МагъчIваялъе рес

Джемикенталъул кьвагьиялъ гьоркьоб къотIизабуна "террористияб" сихIкъотIи


Джемикенталда кьвагьизабуна ГИБДДялъул пост
please wait

No media source currently available

0:00 0:00:36 0:00

Щай Дагъистаналда цIидасан терактал гьаризе байбихьарал?

Итни къоялъ Дербент мухъалда полициялъул посталда такъсирчияс машинагун живго жинца кьвагьизави ккана 2013 соналдаса нахъе тIоцебесеб гьединаб такъсир. Щиб ккараб гьеб заманаялъулаб сихIкъотIи хвеялъе гIилла, щай террористаз цIидасан чIаголъи бихьизабулеб, кигIан къуват гьезул бугеб ва кин гьеб бухьараб бугеб Россиялъул аскарияз ГIагараб Машрикъалда гьабулеб рагъулаб операциялда абурал суалал кьуна экспертазе Абакаров Рамазаница.

Дагъистаналъул Дербент мухъалда ккараб такъсирияб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда ахирал баяназда рекъон хун вуго кIиго чи ва лъукъун руго 13-гоял. Къуваталъул идарабазул баяназда рекъон, такъсир гьабун буго Россиялда гьукъараб ДАГIШ террористикияб идараялъул вакил, Дагъистаналдаса Амир ТIалибовас.

Ахираб лъабго соналда жаниб гьединаб такъсирияб лъугьа-бахъин жеги ккун букIинчIилан бицана лъугьа-бахъин ккараб бакIалде щварав Дагъистаналъул бетIер ГIадулатIипов Рамазаница. Гьесул пикруялда рекъон, такъсир буго изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къокъабазда данде къуваталъул идарабаз гьабулеб цIоб тараб къеркьеялъул хIасил. «Гьеб такъсир чара гьечIого рагьизе буго. Аслияб жо буго, Дагъистаналъулги Россиялъулги халкъалда цебе букIараб бигъараб заманаялъул дандерижиял республикаялда тIокIал такрарлъизе гьечIо абураб пикру бичIчIизабизе», - ян абуна гьес.

Киналха ругел хIакъикъаталда ракIалдаго гьечIого гьединаб вахIшияб ва тIасан ккараб такъсирияб иш гьабиялъе гIилла, щиб хисараб ахираб заманалда, щай такъсирчагIаз Дагъистаналда лъабго соналдасан цIидасан бетIер борхараб? Гьеб суал кьуна «Эркенлъи» радиоялъ исламовед, динияб эктремизмалъул специалист Ярлыкапов АхIмадида. Гьес абуна, гьаб гьанжесеб террористазул чIаголъиялда жинца гIажаиблъи гьабуларин, гьеб букIине бугеблъи лъалеб букIанин.

Ярлыкапов АхIмад: «2013 соналдаса нахъе гьединал такъчирал рукIинчIо, щайгурелъул доб мехалъ байбихьана Дагъистаналдаса ва Шималияб Кавказалдаса такъсирчагIаз Шамалда рагъизе ине. Гьединлъидал, такъсириял лъугьа-бахъиназул къадар дагьлъана. Амма 2014 соналъул ахиралда ва 2015 соналъул байбихьуда ДАГIШалъул террористаз жидерго тактика хисизе байбихьана. Шималияб Кавказалдаса рагъухъаби ахIи гуреб, гьез байбихьана жибго Кавказалда ругел такъсирчагIазулгун бухьен щула гьабизе. Цере Имарат Кавказалда гъоркье унел рукIарал террористиял гIуцIаби жидер кверщалида гъоркье рачине байбихьана. Гьединлъидал, араб соналъул ахиралда Дербенталда букIараб такъсиралъ ва гьаб гьанже букIараб кьвагьиялъ бихьизабулеб буго, ДАГIШалда кIолеб бугин жидеего бокьараб къадаралъ кIвечIониги, Шималияб Кавказалда террористикиял бухьенал гIуцIизе. Гьеб гуребги, такъсириял ишал гIуцIизе гьезухъе гIарац щолеб буго».

РакIалде щвезабилин, ДАГIШ ва Имарат Кавказ ккола Россиялда гьукъарал террористикиял гIуцIаби.

АхIмад Ярлыкаповасул баяназда рекъон, такъсирчагIазухъе гIарац щолеб буго ГIагараб Машрикъалдаса ДАГIШалъул кумекалдалъун. Имарат Кавказалъеги гьанир ругел бизнесменазухъе флешкаби ритIизе байбихьизегIан гьенисан бачIунаанин гIарац.

Щай гьабсагIат чIаголъарал такъсирчагIи, бугищ Шамалда Россиялъул аскаралъ гьабулеб операциялдаги гьелдаги гьоркьоб бухьен абун цIехана «Эркенлъи» радиоялъ Россиялъул ГIелмабазул Академиялъул регионалиял цIех-рехазул централъул специалист Кисриев Энверида. Гьесул пикруялда рекъон, Россиялъ гьениб рагъ гьабичIониги такъсирчагIаз Шималияб Кавказалде гьужумал гьаризе рукIана. Гьеб бихьулеб букIана Имарат Кавказалъул бакIалде Исламияб пачалихъ бачIине байбихьарабгоян абуна гьес.

Россиялъул Машрикъ лъазабиялъул институталъул хIалтIухъан Къурбанов Русланил пикруялда рекъон, гьаб ахирисеб кьвагьиялдалъун такъсирал лъугIунгутIизе рес буго, щайгурелъул, Имарат Кавказалда данде ккун, ДАГIШ буго кIудияб ва киса-кирего кьалбал риччараб идара. Гьелдаса цIикIкIун хIинкъи буго ва гьелда дандечIей цIикIкIун гьабизе ккола. Амма гьабсагIаталда гьезул къуват дагьаб буго жеги кIудиял такъсирал гьаризе.

XS
SM
MD
LG