МагъчIваялъе рес

ЦIунулищ дун дир полициялъ?


10 ноябрь ккола Россиялъул полициялъул къо. Цо-цо баяназда рекъон, милиция абун букIараб гьеб хъулухъалда полицияйин цIар хисиялъе харж гьабун рагIула 52 млрд гъурущ. Гьелдасаги цIакъ хIажат бугоанин унголъунги полициялъул хIалтIи рукIалиде ккезабулеб реформайин рикIкIунеб буго цо-цояз.

ХIалтIи гьечIого хутIарал гIадамал аслияб куцалда милициялде унеб гIадат букIана гьанжеялдаса чанго соналъ цебе Дагъистаналда. Гьединлъидал гьезда тIасан рицунел харбалги гIемер рукIана халкъалда гьоркьор. Аслияб куцалда гIайибал чIвалел рукIана республикаялъул милициялъул хIалтIул даража гIодобе ккун букIиналда.

Къогоялдаса цIикIкIун соназ жанисел ишазул идарабазда хIалтIарай ва гIезегIан мехалъ гьений пресс-хъулухъалъул нухмалъиялда йикIарай Анжела Мартиросовалъ ракIалде щвезаруна 10 ноябралда жидеда баркизе вачIиндал, Дагъистаналъул парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовас рехсараб хIужаги. Масала, ахирал соназда тIадеялдаса тIаде дагьлъулел ругила хIалтIулъ гъалатIал риччанин яги цойги гIиллаялдалъун полициялда тIасан рахъулел гIарзал. Гьелъие гIилла гьадин бихьулеб буго Анжела Мартиросовалда.

Анжела Мартиросова: «Дида кколеб буго, тIоцебесеб иргаялда гьеб бараб бугин полициялъул хIалтIухъабазул къокъа хисиялда. ГIезегIан чи нахъе ана гьениса хIалтIул ригь лъугIиялда банги, цогидаб хъулухъалде ине къваригIунги, ялъуни батIиял гIиллабаза банги. Узухъда, полициялдехун халкъалъул бербалагьи бараб букIуна къойилго гьезда вихьулев участковый абулев инспекторасул, нухазда гIадлу чIезабулел инспекторазул хIалтIуда. Гьезда тIасан гIемер рагIизе бегьула квешаб хабар. Амма гьелдаго цадахъ гьаб нилъеда нахъехун, Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул минаялда цебе лъураб стеллаялъухъги балагьеха, хъулухъ гьабулаго чIварал полициялъулазул цIарал рикIун руго гьенир. Гьеб стелла лъураб соналъ гьениб гIицIго цохIо кьер гурони букIинчIо. 50 чиясул цIар букIана. ГьабсагIаталда абуни кIинусидаса цIикIкIун чи вуго гьенив вихьизавун. Гьелгицин киналго гуро ругел. Гьелъул магIна кколаха гьел чагIи халкъалъул парахалъи цIуниялъе гIоло гIумруялдаса махIрумлъанин абураб. Пахруяб хабарин рикIкIунге гьел рагIаби. Унголъунги гьедин буго иш. БатIаго дица абулеб гьечIелъул гIайибго кколарел чагIи ругин гьелгиян.

Цойги хIужаялде кIвар буссинабизе бокьун буго дие. ГIадатиял гIадамазги гьабизе ккола полициялъе кумек. Кодоб автоматги ккун, такъсирчи чIвазе рахъаян абулеб жо гуроха гьеб. Гьелъул магIна буго цодагьалгIаги сверухъ балагьун, тохаб-гIучIаб жоялде кIвар кьун, полициялъулгун бухьеналда рукIине кколин гIадамалин абураб магIна».

БакIал раялъул бизнесалда вугев Руслан ГIамировасул пикру батIияб буго жакъасеб полициялда тIасан. Араб гIасруялда бищун халкъалъ къимат гьабулев чи мугIалимги милициялъул хIалтIухъанги вукIанила совет союзалда. Дядя Степа абун кечIгицин букIанила милициясде гьабураб. Гьанжейин абуни улка хисигун, араб гIасруялъул 90 абилел соназда 1 млн хIалтIухъан нахъе ун вугин милициялдаса, гьенив хIалтIизе разилъичIогоян абуна Руслан ГIамировас. Гьедин дагьалниги хутIарал ракIбацIцIадал хIалтIухъабиги Дмитрий Медведев Россиялъул президентлъун вугеб заманалда анила нахъе (жанисел ишазул идарабазда реформа гьабулеб мех букIана гьеб).

ПалхIасил, жакъасеб полиция гьадин бихьулеб буго Руслан ГIамировасда.

Руслан ГIамиров: «КигIан жидее мухь цIикIкIинабуниги, гIорхъолъа араб ришватчилъиги буго гьениб. Дагьабниги намус-яхI хутIун буго СОБР, ОМОН абурал къокъабаздаса хIалтIухъабазулъ. ХутIараз щиб гьабулеб бугеб? Гьел руго цоцаца цоцал какулел. Масала, босе гьадаб мисал – МахIачхъалаялъул пляжалда чороклъи гьабулев ватарав чачаназул полициялъулав видеяолде рахъарал дагъистаниязул полициялъулал. Чачаназул ватаниги, лъил ватаниги щиб гъов полициялъулав. ГIаммаб куцалда босани, гьезул жидергун махщелцоявлъидал гьев кколев, прокуратураялъул яги гIорхъаби цIунулезул чи гурелъул дов. Гьединго цIех-рех гьабулеб куцги буго хашлъун. Масала, советияб заманалда участкаялъул цо инспектор гIолаан тIубараб росдае, яги шагьаралъул цо кIудияб мухъалъе. Гьанжейин абуни цо къотIнов хIалтIун бажаруларо лъабго инспектор. Ялъуни цо базаркъотIнореги руссун, гIиси-бикъинал жалазде тIаделъун рукIуна. ЛъикIал хIалтIухъабиги ратила. Амма гьел дагьал руго. Гьединлъидал дида ккола цо лъикIаб реформа хIажат бугин полициялъе. ТIалъиялъе данде кколарел хIалтIухъаби яризарулеб реформа гуребха. Ялъуни гьадаб цо полиция абун милициялда цIар хисулеб гIадаб реформаги гуребха. Унголъунги гьезул хIалтIи рукIалиде ккезабулеб реформа. 52 млрд гъурущ харж гьабун рагIула доб полиция абун цIар хисиялъе гIоло».

Доб цебехун бицухъе, Дагъистаналъул полициялда иш лъикIлъулеб бугин республикаялъул парламенталъул спикерас абуниги, гIадатиял гIадамазул гIемерисезул пикру буго полициялда гIадлу чIезабиялъул рахъалъ Дагъистаналъ (гьединго Россиялъ) мисал Гуржиялдаса босани лъикIин абураб.

XS
SM
MD
LG