МагъчIваялъе рес

ХIакъикъаталде унеб нух балагьулаго


Кин бицунеб бугеб Россиялъул газетаз Малайзиялъул аэроплан бортизабиялъул хIакъалъулъ? Гьез загьир гьарулел версиязда магърибалда божулел гьечIо. Гьениб гIемерисез рикIкIунеб буго, россиялъул информалатаз гьересиял версияби загьир гьарулел ругин Кремалалде гIайиб ккезабичIого хIутиялъул мурадалдайин.

Цояз хъвалеб буго Малайзиялъул «Боинг – 777» Украиналъул армиялъ Россиялъул рагъулаб аэроплан бугин ккун бортизабун бугин. Цогидаз жибго лайнералда жаниб теракт гьабун батизе бегьулин.

ТIоцебесеб версия загьир гьабулезул цояб ккола «Комсомольская правда» газета. Гьелъ нахъ чIвалеб буго Донецкалъул сепаратистазул гьелде хурхун букIин. «Лъица биччараб «Бук?» абураб макъалаялда рагъулав журналист Баранец Викторица хъвалеб буго 10 000 метраялъул борхалъуда боржунеб аэроплан ракьдаса «Бук» абураб ракетабазул комплексалда гурони бажаризе букIинчIин бортизабизеян. Гьелъул бицунаго, гьес кIвар буссинабулеб буго гьединаб комплекс Украиналъул 75 букIиналдеги Донецкалдаса 40 километраялъул манзилалда гьаваялдасахун бугеб хIинкъи баянлъизабулеб станцияйин букIиналдеги.

Виктор Баранец: «Украиналъул пропагандаялъ чIечIого Россиялъ гьаваялдасаги гIодосанги гьужум гьабичIого толарин абун бицунеб букIин ракIалде босани, нилъеца нахъ чIвазе кколаро радаралъул экраналда Малайзиялъул «Боингалъул» тIанкI Россиялъул рагъулаб аэроплан хIисабалда къабул гьабун батиялъул версия».

Гьес абулеб буго сепаратистаз июналда Украиналъул рагъулазухъа бахъун букIанин «Бук», амма хIалтIулеб хIалалда гьеб букIинчIин ва гьелъул компонентал камун рукIанин. Цингигиян, жубалеб буго гьес, сепаратистазул «Бук» хIалтIизабизе бажарулел спецалисталги гьечIин.

«Независисмая газетаялъ» Малайзиялъул лайнер бортизаби рикIкIунеб буго «ЦIорораб рагъ» байбихьиялъул ишаралъун. Гьединал рагIаби хIалтIизарун байбихьулеб буго «Бортизабураб «Боинг»: гIицIго хIужаби» абураб редакциялъулаб макъала. Газетаялъул журналистаз хъвалеб буго «Боинг» бортизабун букIине бегьулин яги «Букалъ» яги доб заманалда гьаваялда букIараб Украиналъул рагъулаб аэропланалъин. Цингигийин жубалеб буго макъалаялда, гьанжеги ригьго букIин борталда тIад теракт гьабиялъул версиялдаса инкар гьабизегийин.

Гьезеталъ нахъ чIвалеб буго «ракь-гьава» тайпаялъул ракета Россиялъул территориялдаса биччаялъул версия.

Макъаялда хъвалеб буго Киевалъул «Бук» система бугин ва гьеб лъун бугин улкаялъул машрикъалъул рахъалда, Россиялъул рахъалдаса букIине бегьулеб гьужумалдаса цIуниялъул мурадалдайин. Гьеб гьечIониги Киевалъ Москваялда гIайиб гIунтIизабулеб буго Росссиялъул рагъулал аэропланаз Украиналъул гьваялъул гIорхъаби хвезариялъул. «Гьединлъидал нижецаги нахъ чIвалеб гьечIо, Украиналъул рагъулаз Россиялъул рагъулаб аэропланлъун ккун Малайзиялъул лайнер бортизабун батиялъул версияги.» - ян хъвалеб буго газетаялъ.

Газетаялъ гьединго щаклъиялде гъоркье бачунеб буго сепаратистаз бахъараб «Бук» хIалтIизабун «Боингалда» ракета речIун бугин абураб. Гьелъ кIвар буссинабулеб буго Украиналъул генералияв прокурор Виталий Яремаца сепарастистаз «Бук» бахъиялъул хIужа нахъ чIван букIиналде.

Газеталъ гьединго нахъ чIван буго сепаратистазе «Бук» Россиялдаса щвезабун бугин абураб Украиналъул официалияб лъазабиги.

«Московский комсомолец» газетаялъ Украиналъул нухмалъиялда гIайиб чIвалеб буго рагъ унеб регионалда тIад гражданияб авиациялъе гьаваялъул гIатIилъи къачIого теялъе гIоло. Гьелъул жавабчилъи Киевалда тIад хутIизе бугин, нагагьлъун авиалайнер сепаратистаз бортизаби чIезабуницин, хвалеб буго газеталъ.

«Аргументы и факты» газеталъ кьолел руго Кубаялъул вукIарав лидер Фидель Кастрол рагIаби. Гьес катастрофаялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго Украиналъул нухмалъиялде.

XS
SM
MD
LG