МагъчIваялъе рес

Щай протоиерей Чаплин хъулухъалдаса нахъе вахъарав?


24 декабралда протоиерей Всеволод Чаплин махIрум гьавуна ГьатIаналъулги жамгIияталъулги гьоркьорлъабазул синодалияб бутIаялъул нухмалъулесул хъулухъалдаса.

Россиялъул православияб гьатIаналъул лъазабиялда рекъон, гьеб хурхараб буго Чаплиница нухмалъулеб букIараб бутIа информациялъул хъулухъгун цолъизабиялда. Амма Россиялъул тIалъиялъул рахъ кколев динияв хъулухъчиясул рагIабазда, гьеб хIужаялда нахъ руго батIиял багьанаби.

47 сон барав Чаплиница абулеб буго, жив хъулухъалдаса нахъе вахъи хурхараб бугин, цебе жиндие квербакъи гьабулев вукIарав Россиялъул православияб гьатIаналъул бетIер патриарх Кириллилгун гьоркьорлъаби хун рукIиналдайин.

Цо рахъалъан босани, протоиереил хьвада-чIвади буго Россиялъул президентасул политика битIараблъун бихьулев чиясул. Амма гьесго лъазабулеб буго, Путинил рахъ кколезул гор-свери гьитIинлъулеб бугин ва Россиялъул элитаялда гъорлъ гьесул политикаялда рази гьечIезул къадар цIикIкIунеб бугин.

Гьелдаго цадахъ гьес абулеб буго, Кремлалъ хIехьоларин жиндиргоялдаса батIияб пикруйин. Протоиереица хасго какулев вукIана президентасул администрациялъул нухмалъулев хисулев Вячеслав Володин, гьес гьеб элитаялда жиндирго пикру ультимативияб къагIидаялда къабул гьабизабизе гIамал гьабулеб бугинги абун.

Всеволод Чаплин: «ГIемерисез рикIкIунхъе, Володинида жиндирго пикруялда разилъунгутIи хIехьезе кIоларо. Гьесие рокьуларо жиндирго позиция бугел гIадамал. Щай? Щайгурелъул гьесда кколеб буго гIадамазда тIадаб бугин гьесул киналго рекомендацияби кIалъачIого къабул гьаризе. Гьев ккола гIуралъ авторитарияв хъулухъчи, гьес жиндаго сверухъ ракIарун руго щиб гьабуниги, щиб абуниги, гьесул кинабго жо къабул гьабулел гIадамал. ГIемерисел суалазда сверун Володинилгун диалог гуреб унеб букIунеб, букIуна гьесул нахъ чIвазе бегьуларел пикраби загьир гьари».

Чаплинил рагIабазда, Россиялъул православияб гьатIаналъул ишалда патриарх Кириллилги заманалдаса раккана авторитариял къагIидаби. Амма Кремлалъулгун гьоркьорлъабазул бицани, гьев гIуралъ гьелъие мукIурав чи ккола.

Марталда кьураб кIиго интервьюялда Чаплиница Кириллиде гIайиб гIунтIизабуна гьесда талъиялде дандечIезе кIоларин абун. Гьесулъ щулаго хутIун бугин гьатIаналдаги нухмалъиялдаги гьоркьоб советияб заманалда рукIарал гьоркьорлъабазул къагидабазул рухIин, жубалеб буго гьес.

Всеволод Чаплин: «Советияб заманалдаса гIемер жо хутIун буго. Доб мехалда динияб нухмалъи хIинкъулеб букIана пачалихъалъул тIалъиялда ругел гIадамазулгун рагьараб хабар бицине яги гьел какизе. Амма гьеб гьедин гIемер заманалъ хутIизе рес гьечIо».

Живго хъулухъалдаса нахъе вахъизегIан Чаплиница какулеб букIинчIо я Кремль, я гьатIан. ГIагсалда, цо-цо заманалда гьев релъарав вукIана Россиялъул консервативияб элитаялъул пикраби загьир гьарулев чиясда.

Протоирей дандвазе бегьула ультранационалист Владимир Жириновский гIадал политиказда. Ахирисес кумек гьабула консервативиял яги Магърибалде данде Кремлалъул пикрабазе данде кколеб гьаркьил даража босизе. Патриархасе ракIалъе гIолеб букIун батизе гьечIо Чаплинил гьелдаго релъараб хьвада-чIвади.

Чаплин бищунго машгьурлъана 2012 соналда. Гьелъие багьаналъун букIана гьес Pussy Riot группаялъ аслияб гьатIаналда жаниб жидерго акция тIобитIун хадуб гьабураб лъазаби. Ясазул хьвада-чIвади гьес лъазабуна Россиялъул политикияб оппозициялъул «шайтIабазул бахъараб ццим» загьир гьабиялъул къагIидалъун. Гьеб ракIалъе гIун батизе бегьула Кремлалъеги патриархасеги.

Чаплин рихиялъул багьанабазул цояб кколеб батизе бегьула гьединго Сириялъулги Украиналъулги рагъазда хъван Кремалъеги Кириллиеги ракIалъе гIоларел лъазабиял гьариги. Протоиерейица жинцаго абулеб буго, ахирисеб соналда патриархасулгун гьоркьорлъаби жиндир хванин Украиналъул машрикъалда конфликталда сверун «гьатIаналъул гьаракь критикияб букIине кколин» абураб пикру патриархасе ракIалъе гIун гьечIолъиялда банин.

Всеволод Чаплин: «ГIуралъ кIудияб рагIирекъонгутIи букIана дир Кирилл патриархгун цо-цо суалазда хурхун. ГьатIаналъулгун пачалихъалъул гьоркьорлъабазда хурхараб гьаракьалда бан, мисалалъе.

ГьатIаналъул рахъалдаса гьеб гьаракь дагьалъ критикияб букIине кколин рикIкIуна дица. Дица рикIкIуна Украиналда хурхунги нижеца жигарлъи загьир гьабизе кколеб букIанин. Жигарал рукIине кколел рукIана гьениб, Донбассалда бугеб цIияб нухмалъиялъулгун, Россиялде балагьарал, гIурус мацI цIунулел гIадамазулгун гьоркьорлъаби гIуцIиялъул ва гьел щулалъизариялъул суалазда бан.

РукIана дир гьесулгун рагIирекъонгутIиял гьатIаналъул нухмалъи гьабиялъул суалазда хурхунги. Гьединаб пикраби дица загьир гьарулаан гIадамазда цебеги. Гьедин нижер рагIирекъонгIутIиялъул даража цIикIкIунеб букIана къойидаса къойиде».

Чаплиница рахъ ккуна Украиналъул сепаратистазул. Гьеб гIечIого, гьес ахIана дагьалъги агрессивияб къагIидаялда «ГIурусазул дунялалъул» рахъ кквеялде. Жиндир уммаялда гъорлъ украиналъулазул миллионал ругев Кириллицайин абуни, босана дагьалъ тамахаб тон. 2014 соналда гьес ахIи бана вацас вац чIваялъул рагъалъе ахир лъеялде.

XS
SM
MD
LG