МагъчIваялъе рес

Лъица чIварав 298 чи?


Донецкалъул регионалда бортизабун буго Малайзиялъул авиалайнер «Боинг – 777». Хвана 298 чи. Лъида гIайиб бугебали гьанжеги мухIканго чIезабун гьечIо. Амма Москваялъ рикIкIунеб буго гьеб бугин Киевалъул хIалтIи. Киевалъин абулеб буго, гIагсалда, аэроплан Россиялъ бортизабунин. Версияби руго гIемер. МухIканаб жаваб кьезе бегьула лъиданиги бачIеб халкъазда гьоркьосеб цIех-рехалъул къокъа гIуцIани.

17 июлалда Амстердамалдаса Куала-Лумпуралде рейс гьабулеб Малайзиялъул миллияб авиакомпаниялъул лайнер Россиялъул гIорхъиялде 50 километр хутIараб мехалда халкъазда гьоркьосеб къотIи-къаяз бихьизабураб анцIазарго метралъул борхалъудаса цинтIаго гIодобе ун буго. Хадуб гьелъул цIа рекIарал хутIелал ратана Украиналъул территориялда.

Авиакатастрофаялда хварав 298 пассажирасда гъорлъан I54 чи кколев вуго Нидерландазул гражданав, 27 австралиялъулав , 23 малайзиялъулав, 11 чи Индонезиялдаса, анлъго британиялъулав, ункъ-ункъ немцавги белгиялъулавги, лъабго Филиппиназул гражданав ва канадаялъулав. ХутIарал кинаб гражданлъиялъул гIадамал ругелали чIезабулеб буго.

Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица лъазабуна, «лъугьа-бахъараб кколин халкъазда гьоркьосеб такъсирин ва гIайиб бугез жаваб кьезе кколин Халкъазда гьоркьосеб трибуналалда цебе.»

Украиналъул президент Петр Порошенкоца жинидрго видеохитIабалда лъазабуна рагъ жидер улка тун къватIибе тIибитIанин.

Петр Порошенко: «Гьеб трагедиялъ цойги нухалъ бихьизабулеб буго, терроризм локалияб гуреб, дунялалъул проблема кколеб букIин. Украиналде данде загьирлъулеб къватIисеб агрессияги кколаро гIицIго Украиналъул проблема. Гьеб ккола Европаялъеги тIолабго дунялалъеги бугеб хIинкъи. Гьелдаса бергьиналъул масъала рагIалде бахъинабиялъеги къваригIуна цадахъ лъугьун хIаракат бахъи».

Жиндирго лъазаби гьабуна Россиялъул президент Владимир путиницаги.

Владимир Путин: «Гьелда бан дие бокьун буго абизе, гьеб трагедия ккезе букIинчIо гьеб ракьалда рекъел букIарабани, Украиналъул жанубиябгун машрикъалъул рахъалда рагъ цIилъизабун букIинчIебани».

Украиналъул нухмалъиялъул версиялда рекъон, «Боинг» бортизабун буго сепаратистаз Россиялъ гьезие кьураб «Бук» абураб ракетабазул комплексалъул кумекалдалъун.

Украиналъул Жанисел ишазул министрасул кумекчи Антон Геращенкоца жиндирго «Facebook»-алъул гьумералда лъазабуна, Россиялъул гражданав Игорь Стрелков яги Гиркин, араб сордоялда вачIун вукIанин Снежноеялде Малайзиялъул бортизабураб аэропланалда хурхун ахIвал-хIал «рукIалиде» бачиналъул мурадалдейин, гьес трагедиялъул гIайиб букIиналъе бищунго аслияб далиллъун кколеб ракета биччараб «Бук» комплекс тIагIинабиялъул мурадалда щвезабунин Россиялъул Федерациялдейин.

Сепаратистазе бокьун букIун батизе бугин Украиналъул рагъулал Ил – 76 ва Ан-26 аэропланал рортизаризе, амма «Букалдаса» биччараб ракетаялъ ишаналде босун батизе бегьулин дагьалъ кIудияб объект – Малайзиялъул авиалайнерин, лъазабулеб буго гьединго Киевалъ.

Украиналъ жинда кьучI гъоркь букIине бегьулеблъун рикIкIунеб буго гьединго ракета Россиялъул территориялдаса биччараб букIине бегьиялъул версияги.

Украиналъул хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъул бетIер Валентин Наливайченкоца лъазабуна, Донецкалъул областалда Россиялъул гIорхъода аскIоб ккунин «Букалъул» кIиго корректировщикин.

Россиялъ кинабго жо нахъ чIван загьир гьабулеб буго гIагсаб версия, аэроплан бортизабунин Украиналъул къватазин, абураб. Гьелдаго цадахъ гIайибалъул рагIад биччалеб гьечIо Донецкалъул сепаратистазде.

Россиялъул информалатаз загьир гьарурал версизда гъорлъан цоялда абулеб буго, гьеб букIанин Россиялъул президент Владимир Путин тIад вукIараб Бразилиялде унеб аэроплан кьвагьизабиялъул мурадалда биччараб ракетайн, амма гьеб лъачIого щванин Малайизиялъул аэропланалдайин. Цогидаб версиялда рекъон, трагедия ккун буго Украиналъул рагъулазул махшел гIунгутIиялъе гIоло лъачIого ракета биччан.

«ЧегIерал яшикIазул» цояб батун буго сепаратсиазда. Цогидаб батун буго Украиналъул хвасарчагIазеги. Киевалъ лъазабулеб буго, нагагьлъун сепаратистаз аэропланалъул аппарат аппарат Москваялъухъе кьуни, гьеб букIине бугин вахшияб халкъазда гьоркьосел къанун хвезабиялъул актин.

Украиналъул хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъ тIибитIизабун буго Донецкалъул регионалда лайнер бортун хадуб сепартатистазул рагъулал бутIрузул балъго хъварал кIалъаял. Гьел хIакъал яги гьересиял рукIиналъе далилал гьанжеги кинабгIаги рахъалъ рачун гьечIо.

XS
SM
MD
LG