МагъчIваялъе рес

Къадировасулги Каляпинилги конфликт хIалуцана


«ГIакъуба кьеялде дандечIараб Комитеталъул» Грозныялда бухIараб офис, декабрь 2014
«ГIакъуба кьеялде дандечIараб Комитеталъул» Грозныялда бухIараб офис, декабрь 2014

«ГIакъуба кьеялде дандечIараб Комитеталъул» Грозныялда бугеб къукъаялъул офис бухIун ва гьелъул гIахьалчагIи полициялъ ккун рукIана гьал къоязда. Чачан республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул нухмалъулев хисулев Апти Алаудиновас лъазабуна комитеталъул хIалтIухъабазда регионалда гьезие хIинкъи гьечIолъи чIезабизе жинда кIоларин. Щиб ккараб инсанасул ихтиярал цIунулезе гьединаб тIадецуй гьабиялъе гIиллалъун?

Комитеталъул къукъаялда хадубчIей байбихьана гьеб гIуцIиялъул нухмалъулев Игорь Каляпиница Рамзан Къадировасда тIаса низам цIунулезухъе гIарза битIун хадуб. Къадировас лъазабун букIана изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унезул гIагарлъи парахат тезе гьечIин, республикаялдаса гьел гочинаризе кколин ва гьезул минаби хвезаризе ругин. Грозныялда роххьилазулгун тунка-гIуси ккун хадуб абуна гьедин Къадировас.

Гьелдаса хадуб республикаялъул батIи-батIиял росабалъ лъицалиго рухIана изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унезул гIагарлъиялъул минаби. Ахирисеб гьединаб лъугьа-бахъи ккана 14 декабралда Гудермес шагьаралда. Къуваталъулазни абулеб буго гьел рукъзал рухIи жидер иш гурилан. Инсанасул ихтиярал цIунулез рикIкIунеб буго, гьел ишал Къадировасул чагIаз гьарулел ругин.

Гьелдалъун Каляпиница Генпрокуратураялда ва цIех-рехалъул Комитеталде битIана гIарза Къадировасул рагIабазе къимат кьейин ва уголовияб иш рагьеян.

Гьеб гIарзадул лъан хадуб Къадировас жиндирго инстаграмалда хъвана Грозныялде тунка-гIусиялда гIахьаллъарал рохьилазе гIарац щвезабунин Каляпин фамилия бугев чияс ва цIех-рех гьабизе кколин Игорь Каляпин вугищали гьев. Гьединго гьес абуна Чачан республикаялда Каляпиница такъсирчагIазул ихтиярал цIунулел ругин. Инсанасул ихтиярал республикаялда цохIо жинца цIунулин лъазабуна Къадировас.

13-леб декабралда Грозныялда терроризм какараб митинг тIобитIана. Чачаналъул нухмалъиялъул баяназда рекъон, тадбиралда гIахьаллъана 50 азарго чи. Гьеб митингалда гIемерисала терроризмалъул хIакъалъулъ бицунеб букIинчIо, инсанасул ихтиярал цIунулел какулел рукIана.

«Kalyapin go home», «Рамзан, долларал сабаблъун инсанасул ихтиярал цIунулездаса цIуне ниж», «Владимир Путин! “Каляпинцал” жидерго хважаинзабазухъе ритIе!» - гьединал плакаталги ккун рачIана митингалде бюджеталъулал хIалтIухъаби. Инсанасул ихтиярал цIунулеб республикаялъул идараялъул нухмалъулев Нурди Нухажиевас митингалда абуна Каляпинги, Черкасовги, Алексееваги инсанасул ихтиярал цIунулел чагIи гурин, западалъул хасал хъулухъазухъа гIарац щолел бизнесменал ругин.

Гьебго къоялда «гIакъуба кьеялде дандечIараб Комитеталъул» Грозныялда бугеб къукъаялъул офисалде рачIун руго лъабгоял. Гьел щал рукIарал лъалеб гьечIо, амма видекамерабаздаса бихьулеб буго гьезухъ цадахъ тапанча букIараблъи. Офисалъул нуцIаги бухун гьел нахъе ана.

Къукъаялъул нухмалъулев Сергей Бабинецил рагIабазда рекъон, гьеб къоялда гьевги ва гьесул коллега Дмитрий Дмитриевги Грозныялда рукIинчIо. Сардил мех букIана гьел офисалда щвейдал. Офислъун гьез ккун буго гIемертIалаяб минаялда бугеб рукъ. ЦIидасанго дол чагIи рачIараб мехалда Бабинецги Дмитриевги офисалда рукIана. НуцIаги бухун дол чагIи нахъе ана ва Комитеталъул хIалтIухъаби сордо базе ана гостиницаялде. «Грозный-сити» гостинициялда доб сордоялъ «Аль-Джазира» каналалъул журналисталги рукIана, гьелдалъун инсанасул ихтиярал цIунулезда ракIалде ккана гостинициялда гьезие провокациял гьариларин.

