МагъчIваялъе рес

20 соналдасанги бихьулеб цого макьу


Саламов АхIмад
Саламов АхIмад

Салман Радуевас нухмалъи гьабулеб къукъа Гъизляр тIаде кIанцIаралдаса тIубана 20 сон.

Гьал къоязда Дагъистаналъул Гъизляр шагьаралда тIоритIана чачаназул авлахъалъулав командир Салман Радуевас нухмалъи гьабулеб къукъа тIаде кIанцIаралдаса 20 сон тIубаялда хурхарал тадбирал. Гьезулго гIурхъабалъ шагьаралъул музеялда рихьизарулел руго рагъулал тунка-гIусиязда хурхарал тIагIел-алатал.

1996 соналъул 9 январалда Гъизляралде тIаде кIанцIана 350 чиясдаса гIуцIараб чачаназул рагъулав командир Салман Радуевасул къокъа. Гьез тIоцебе Россиялъул вертолетазул аэродром кьвагьизабуна, хадуб тIадруссун ине кIвечIеб мехалъ, гъоркьлъалие гIадамалги росун шагьаралъул централияб азарханаялда чIана. Хадусел къоязда тIадруссун Чачаналъуре унаго федералиял къуваталъул идарабигун тунка-гIуси ккедал гьел лъалхъана Первомайское росулъ ва анкьалъ гьениб дандечIей гьабуна.

Гьел лъугьа-бахъинал ракIалде щвезаруна гьал къоязда Гъизляр шагьаралда . 9 январалда тIобитIана 500 чи вакIарараб митинг. Гьелъул гIахьалчагIаз бицана дол балагьал лъугьа-бахъиназул, долдаса нахъе гьебгощинаб заман аниги жеги терактал гьариялда бугеб хIинкъиялъул. Шагьаралъул мэр Александр Шуваловасул баяназда рекъон, доб мехалъ гьарурал лъимал гьабсагIаталда кIудиял гIун руго ва гьел лъугьунел руго батIи-батIиял радикалиял идеологиязул асаразда гъоркье. Гьединлъидал, кIвар бугеблъун рикIкIунеб буго доб лъугьа-бахъин цIидасан ракIалде щвезабиян гьесул рагIаби кьолел руго «Дагестан» информагентствоялъ.

Пресс-хъулухъалъул нухмалъулей Сельминаз СалихIовалъул баяназда рекъон, митинг гуреб, тIоритIулел руго цоги тадбиралги.

Сельминаз СалихIова: «Музеялда рихьизе лъун руго доб мехалда полициялъул хIалтIухъабазул ва такъсирчагIаз гъоркьлъалие ккурал гIадамазул ретIел-хьит, къайи-матахI, батIи-батIиял тIагIелал. Мисалалъе, такъсирчагIаз рукъзабахъе жанире кIанцIулаго рекарал нуцIадул рахсал, гIоркьал, доб мехалъ хварал ялъуни лъукъарал гъизляралъулазул суратал, автоматалъул гулби ва гьел гурел цоги жал. БукIине буго гьеб лъугьа-бахъиналда хурхараб фестиваль, гьенире ахIизе руго рагъулаб операциялъулъ гIахьаллъи гьабурал чагIи, гъоркьлъалие рукIарал ва хутIарал киналго гьениб жигараб гIахьаллъи гьабурал».

Гьел къоязда бищун цIикIкIун гьел лъугьа-бахъиназулъ гIахьаллъи гьабурав чи ккола стоматологиялъул поликлиникаялъул нухмалъулев Саламов АхIмад. Гьевги журналист Камил ГIумаровги ана тIоцеве азарханаялда гъоркьлъалие гIадамал ккурал такъсирчагIигун гара-чIвари гьабизе. Гьесул поликлиникаялде ахIун бачIун буго азарханаялдаса гIадамаз.

АхIмад Саламов: «Азарханаялде ниж ине ккана жаназабаздаса тIасаги рахъун. Гьеб жо дида макьилъ бихьула гьабсагIатги зама-заманалдаса. Камилидаги бихьулеб батила. Нижеда дандчIвай гьабуна ва рачана лъабабилеб тIалаялде. Гьениб букIана Радуевасул штаб. Дица абуна дун республикаялъул парламенталъул депутат вугин ва поликлиникаялъул нухмалъулев вугин, Камил ГIумаровас абуна жив журналист вугин. ТIоцебе нижеца цIехана гьесда, щайин гьанир Гъизляралде кIанцIарал абун, гьанир ругин цIакъго гIемер рагъдаса тIурарал чачанал, Гъизляр шагьаралъ ва мухъалъ гьел г1емер къабул гьарунин. Гьезул къадар 7 азаргоялдаса тIаде бахъун букIана. Хадубги абуна, гьаб жо бугин азархана, гьанир гIадамазе гIакъуба кьез бегьуларин, гьел сах гьарулеб бакI бугин, гьединал ишаздаса гIадамал адабиялъ тIаса лъугьунарин ва гьединав чи тарихалда хутIизе вугин зулмучилъун. Гьеле гьелго рагIаби дица гьев Радуевасе такрар гьаруна 2001 соналъ МахIачхъалаялда гьесие диван гьабулагоги. Радуевас абуна, Гъизляралдаса роржунел ругин Россиялъул армиялъул рагъулал вертолетал, гьез бомбаби речIчIулел ругин чачаназул росабазда ва шагьаразда. ТIалаб гьабулеб букIана Россиялъул армия нахъе бачейин Чачаналдаса».

Саламов АхIмадица гьединго абуна, Россиялъул армиялъ жанир гъоркьлъалие ккурал гIадамал ругониги, Россиялъул армиялъ азарханаялда кьаби щвезабулеб букIанин. ТакъсирчагIаз лъазабунин гьеб кьвагьи къотIизабичIони 15 чи чIвазе вугин. Республикаялъул нухмалъулезухъе ахIун, гьеб кьвагьи къотIизабунин, гIадамазул гIумру хвасар гьабиялъул мурадалда.

Гьел лъугьа-бахъиназухъ гIахьаллъун Саламовасе кьуна Дагъистаналъул бахIарчи абураб шапакъат ва Бихьинчилъиялъул орден.

17 январалда такъсирчагIи аскарияз сверун ккуразухъаги рорчIун Чачаналъуре руссана. Гьеб тIадекIанцIиялъул хIасилалда хвана 70 чи.

XS
SM
MD
LG