МагъчIваялъе рес

Экстремизм гIодобе кколеб рагIула, амма парахалъизе замaн щун рагIуларо


Терактал, чIвай-хъвеял, журналистал ва низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби чIвай ва гьел такъсиразда хурхун гьарулел цIех-рехазул бицана гьал къоязда журналистазе ЦIех-рехалъул Комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялъул нухмалъулев Эдуард Кабурнеевас.

Ришватчилъиялъул такъсирал цIикIкIараб регион гурилан Дагъистанилан рикIкIунеб буго Кабурнеевас. Гьесул рагIабазда рекъон, гьаб соналъул 11 моцIида жаниб ришватчилъиялда хъинтIараб 307 уголовияб ишалда тIад хIалтIулел рукIана цIех-рехчагIи. Араб соналде дандеккун гьел ишазул 40% диваназде ритIанилан, бицана цIех-рехалъул идараялъул нухмалъулес. Гьелдалъун кколеб буго, ришватчилъиялъул такъсирал Дагъистаналда гIемерлъанин. Амма Кабурнеевас гьеб хIужжаялъе батIияб къимат кьуна – такъсирал гIемерлъичIо, низам цIунулезул хIалтIи лъикIлъана.

Гьанибго тIаде жубала, исана ришватчилъиялъул такъсирал гьариялъул уголовиял ишал рагьана пачалихъиял идарабазда хIалтIулел 55 хIакимасда хурхун. 2013-леб соналде дандеккун гьел ишазул къадар кIицIун цIикIкIун буго.

ХIакимазда хъинтIун рагьарал такъсир гьабиялъул ишал рачине захIмат букIулин рикIкIунаан дагъистанияз. Щайгурелъул, гьез жидерго бухьенал хIалтIизарула ишал къаялъе гIоло. Кабурнеевасни абуна, гьев Дагъистаналда хIалтIулев вугин 2013 соналъул октябралдасан ва хIакимазда хъинтIун гьарулел цIех-рехазде гъорлъ къан щивниги вихьичIин. «Вице-премьерлъун рукIарал кIигоязда хъинтIун рачунел руго цIех-рехал ва хIукуматалдаса лъицаниги суалал кьечIо низам цIунулезе. ЦIех-рехалъул идараялъул хIалтIухъабазда хъинтIунги рагьана уголовиял ишал, низам цIунулел цогидал идарабазул хIалтIухъабазда хурхунги рагьана», - ян абуна Кабурнеевас.

ЧIварал журналистазда хъинтIун рачунел цIех-рехазда тIаса Кабурнеевас абуралда хурхун социалиял сайтазда бахIсал ккана. Гьес абуна, ахирисел соназда жаниб республикаялда 17 журналист чIванин ва гьел такъсиразда гьоркьоса рагьичIеблъун хутIанин цо иш - «Новое дело» газеталъул мухбир АхIмаднаби АхIмаднабиев чIвай. Лъица ХIажимурад Камалов чIвана? ХIажи Абашиловасул иш кида рагьараб? Цогидал журналистал лъица чIварал? Гьединал суалал раккана Facebook сайталда. Кабурнеевасни «Коммерсанталда» бахъараб интервьюялда мухIкан гьабун жавабал кьечIо гьел суалазе.

Гьединго бахIсал ккана Кабурнеевас тохтур Марат Гунашевасда абуралда тIасаги. Гьес рикIкIунеб буго Гунашев изну гьечIого яргъидгIуцIаразул кумекчилъун кколин, рохьилал сах гьарулел рукIанин гьес. Гунашев гIайибияв вукIин бихьизабураб цониги хIужжа батичIин низам цIунулезеян хъвана жидерго твиттералда «Черновик» газеталъул хIалтIухъан МухIамад МухIамадовас.

