МагъчIваялъе рес

ТIабигIияб балагьалъул зарал бецIизе гьечIо


ЧIарада мухъалда гьаразаго бана горо-цIер. Гьелъул хIасилазда хурзалгун ахазе гуребги зарал гIадамазецин ккана.
ЧIарада мухъалда гьаразаго бана горо-цIер. Гьелъул хIасилазда хурзалгун ахазе гуребги зарал гIадамазецин ккана.

Май моцIалъул ахирисеб къоялъ ЧIарада мухъалде гIанкIудал хоногIанасеб роценалда бараб цIералъ гIемерав чиясул хур-хералъеги, магIишат-яшавалъеги зарал гьабуна. Амма гьеб зарал бецIейилан хIукуматалде яги росдал магIишаталъул министерлъиялде гIарза хъвазе лъидаго ракIалда гьечIин бицана ЧIарада мухъалъул администрациялъул росдал магIишаталъул бутIаялъул нухмалъулев Адухов ГIабдурахIманица.

ГIарзал хъвачIого теялъе ва кумек гьабейилан ахIи бачIого чIеялъе гIиллалъун кколеб рагIула, гIададисеб хIалтIи гьабичIого тей, ай кумек щолареблъи гIадамазда бичIчIулеб букIин. Щайха гьеб кумек щолареб ва щай Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министерлъиялъ лъазабухъе, зарал ккаразе гьеб пачалихъалъ бецIулареб?

Гьеб суалалъе жаваб балагьилалде гьаниб ракIалде щвезабила исана апрелалъул ахиралда Дагъистаналъул мугIрузул ва гьединго бакълъулазул мухъалда цIорой ккеялъул хIасилалда куракул гъутIбузда бан букIараб тIегь цIороялъ бухIун букIараблъи ва ккараб зарал бецIиялде гIадамазул букIараб хьул. Щайгурелъул, аслияб къагIидаялъ куракалдасан бетIербахъи гьабулел мухъал кколелъулха цIорой ккеялъ пихъидаса махIрумлъарал Унсоколо, Хьаргаби, Гумбет, Шамил ва цо-цо цогидалги мухъал. Щварабищха гьезие рецIел? Гьабурабищха хIукуматалъ кумек?

Масала, Хьаргаби мухъалда цIорой ккеялдалъун пихъ хвана. Гьелъухъ рецIел щвелародайин абун хIукуматалде ритIизелъун хIадурлъулел рукIана хасал кагътал. Амма гьеб рецIел кьолареблъи бичIчIидал, гьабулеб букIанщинаб хIалтIи рехун тезе кканаян бицана Хьаргаби мухъалъул администрациялъул хIалтIухъан Сулейманов АхIмадица.

Сулейманов АхIмад: «МагIарухъ ругел ахал-хурзал руго жалго гIадамал бетIергьанал. Гьединазе щибго жо щолеб гьечIо ва цониги чиясе рецIалил гIарацги щвечIо. Страхование гьабичIогойилан кьолеб жо букIунеб гьечIо».

ЭР: «МагIарухъ ругел хурзазегун ахазе, мина-карталъе щайха гIадамаз страхование гьабулареб»?

Сулейманов АхIмад: «Стархование гьабунгутIиялъе гIилла буго гьелдасан щибго хайир гьечIеблъи, ай зарал гурони букIунгутIи. ГIемераб гIарацги кьун страхование гьабизе кколеб буго ва тIабигIияб балагьалъ зарал гьабичIони гIарац гьоркьоб инарищха. Нилъер гIадамаз гьединал жалги гьаруларо, зарал ккани ккун, ккечIони ккечIого букIинилан тола. Ахазе страхование гьабулеб бугони гьеб гьабизеги ккола гьел тIегьазегIан. ГIицIго страхование гьабула хасалил рекьи гьабулел могьолал нигIматазе. Масала, I00 азарго гъурщиде страхование гьабуни гьелъул 50 процент субсидия хIисабалда тIадбуссунги кьола. Кьиндал цIорой кканиланги абун, гьеб тIаса хъвагIазеги рес букIуна ва гьединаб мурадгун гьабула хасалил рекьулил культурабазе страхованиеги».

Хьаргаби мухъалъул администрациялъул хIалтIухъан Сулейманов АхIмадица бицухъе, 2-3 соналъ цебеги цIоройги ккун пихъ хвеялъул хIужа ккун букIун буго магIарухъ. Гьеб мехалдаги хIукуматалъул рахъалдасан лъиего щун гьечIо кумек, ай кьун гьечIо рецIалил гIарац. Гьединал мисалалги цере рукIаго чIарадисезги, цIералъ зарал гьабиялда бан, гIадада хъвадарун пайда гьечIеблъиги бичIчIун, кумек гьабиялде хьулго гьабулеб гьечIин бицана ЦIуриб росулъа ГIабдулхаликъов МухIамадица.

Росдал магIишаталъул министерлъиялдасан щварал баяназда рекъон, тIабигIияб балагьалъ зарал гьабурал бакIазе страхование гьабун букIун батичIони, рецIел щвей щакаб жо рагIула ва хIукуматалъ, нахъраталилаб фондалдаса кумек гьабуни гурони, гьединазе гIарцудалъун гьабулеб кумекги букIунеб гьечIо.

Гьанибго ракIалде щвезабун абуни, гьал къоязда лъим кIанцIиялъул хIасилалда зарал ккараб алтаялъулазе, бакIалъулаб администрациялъул нухмалъулес гьабураб хIукмуялда рекъон, зарал ккаразе кьезелъун биччан буго 50 миллион гъурущ.
XS
SM
MD
LG