МагъчIваялъе рес

Тахшагьаралъул бутIрузул тохлъи баянлъизабуна тIоцебесеб гIазуялъцин


ТIоцебесеб гIаздаца цинтIаго берцинлъизабураб МахIачхъалаялъул къватIал цIидаса сурукъаб хIалалде руссинаруна тахшагьаралъул хъулухъаз бакIаричIого тараб ришни- къулалъ.

Киса-кирего къватIазда рощнол гохIал руго. Гьеб бакIаризе кколеб идараялъ абулеб буго, шагьаралъул администрациялъ жидее кколеб гIарац кьолеб гьечIилан, жибго шагьаралъул нухмалъиялъ абуни, чIванкъотIараб жаваб кьолеб гьечIо бугеб ахIвал-хIалалда хурхун.

Тахшагьаралда рищни бакIарула «ЭКО-М» абураб идараялъ. Цереккунги гьезул хIалтIухъабазул гIарза букIана жидее хIалтIухъ харжал кьолел гьечIилан. Доб мехалда республикаялъул нухмалъулесул кумекчи ГIалибег ГIалиевги гъорлъ жуван масъала роцIцIун букIана заманаялъ.

Хадубги ГIалибегица республикаялъул телевидениялдаса лъазабун букIана рищни бакIариялъухъ гIарац кьолеб гьечIин цохIо шагьаралъул администрациялъ гуреб, жалго гIадамазги. Гьезда гъорлъ ругин гIемер хIакимзабиги. Нагагьлъун гьез гIарац кьолеб гьечIони, информалатаздаса рихьизарун суризаризе ругилан лъазабун букIана ГIалиевас.

Гьесул баяназда рекъон, гьабсагIаталда рищни-къул бакIараулеб идараялда хIалтIулел руго 453 хIалтIухъан. Гьез лъухьулеб буго 302 къватI. ГьедигIанго къадар тротуаралги. 73 хIалтIухъанас къотIносан рищни машинабазде реххулеб буго. Щибаб къоялъ шагьаралъухъ

хьвадулеб буго кIи-кIи чиясдаса гIуцIараб 13 бригада. 63 машина буго хIалтIулеб, гьезулги 20яб ремонталда буго. ХIасил, щивав хIалтIухъанас бацIад гьабулеб буго 6660 квадраталъул метр къватIалъул, ва гьелъухъ щолеб буго цIакъго дагьаб гIарац. Гьебги моцIаз кьечIого толеб буго.

ЦIидаса рехсараб пробема загьирлъиялъе гIилла ккола шагьаралъул нухмалъиялъ нахъойги гIарац кьунгутIи ва цебеккун ЭКО-М идараялъгун гьабураб къотIи-къаялъул болжал лъугIи. Гьединаб пикру буго рехсараб идараялъул нухмалъулезул цояв ИбрагьимхIажиев ИбрагьимхIажил.

«ГьабсагIаталда нижер идараялъе шагьаралъул администрациялъ кьезе кколеб гIарцул къадар бахун буго 55 миллионалде. Щай кьолареб абун цIехарабго, гьез абулеб буго нижеца хIалтIи хашго гьабулеб букIанин, кинабго рищни-къул бакIарулеб букIинчIин. Контракталда абуни хъван буго 300 азарго чи вугин шагьаралда, гьелда рекъон кьолеб буго гIарацги. Нилъеда лъаларищха, МахIачхъалаялда 300 азарго гурев, бищун дагьав 800 азарго чи вугевлъи.

Жеги 70 млн гIарац кьезе ккола жалго гIадамаз жидер рищни бакIариялъухъ, гьезги гIарац кьолеб гьечIо. Гьезухъан гIарац бакIаризе кколел идарабиги руго шагьаралъул администрациялъул кверщалида гъоркь. Шагьаралъул мэрасе къваригIун буго рищни бакIарулеб идара жиндир кверщаликье бачине, нижеда щибниги гьабизе кIолеб гьечIилан гIайибалги чIван жиндие бокьарал чагIазухъе тендер ккезабизе».

Гьединго ИбрагьимхIажиевас бицана, 20 ноябралде щвезегIан шагьаралъул администрациялъ тендер лъазабизе кколеб букIанин 2016 соналъ рищни бакIаризе кколеб идара чIезабизе. Амма гьеб тендер жеги лъазабун гьечIин, рищниги лъицаниги бакIарулеб гьечIин. Гьеб гуребги, шагьаралда гьечIо рищни жанибе базе гIурал бакал, гьел гьечIеб мехалъ гIадамаз бокьа-бокьараб бакIалда бан толеб буго гьеб.

Рищни бакIарулеб идараялъулин абуни, гьеб рищни бугеб ящик сверун бугеб бакI гурони бацIад гьабизе кколаро контракталда рекъон. ТIадеги, контракталда гъорлъе унел гьечIоан МахIачхъала сверун ругел Семендер, Кяхулай росаби, гьезул бутIруз жидецаго тIалаб гьабизе ккола рищни бакIаризе.

Щай рищни бакIарулеб идараялъе гIарац кьолеб гьечIеб, щай гьанжелъагIан жеги тендер лъазабун гьечIеб абурал суалазе жаваб щвечIо «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялъул администрациялдаса. Я пресс-хъулухъалъ, я шагьаралъул мэрасул заместителал Запир Алхасовас ва Евгений Цветковас, ялъуни коммуналияб магIишаталъул бутIаялъул нухмалъулес жаваб кьечIо гьел суалазе.

Республикаялъул бетIерасул кумекчи ГIалибег ГIалиевас рикIкIунеб буго рищни бакIарунгутIиялъул гIайиб бугин шагьаралъул администрациялдаги, ЭКО-М идараялдаги кIияздаго. Гьез кIиязго рекъон хIалтIун ургъизе кколин гIадамазухъа гIарац бакIарулеб къагIида, щайгурелъул бащдазги гьелъухъ гIарац кьолеб гьечIо.

Шагьаралъ рищни къул бакIариялъухъ кьолеб буго 200 миллион гIарац щибаб соналъ, амма гьеб буго тIолабго рищни бакIариялъухъ кьезе кколеб гIарцул лъабил бутIа. ХутIараб гIарац бакIаризе ккола хасал чагIазухъа. Гьезда гъорлъ руго гIемерал хIакимзаби, батIи-батIиял идарабазул нухмалъулел.

XS
SM
MD
LG