Терроралъул бицунаго Кабурнеевас абуна, республикаялда ахIвал-хIал лъикIаб рахъалдехун хисулеб бугин. Гьесул рагIабазда рекъон, 2013-леб соналда дандеккун исана, мисалалъе, полициялъул хIалтIухъаби чIваялъул такъсирал 40%-алъ дагьлъана, тIадежоялъе, гьел киналго такъсирал лъица гьарурал чIезабуна. Гьаб соналъул II моцIида жаниб низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз чIвана изну гьечIого яргъидгIуцIарал къукъабазде гъорлъе унел 160 чи, ккун руго 200 чи. «Цониги теракт исана букIинчIо. Гьеб хIужжаялъ бихьизабулеб буго кин низам цIунулез жидерго хIалтIи гьабулеб бугеб», - илан абуна Кабурнеевас.

Гьединго гьес абуна Временный росулъе букIараб хасаб операция къануназдалъун гьабунин ва низам цIунулез росдалчагIазул минабаздаса щибго бикъичIилан. «РосдалчагIаз щай бицунеб гьечIеб бункеразул, батараб яргъил арсеналалъул, кьвагьул алатазул? Инсанасул ихтиярал цIунулелин жидеда абулел чагIи рачIунел руго гьенире ва щвараб бокьараб информация къватIибе рехулеб буго. ХIакъаб бугищали гьеб балагьулел гьечIо. Кьвагьизаруна минаби, амма щай? Щайгурелъул гьел минабазда жанир кьвагуль алатал ратана. Гьел къватIире рахъизе рес букIичIо, кодор росаралго кьвагьизе бегьулаан. Гьелдалъун минабазда жанир кьвагьизаруна», - илан абуна Кабурнеевас «Коммерсантъ» газетаялъе.

Политолог Алексей Малашенкоца «Эркенлъиялъе» абуралда рекъон, ахIвал-хIал Дагъистаналда цохIо къуваталъул идарабазул хIалтIуца хисизабунин абураб жо мекъаб буго.

Алексей Малашенко
Алексей Малашенко

Алексей Малашенко: «БачIунеб соналда тератказул къадарги цIикIкIине бегьула, рохьилазул рагъа-рачариялги гIемерлъизе бегьула низам цIунулел идарабаз жидерго хIалтIи жакъа къоялда гIадин бачине батани. Цониги теракт букIичIин абулеб буго, экстремизмалъул такъсирал дагьлъанин абулеб буго, чIвай-хъвеязул тарихал хисанин абулеб буго - гьедин гьеб батилаха. Амма божизе захIмалъулеб буго ахIвал-хIал хисулеб бугин цохIо низам цIунулезул хIалтIудалъун.

ГIагараб машрикъалда унел конфликтазде гIахьаллъизе исана Шималияб Кавказалдаса гIемер чагIи ана. Дагъистаналдаса рохьилал ратулел руго Сириялда рагъда. Цо-цоял тIадруссунелги руго, амма киналго тIадруссине бегьула Сириялда бугеб конфликт тIагIине байбихьараб мехалда. Дагъистаналда хадуб ахIвал-хIал жеги хIалуцина. Гьелдалъун гIемераб жо бараб буго хасал хъулухъазул хIалтIудаги. ТIадежоялъе, низам цIунулез терроргун экстремизмалде данде къеркьезе цIиял механизмал ралагьизе ккола. ГьабсагIаталдани экстремизмалъул рахъалдаса батIаго багъа-бачари бихьулеб гьечIо».

Малашенкоца гьединго абуна, республикаялъул хIукуматалъги экстремизм тIагIинабиялъе эффективиял нухал ралагьизе кколин. «Ракълилаб комиссия бугоха республикаялда, гьеб лъикIаб ишлъун бихьула дида. Амма цохIо гьеб комиссиялъул хIалтIуца экстремизм тIагIинабизе гьечIо. Чара гьечIого къваригIун буго идеологияб рахъалдаса хIалтIиги», - илан тIаде жубана экспертас.

XS
SM
MD
LG