МагъчIваялъе рес

Кин интернеталда рахчизе бегьулеб


Немец мацIалъ кIалъалел жигьадистаз къватIибе биччана Kybernetiq абулеб жидерго цIияб интернет-журнал. Гьениб гьез гIаклъу кьолеб буго – кин бахчизе кколеб балъгояб информация.

Гьеб журналалда къеркьохъаназ кIвар буссинабулеб буго жидерго хIинкIи гьечIолъи цIуниялде.

Аслияб масъалалъун гьез рикIкIунеб буго рахчарал коммуникациониял платформабазул ресал хIалтIизарун, пачалихъиял хасал хъулухъчагIазул контролалъукьа рорчIизари.

Kybernetiq абулеб жиндирго онлайн-журнал къватIибе биччан бугоан гъоркьисала 28 декабралда цо пуланаб къукъаялъ. Жиндирго Твиттералда гьез лъазабуна, жал ISIS ай – Исламияб пачалихъ гурин. Бугищ нужер бухьен цогидал радикалиял къукъабигун, ян абураб суалалъе гьез жаваб кьолеб гьечIо комментариязул сияхIалда.

Амма рехсараб журналалда гьез жигьадистазе гIакълу кьолеб буго кин жидерго идентификация цIунизе кколебали. ТIоцебесеб иргаялда нахъ чIвазе кколин жигьадалда хурхен бугел интернет-цIарал. Масала мужагьидилан абураб ва гьелда релъарал цIараздасан инкар гьабизе кколин.

Гьединго гьез бихьизабулеб буго TOR абулеб цадахълъи бищун лъикIаб алат хIисабалда. Гьелъ рес кьолеб бугин Интернеталъухъ балъгояб хал-щал гьабизе, компьютералъул адрес бихьизабичIого.

ЛъикIаб къимат гьез кьолеб буго Privacy Guard GNU абулеб программаялъе. Хасал хъулухъчагIазул бетIер сверизабулеб алат гьеб бугин абун. Гьелдалъун репрессивияб низамалъул шартIазда гIумру гьабулел гIадамазда хадуб хал кквей гьабизе кIоларин хасал хъулухъчагIаз.

Ахирисел моцIазда жигьадистаз хIалтIизарулел руго хасго гьадинал технологиял, ян абулеб буго низам цIунулез ва хасал хъулухъчагIаз. Мисалалъе босани Тelegram абулеб программа. Анонимазде данде чIолеб GhostSec абулеб къукъаялъул вакилас лъазабухъе, ахирисел къояз гьениб жигьадистазул цIиял чатал гIуцIун ругоан батIи-батIиял мацIазда.

Амма Лондоналда бугеб Demos абулеб социалиял медиалъул цIех-рех гьабулеб аналитикаялъул Централъул вакил Алекс Красодомскияс абулеб буго шифралдалъун бахчарал технологияби хIалтIизари – гьеб цIияб ищ гурин, экстремистаз, радикалаз ва къеркьохъаназ церегоги хIалтIизарулаанин гьадинал технологиял.

2007 соналда къватIибе бахъана Аль-КъагIидаялъ гьабураб жиндирго хасаб программаялъул технология. Гьанже «Kybernetiq» журналалъ къеркьохъагазе гIакълу кьолеб буго гьеб цадахълъей хIалтIизабуге ян абун.

Интернеталъухъ хал-щал гьабулел хасал хъулухъчагIазул рахIат хвезабун буго гьединал балъгоял технологиял радикалаз ва экстремистаз хIалтIизарун рукIиналъ. Гьадин хъвалеб буго Wall Street Journal-алъ.

13 ноябралда Парижалда терактал гьаризегIан хасго гьадинал балъгоял технологиял хIалтIизарун ратилин террористаз, гьужумал гьариялъул планал рекъезарулаго.

ХIакъикъаталдаищ гьедегIан кIудияб хIинкъи кьолеб жигьадистаз балъгоял технологияби хIалтIизарун рукIиналъ? Красодомскияс абулеб буго Парижалда тIаде кIанцIиял гьарун рукIанин балъгоял гурел технологиял рилълъагхъизарун.

Гьединлъидалин криптографиялдалъун жидерго таса-махIлъи ритIухъ гьаби гьеб жаваб гуро, ян абулеб буго Красодомскияс.

Шифралъ жидерго гара-чIвари бахчизаби гьеб бугин тIад чIезабураб хIужа, ва хасал хъулухъазул рес букIине ккола къануналда рекъон гьелде данде къеркьезе.

Амма шифралъ хасал хъулухъазул хIалтIи чIезабуна ян абизе кьучI гьечIин абулеб буго Красодомскияс.

Жоанна ПАРАЩУК

XS
SM
MD
LG