МагъчIваялъе рес

Интернеталъ расанкIаби кIоченарураб наслу


"Лянга" хIалев вас
"Лянга" хIалев вас

Мун, базаргабазул заманалъул вас, Лъалиш дуда къаргъа, хIаниш рахчи-рукъ? ЦIорода гIандарак кьурдарабиш дур? Бурди-тIил хIалаго кватIаниш рокъов?

МагIарул росабалъ щибаб авалалда рукIана лъималаз хIалел батIи-батIиял хIаял. Щибаб росулъ гьел рукIана жидерго ва гьезда цIаралги рукIана батIи-батIиял. Амма жакъа рагьдухъ буго батIияб гIасру. Кинабго жо хисун буго интернеталъ. Лъалеб бугиш жакъасеб гIелалда цониги гьединал хIаял?

«Мун, базаргабазул заманалъул вас,

Лъалиш дуда къаргъа, хIаниш рахчи-рукъ?

ЦIорода гIандарак кьурдарабиш дур?

Бурди-тIил хIалаго кватIаниш рокъов?», - илан гьикъулеб буго «Росулъа кагътал абураб кочIолъ, магIарулазул халкъияв шагIир АхIмадов МухIамадица.

«Бурди-тIил», «Рахчи-рукъ», «Чуял рикъи», «ЦIорода гIандарак кьурдизаби» ва гьел гурел цIаралги, хIалел къагIидабги батIиял, гIемерал хIаял рукIана магIарул росабалъ. ГIисиназда гьел лъалел рукIана жидерго цIикIкIарал вацаз хIалел рихьун, гьездаги гьел лъалаан цIикIкIараздаса. Наслабаз наслабахъе кьун гьездехун рекIелгъей цIикIкIараб букIана цебе. Амма къоло цоабилеб гIасруялда гIун бачIунеб гIелалъе кинабго хисун буго интернеталъ.

«Эркенлъи» радиоялъул пикру ккана жакъа «дунялалъулго хъанхъраялъ» пана гьарурал къоло цоабилеб гIасруялъул гIелалда лъалел ругиш жидер умумуца ва цIикIкIарал вацаз хIалел рукIарал цонигил хIаялилан цIехезе. Нижеца цIех-рех гьабуразда гьоркьор руго анцIгоялдаса анцIила анкьгоялде щвезегIан ригьалда ругел гIолилал .

Сиражудин, 13 сон: «Рахчи-рукъ, лъала, «БецI» хIазе лъала, «Бурди-тIил» хIазе лъала».

ЭР: «Бурди-тIил кинан хIалеб?».

Сиражудин: «Цо гьоркьохъеб бицалъиялъул тIилги балагьун гьелъул тIарада рокI бахъула, гьеб рокIалда жанибги лъун кьабизе ккола дагьаб тIеренаб тIилил гьабураб бурди. Гьеб бурди кIванагIан рикIкIаде кьабизе ккола. Дуда данде вугес гьеб бурди тIадбуссун рехизе ккола, дуца бурди кьабураб бакIалда бугеб ганчIида щолеб хIалалъ. Гьеб ганчIида абула заниян».

Муслим, 10 сон: «Бурди-тIил хIазе лъала, футбол хIазе лъала, «Жанир-къватIир» хIазе лъала

ЭР: «Гьел хIаялиш дуе цIикIкIун рокьулел ялъуни компьютералъул хIаялиш?».

Муслим: «Компьютералъул хIаял цIикIкIун рокьула».

МухIамад, 17 сон: «Нижер росулъ хIалаан «казаки разбойники» абураб хIай. МагIарул мацIалъ дида гьелда цIар лъаларо. Гьединго футболги лъалаан. Гьанжесеб гIелалда гьел хIазе лъалеб батилилан дида кколаро. Гьезие цIикIкIун гъира буго интернеталда ругел хIаял хIазе».

МухIамадмирза, 15 сон: «Дунги ва дир гIелцоялги гьел хIаял лъаларо, ахираб заманалда нижер росулъ гьел хIаял гьарулелги дида рихьичIо. Компьютералда ругел хIаял рокьула ниж киназего».

ЭР: «Нагагь мун жакъа гьел хIаял хIазеян лъугьани дуда лъазе ругиш гъол?».

