МагъчIваялъе рес

Игорь Каляпин:"Нижеца лъилниги тIадкъаял тIуразаруларо"


«ГIазаб кьеялде данде комитет» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб регионаздагьоркьосеб гIуцIиялъул бетIер Игорь Каляпиница талат къоялда лъазабуна гьеб гIуцIи къаялъул хIакъалъулъ. Гьелъул бакIалда рагьулеб рагьун буго цIияб гIуцIи.

Талат къоялда Москваялда «Интерфакс» агентлъиялда тIобитIиараб хасаб пресс-конференциялда Игорь Каляпиница лъазабуна, «ГIазаб къеялде данде комитет» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул 15 соналъул хIалтIи ахиралде щванин ва гьеб гIуцIи къалеб бугин.

Игорь Каляпин: «ГIазаб кьеялде данде комитет» къалеб буго. Гьаб анкьалда тIуразаризе руго Минюсталъул киналго формалиял тIалабал ва гьеб комитет инсанасул ихтиярал цIуниялъул хIаракатчилъиялъул сценаялдаса нахъе унеб буго абадиялъго. Хадусеб анкьалда нижер комитеталъул хIалтIи тIубанго чIезабула."

Амма жиндир бугин кIиабилеб лъазабигийин, абуна Каляпиница журналистазда. Жидер гIуцIи къай кколарин жидеца гьабулеб хIалтIиги чIезабулеб бугин абурабин.

Игорь Каляпин: «Хадусеб анкьалъул итни къоялдаса хIалтIизе байбихьулеб буго цогидаб регионаздагьоркьосеб жамгIияб гIуцIи. Гьелда цIар буго «ГIазаб кьей биччангутIиялъул комитет». Гьеб гIуцIун букIана гражданазул къокъаялъ цебесеб соналда Оренбургалда. Дагьалъ цебе гьеб гIуцIиялъул хIаракатчагIаз дун вищана гьеб комитеталъул нухмалъулевлъун. «ГIазаб кьеялде данде комитеталъул» гIахьалчагIазул аслияб бутIа гъорлъе лъугьана гьеб гIуцIиялде. Гьединлъидал итни къоялдаса хIалтIизе байбихьулеб буго регионаздагьоркьосеб жамгIияб гIуцIи «ГIазаб кьей биччангутIиялъул комитет».

«ГIазаб кьеялде данде комитет» гIуцIун букIана Нижний Новгород шагьаралъул инсанасул ихтиярал цIунулез 2000 соналда. Араб анкьалда гьеб гIуцIиялъул гIахьалчагIазул аслияб къадаралъ гьаркьал кьуна гьеб гIуцIи къаялъул рахъ ккун. Гьелъие багьаналъун Каляпиница рехсана «КъватIисел пачалихъазул агентал» хIисабалда жидер регистрация гьаби ва гьединал агентал хIисабалда жалго рихьизари гьезие бокьун гьечIолъи.

Игорь Каляпин: «Нижго къватIисел улкабазул агентал» хIисабалда рехсей, гьеб нижее данде кколеб жо гуро. Щайгурелъул гьеб гьереси кколелъул. Гьеб ккола сурукъаб ва ниж хIакъаир гьарулеб цIар. «Конституциялълаб диванал лъица щиб абулеб батаниги, Пачалияхъияб Думаялда лъица щиб абулеб батаниги, гIурус мацIалда «къватIисел улкабазул агент» абураб термин ккола къватIисеб улкаялдаса пуланав бетIергьанасул тIадкъаял, буюриял тIуразарулев агентин абураб жо. Чияр тIалабал яги тIадкъаял жиндирго хIалтIул I5 сонида жаниб нижер гIуцIиялъ киданиги тIабазабичIо.

Гьаниб абизе кколеб батила, Россиялъул къанунал хIалтIизариялъул практикаялда гьединаб гIадаб тIалаб, ай, жибго къватIисеб улкабазал агент хIисабалда рехсей, такъсирчагIазда хIухунцин гьечIо. Диваналъ гIайиб чIезабун бугоницин, такъсирчиясулцин ихтияр буго гIунтIизабураб гIайиб нахъ чIвазе. Нижедасайин абуни, лъицаниги гIайибалъул далилал рачинчIониги, яги гьел рачине хIалцин бихьичIониги, тIалаб гьабулеб буго нижеца нижго гьединал агенталлъун лъазаризе. Гьелъие аналогия бачине кIола дида XVII гIасруялда гIадамазда гIуж лъолеб заман рехсон».

Игорь Каляпиница лъазабуна, «ГIазаб кьей биччангутIиялъул» цIияб комитеталъул хIалтIухъабаз жидерго хIалтIи цебего гIадн гьабизе бугин, гьелдаго цадахъ Чачаналъги гьеб хIалтIи халат бахъинабизе бугин. Гьесул рагIабазда, гьесие гьеб кколеб буго принципалъул иш.

Гьаб соналъул 3 июналда Грозныялда митингалъул гIахьалчагIи тIадекIанцIана инсанасул ихтиярал цIунулезул офисалде. 2014 соналъул декабралдаги митингалъул гIахьалчагIаз цIа гъун букIана гьезул офисалда. Гьеб акциялъул гIахьалчагIаз комитеталъул х1алт1ухъабазде гIунтIизабуна террористазул ва экстремистазул гIагарлъиялъе кумек гьабиялъул гIайиб.

Гьеб хIужжа ккелалда цебе комитеталъул бетIер Игорь Каляпиница Россиялъул цIех-реххалъул комитеталде хитIаб гьабун букIана республикаялда «террористазул хьвада-чIвадиялда хурхун жавабчилъи гьезул гIага-божаразулги букIине бугин» абурал Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадировасул рагIаби къануналде данде ккеялъул рахъалъул хал гьаби тIалаб гьабун.

XS
SM
MD
LG