго терроризм тIибитIизабиялъе гIайибияв вугинги рикIкIун диваналъ 17 сонги кьун туснахъалда вукIарв Бациевасе, Дагъистаналде тIадекIанцIиялъухъ ва хIукуматалде дандечIей багъаризабиялъухъги 17 сон кьуна диваналъ.

ЦIех-рехчагIазул баяназда рекъон I999 соналъул 7 августаалъул радакь 5 тIубараб мехалда Басаевасул ва Хаттабил нухмалъиялда гъоркь ругел изнугьечIого яргъидгIуцIаразул къокъа Болъихъ мухъалде тIадекIанцIун буго.

Гьезда ракIалда букIун буго Дагъистаналда бугеб пачалихъияб гIуцIиги хвезабун, Чачан республикаги Дагъистанги цолъизабун шаргIияб исламияб пачалихъ гIуцIизе. Гьеб бакIалда ккараб рагъулъ хун вуго 90 чи, лъукъун вуго 290 чи.

Хасал идарабаз кьурал баяназда рекъон Бациевасда гIайиб чIезабизе кумек гьабун буго гьев Басаевгун цадахъ Дагъистаналде тIадекIанцIиялъул гIахьалчи вукIин лъалел ва гьев вихьарал нугIзал рукIиналъ.

Гьеб тIадекIанцIиялъулъ Бациевас щиб гIахьаллъи гьабурабали мухIкан гьабулеб гьечIо цIех-рехчагIаз.

Амма «Черновик» газеталъул редактор хисулев Агъаев Маирбегица жиндирго макъалаялда хъвалеб буго Ислам Бациевасда гIайиб гIунтIизабиялъе гIиллалъун ккун батизе бегьулила гьев тумазул Тухчар росдада аскIор асирлъуде росарал россиялъул аскариял вахIшиго чIвалеб видеозаписалда вукIин.

Гьеб видеозаписалдаса пайдаги босун изнугьечIогояргъид гIуцIаразул кьерулъ вукIарав цойги чанго чи диваналъ туснахъалда гьавун вуго, гьезул цо-цоялъ гIумруялъго туснахъ гьарунги руго.

Гъоркьисала ноябралда гьебго тIадекIанцIиялъулъ гIахьаллъи гьабиялъул гIайибги гIунтIизабун диваналъ 13 сонги кьун туснахъ гьавуна ГIабдула ГIабдулкеримовги. Гьев гIемерал саназ батIиял пачалихъазда вахчарилев вукIун вуго, амма 2004 соналда Азербайдажаналда кквезеги ккун, гьеб пачалихъалда гьарурал такъсиразе гIоло жанив тIамун вукIана гьев. 20I2 соналъ Азербайджаналъул тIалъиялъ Россиялде вачинеги тун гьаниб гьабуна ГIабдулкаримовасда тIад диван.

Россиялъул прокуратураялъ кьурал баяназда рекъон гьеб I999 соналъ букIараб тIадекIанцIиялъулъ гIахьаллъи гьабиялда щаклъи бугев 58 чи валагьулев вуго цIех-рехчагIаз.

1999 соналдаса бахъараб гьел изнугьечIого яргъидгIуцIаразде данде къеркьолел руго Россиялъул ва Дагъистаналъул къуваталъул идараби, амма къойидаса-къойиде цIикIкIун гурони гьел «рохьилазул» къадар дагьлъулеб гьечIин рикIкIунеб буго экспертаз.

Гьезул къадар цIикIкIиналъе чанго батIияб гIилла бугин рикIкIунеб буго журналист ва политолог МухIамадов МухIамадицаги. Гьес «Эркенлъи» радиоялъулгун букIраб гара-чIвариялда экстермизмалъул суалазул, гьеб баккиялъул ва тIагIинабиялъул суалазул цого рахъалъ хал-шал гьабун тезе бегьуларилан.

МухIамадов МухIамад: «Гьеб суалалъухъ цого рахъалъ балагьизе захIмалъула, гьениб цохIо динияб дандечIей бугин абизе бегьуларо, гьелдаго цадахъ бизнесалъул суалги батизе бегьула гьеб киналдего гьоркьобе жубан. Гьединго социалияб ахIвал-хIалалдаса разигьечIолъи букIине бегьула, гIиллаби гIезегIан руго.

Дир пикруялда рекъон бищунго цIакъ гьеб экстремизм тIибитIиялъе гIиллалъун буго социалияб бащалъи гьечIолъи. Коррупциялъги тухумчилъиялъги хвезабун буго кинабго.

Гьелде тIаде хIалтIизе лъаларел, бажарунарел цохIо къуваталъул къагIидабаз гурони щибниги гьабун бажаруларел низамцIунулел рукIиналъги кинабго хвезабун буго.

ГIадатияв чи вичIчIулев, гьесухъ гIенеккулев, гьесде регIарав чи ватулев гьечIо тIалъиялъулги. РитIухълъи балагьизейилан лъугьараздаги гьеб батулеб гьечIо, гьединлъидал халкъалъул разигьечIолъи динияб дандечIеялде буссунеб буго».

Гьединго МухIамадица къо бахъанагIан экстремистал гIемерлъиялъе, гьезде данде гьабулеб бугеб рагъуца пайда кьунгутIиялъе ругел гIиллабиги рехсана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда.

МухIамадов МухIамад: «Россиялда ва Шималияб Кавказалда букIине кколеб хIалалъ терроризмалъул суалазул халгьабун бажаруне экспертазул къокъа гьечIо.

КигIан бокьаниги руго салафиязулги ихваназулги щиб батIалъи бугебали бицун бажарулел чагIи, амма гьеб экстремизм тIибитIиялъе кинал гIиллаби ругелали чIезарулел, кин гьелде данде къеркьезе кколебали лъалеб бицунев чи гьечIо.

Цойги кIудияб гIиллалъун буго гIадамазул лъавукълъи, берцинго школацин лъугIизабичIев цояв рохьовехун унев вуго цойгидав полициялде лъугьунев вуго. Къуват хIалтIизабун гурони бажаруларел лъавукъал низамцIунулел, лъавукъал экстремистазде данде къеркьелел руго.

Цойги эктремизм тIибитIиялъе гIилла буго пачалихъалъ рохьилазде данде къеркьезе цохIо къуваталъул идараби тун рукIин. Нужеца гурищила рохьор гьел чIвалел, нужецаго рекъезабейилаха гьел кин дагьлъизарилелали абураб суалгийилан тун руго гьел».

Гьедин МухIамадов МухIамадил пикруялда рекъон пачалихъалъ экстремизмалде данде къеркьезе лъай бугел, битIун бичIчIикьун бажарулел чагIиги риччачIони, гIакъилаб информационнияб политикаги гьабичIони чIванлъиялда экстремизм киданиги лъугIуларо.

XS
SM
MD
LG