МухIамадмирза: «Бихьизабуни лъангутIи букIинарин ккола дида, амма гъира букIине бугиш гьел хIазеян абуни, лъаларо, компьютералъул хIаял рокьулел руго киназего»

Хасаб цIех-рех тIобитIичIониги «Эркенлъи» радиоялъе батIи батIиял росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамаз бицана жидер лъоба гьединал хIаял рехун тун ругин лъималаз, интернеталде руссун ругин гьел. Амма хIакъикъаталда цохIо интернетишха гьелъие гIайибияб бугеб, ругиш цогидалги гIиллаби гьанжесеб лъималазда цере рукIарал хIаял кIочон теялъе? Гьелъие гIайибиял тIоцере нилъго ругилан рикIкIунеб буго Гъуниб мухъалда гIолилазда гьоркьоб хIалтIи гьабулев МухIамадов МуртазагIалица. Гьесул пикруялда, чIахIияз жидецаго мисал бихьизабулеб букIарабани жакъа цониги нухалъ, гьезда хадур рилъун гIолилзаги такрар гьаризе рукIанин гьел хIаялин абулеб буго гьес. Мисалалъе гьесул гIагараб Гьонода росулъ 25-30 сон барал чагIазги хIалеб букIун буго бурди-тIил абураб хIай.

МухIамадов МуртазагIали: «Гъол цIигьаруни лъикIаб букIинаан, лъималазул сахлъиги лъикIаб букIинаан. Гьединал хIаязул пайда букIана лъимал тириял, тулакал лъугьин, гьезулъ чанго батIияб гьунар цебетIеялъе кьучI лъолеб букIана гьез тIоцебесеб иргаялда. ЦохIо лъимал гурелги гьезул умумулги гьоркьоб гIахьаллъулеб ишлъидал гьеб букIараб. Гьадинаб хIай букIанин цебейилан жалго умумул цере лъугьун гьез бихьизабуни цIилъизе рес буго гьеб. Гьа, гьел хIаязде регIунищин мун вугеб, магIишат гьабизе лъугьине кколилан кIудиял чIани гьебги цIилъилишха. МагIишаталда гьоркьобги гьелъие заман батизе кIола нилъее бокьани. Амма гьеб заман гьанже батIияб пишаялде буссинабулеб бугоха».

Гьел хIаязул щибаб росулъ жидерго цIарги гьел хIалеб къагIидаги батIи-батIияб букIун буго. Мисалалъе ЧIарада мухъалъул ГIириб росулъ жив гьитIинаб мехалъ рукIаразул цояб, «дагалкIат» абураб хIаялъул «Эркенлъиялъе» бицунеб буго тарихчи, «МагIарулазул Миллиябгун Маданияб автономиялъул» нухмалъулев хисулев ШагIбанов Маркъоца.

ШагIбанов Маркъо: «ХIалев вугев щивасухъ букIуна лъабго-ункъо килщил бицалъилъул, цояб рахъ бегIер гьабураб халатаб тIил, цадахъго рукIине ккола дагьаб тIеренаб тIилги къотI-къотIун гьарурал кескалги, гьезда абула бурдиян Гьеб бурди жаниб лъезе 5 см гъварилъи бугеб ва 10 см халалъи бугеб цо гвендги бухъула. БегIерлъи бугеб рахъалъ гьеб бурди рехизе ккол рикIкIаде. Данде вугесги дуцаги гьеб бурди бортараб бакIалдаса лъабго нухалъ добе гьанибе кьабизе ккола. Гьеб хIаялъул масъала буго нуж кIиясго цояс рикIкIаде, цояс тIадбуссун, гIагарде кьабизе ккола гьеб бурди. Ай, гвенд бугеб бакIалдаса рикIкIадегIан кьаби буго цоясул масъала, данде вугесул масъала буго гьеб нахъбуссун кIванагIан гвендалде гIагардегIан кьаби. Щивас лъабцIул кьабун хадуб гьоркьоб кигIанасеб манзил бугебалиги борцун ахиралде хIасил гьабула кисав бергьаравали».

МагIарул хъвадарухъабазул къисабазулъгун, харбазулъги гIемер дандчIвала тIадехун бицен гьабулел хIаял. МагIарухъ гьезул хасго машгьурлъи букIун буго инкъилаб ккелалде ва гьебккун хадусел соназдаги. Ток гьечIеб, телевизор ва гьелда релъараб техника магIарул росабалъе щвелалде гIолилазул ракIгъей букIун буго цохIо гьединал хIаяздехун.

XS
SM
MD
LG