МагъчIваялъе рес

Бицун чи божулареб хIалалъ, гIансиялъ бацун буго ХIаригабурлъи


ГIанси тIун бачIиналда хIинкъи букIун къан буго Гумбет мухъалда аскIоб бугеб ХIаригабурлъухъан бугеб шагьранух. Гьеб шагьранухдасан хьвадула Гумбет ва Казбек мухъалда гIумру гьабун ругел гIадамал шагьаралдеги нахъеги. Гьанже гьел рикIкIада бугеб шагьранухдаса ине кколел руго.

ХIаригабуралъи абулеб бакIалдаса бугеб шагьранухдаса хьвадулел руго Гумбет мухъалда гIумру гьабун ругел гIадамал Хасавюрт шагьаралдеги нахъеги. Гьединго гьеб шагьранухдаса унел руго Казбек мухъалъул гIадамалги.

Щибаб хасало гIазу банщинахъе гьеб нухда квал-квалал камураб мех букIунарилан абула гьеб мухъалъул гIадамаз. Исана ахIвал-хIал цIакъго квешго бугилан абулеб буго Гумбет мухъалъул МелъелтIаса автомобилалда хIалтIулев ГIабдулхIамидица. Гьес бицухъе ХIаригабурлъухъан шагьранух къаралдаса моцI гIанасебниги заман буго. ГIемерисеб бакI гIазуца бацун, шагьранухалъул сипат-суратцин тIагIун бугилан абулеб буго гьес.

Щибаб къоялъ гьенире унел руго Гумбет мухъалъул нухазул хъулухъалъул хIалтIухъаби, амма гIазудаса шагьранух бацIцIад гьабизе бигьаго гьечIин абулеб рагIула гьезги. ГьабсагIат ХIаригабурлъухъ бугеб ахIвал-хIалаллъул гьадин бицунеб буго ГIабдулхIамидица «Эркенлъи» радиоялъе.

ГIабдулхIамид: «Кутакалда гIемераб гIазу бан буго гьенибе. 10-15 метралъул бицалъи бугел гIансиял руго нухда тIадехун. Бищунго унтараб суаллъун хутIун буго гьеб тIун бачIиналда хIинкъи букIин. Нижер нухазул хъулухъалъул чагIаз бицухъе радал хеккого, бакъ баккилалде ун гурони хIалтIизе бажарулеб гьечIо нухда, нахъа хинлъун хадуб гIанси тIун бачIиналда кIудияб хIинкъи бугила. Жидер берда цебе бачIанила чанго нухалда гIанси тIун.

Гьенир ругел гIансиял рихьун гурони, бицун чи божулел жал гуро. Гьеб тIун бачIани тракторалги, цогидабги цебе батараб техника тIутI гIадин босун кIкIалахъе рехизе буго, цIакъ гъваридаб кIкIал буго гьениб аскIоб. Гьединан цIодорго хIалтIулел ругоха гьел, гьезда багьана гьечIо кIварабщинаб гьабулеб буго гьез, амма гIазуда нух бацIцIад гьабизе бигьа гьечIо махIниги».

Гумбет мухъалъул нухлухъабазе кумекалъе жидерго техникагун Казбек мухъалъул гIадамалги рачIун рукIун руго гьенире. МелъелтIаса ХIаригабурлъиялъул тIогьибе бугин 33 километраян абулеб буго ГIабдухIмидица.

Гьенисан арабго тIоцебе батулеб Казбек мухъалъул Буртунай росулъеги рагIула анцIгогIан километр. Гьениб бищунго хIинкъи бугеб бакI бугин кIиго километралъул манзилалда бугеб нухлул бутIа. ХIаригабурлъухъан автомобилал хьвадизе бегьуларилан офцициалияб куцалда лъазабунги бугилан бицана ГIабдухIамидица.

ГIабдулхIамид: «Нижер газеталдасанги, ГИБДД-яллъул хIлтIухъабазги лъазабун букIана гьенисан автомобиль бачнгуеян, хасго маршруталъул такси ине бегьуларилан. ЦIакъго хIажалъи ккани, УАЗ автомобиль гурони ине бегьуларилан абун букIана цебеккун.

Амма лъазабун букIаниги щиб, цо-кIиго къоялъ гурони рагьун хутIун букIинчIо нух, гIазу балеб-балеб букIана. Нижер гIемерисел росабалъе бачIо, добе цIакъго кутак гьабуна гIазуца исана.

Гьединлъидал ХIаригабурлъухъан Хасавюрталде ва гьеб тун добехун рахъалдеги хьвадулел рукIарал Гумбет мухъалдаса гIадамал гьанже сверизе ккола Унсоколасан, гендерил тоннельги къотIун. МахIачхъалаялде ва Гъизилюрт шагьаралде унел рукIарал гьеб мухъалъул гIадамал цереги тоннелалъусан унел рукIун руго.

«Эркенлъи» радиоялъ цебеги бицун букIахъе, цIияб соналъул тIоцебесеб къоялъ бараб гIазуца квешаб къо чIезабун букIана Дагъистаналъул шагьранухазда. Хасго квешаб хIалалда ругин ЦIунтIа мухъалъул нухалилан бицун букIана нижер программаялъе гьенир гIумру гьабун ругез.

ЦIунтIадерил нухал гIазу-цIад бачIониги рукIунин хIинкъи бугеб хIалалдаян абула гьеб мухъалъул чагIаз. 2015 ва 2014 соназда автоавариялъул хIасилалда гIемерав чи хвана гьезул. Гьединабго хIалалда руго лъебел мухъалде ругел шагьранухалги.

ЦIияб соналда автомобилалъ авария гьабурал хIужаби ккеялъул хабар букIинчIо, амма гIазу бан хадуб шагьранухал къан рукIана. Лъабабилеб январалда ЦIунтIе, ЛъаратIе ва Шамил мухъалде нухал цолъулеб бакIалда, нухде кьуру биххун кIудияб квал-квал ккун букIана транспорталъе.

XS
SM
MD
LG