Гостинициялде унеб мехалда гьезул автомобилалда хадуб лъугьун букIана гIарцулаб кьералъул «Приора», амма гьелдаса тIуризе кIун буго Комитеталъул хIалтIухъабазе. Гостиницаялда гьел дандчIвана Чечняялъул МВДялъул нухмалъулев хисулев Апти Алаудиновгун. Бабинецил рагIабазда рекъон, Алаудиновас Комитеталъул хIалтIухъабазда абун буго гьезие хIинкъи гьечIолъи чIезабизе жинда кIоларин.

Алаудинов гостиницаялдаса нахъе ун хадуб цо сагIаталдаса Комитеталъул къукъаялъул офисалда цIа ккезабуна. МЧСалъул хIалтIухъабаз цIа свинабуна. Амма цIадуца рухIун руго Комитеталъ рачунел ишазул папкаби. ЦохIо папка хутIун буго. Гьебги - 2010 соналда къукъаялъул хIалтIухъаби полициялъ къануналги хвезарун кквей. Гьединго офисалъул цояб къедалда хъван буго «Нужеца бандитазул ихтиярал цIунулел руго, дир инсул ихтиярал лъица цIунизе ругел», - ян.

Радал офисалде рачIана Комитеталъул хIалтIухъаби. Офислъун ккураб рукъ бугеб тIалаялда буго гьез гIумру гьабулеб рукъги. Полициялъул хIалтIухъаби ахIун руго Бабинецица цIа ккезабиялъул такъсиралда тIаса гIарза кьезеин.

«ГIакъуба кьеялде дандечIараб Комитеталъул» Грозныялда бугеб къукъаялъул нухмалъулев Сергей Бабинец биххараб ва бухIараб жидерго офисалда, 15Дек2014
«ГIакъуба кьеялде дандечIараб Комитеталъул» Грозныялда бугеб къукъаялъул нухмалъулев Сергей Бабинец биххараб ва бухIараб жидерго офисалда, 15Дек2014

Сергей Бабинец: «Полициялъул хIалтIухъаби рачIана. АнцIго чи вукIанин кколеб буго. Гьез абуна нижее гьикъа-бакъи гьабизе кколин, ниж разилъана. Гьелъие гурищ гьел ахIун рукIарал. Офисалъул хал-шал гьабулеб букIана гьез ва гIемер заман гьез балебги бихьун нижеца абуна полициялъузда нижерго чемоданал гостинициялде щвезарилин гьезул тадбирал лъугьинегIан ва тIадруссарал мехалда кинабго бицилин. Гьелда гьел разилъичIо, нижеца гIумру гьабулеб рукъалдаги автомобилалдаги чIухь базе бугин абуна. Гьелда ниж разилъичIо, гьезул ихтияр букIинчIо чIухь базе. Гьез телефоналги фотоаппараталги рахъана нижехъа.

Автомилалъул хал-шал гьабизе гьел нижеца риччачIеб мехалъ гьез нижер хIалтIухъан кквезеги ккун жидерго машинаялде гIодов чIезавулев вукIана. Конфликт нижее къваригIун букIинчIо, гьелдалъун нижеца абуна, нахъе виччайин нижер хIалтIухъан ва полициялъе квал-квал гьабиларин. Нижеца автомобиль рагьана, гьез гьаниса нижер ноутбукал росана, къануналъ гьукъараб щибго жо батичIо гьезие гьениб. Гьелдаса хадур ниж отелалда ана, нижер телефонал полициялъулаз гьенире щвезаруна. Нижгун ккарабщинаб жо ккола ниж хIинкъизаризеян гьабураб жолъун. Амма ниж Чечняялда хIалтIизе руго».

«ГIакъуба кьеялде дандечIараб Комитеталъул» Грозныялда бугеб къукъаялъул вакилал цогидаб республикаялда руго гьабсагIаталда. Каляпинил рагIабазда рекъон, къукъаялъул хIалтIи чIезабизе гьечIо ва цогидаб республикаяздасан хIалтIизе хIалбихьизе буго.

Чачан республикаялдани Каляпинида дандечIараб кампания гьоркьоса къотIулеб гьечIо. Чечняялъул омбудсменил сайталдаги республикаялъул парламенталъул сайталдаги Каляпин во Комитет какулел макъалаби ратизе бегьула. Гьединго республикаялда ругел инсанасул ихтиярал цIунулел цо-цо гIуцIиязул вакилаз бакIалъул телеканалалдаса критика гьабуна Каляпиние. Мисалалъе, грантазе гIоло халтIулев чи вугин абуна гьесул хIакъалъулъ.

Ахиралда тIаде жубала, инсанасул ихтиярал цIунулел халкъазда гьоркьосел гIуцIияз - гьелги Amnesty International ва Human Rights Watch - лъазаби гьабуна, жидеца Комитеталъул хIалтIуе лъикIаб къимат кьолеб бугин ва Россиялъул хIукуматалдаса тIалаб гьабулеб бугин Комитеталъул хIалтIухъабазе Чечняялда гьарулел провокациял чIезареян.

XS
SM
MD
LG