МагъчIваялъе рес

«РакIалъ инкар гьабун гурони, кIалалъ ЦIияб сон какиялъул пайда гьечIо»


Ахираб ункъо щуго соналда жаниб Дагъистаналда кIудияб агитация хIалтIизабулеб букIана ЦIияб сон кIодо гьабизе бегьуларилан. Амма 2015 соналда гьеб рахъалъ лъалеб сихIкъотIи буго республикаялда. Сундулъ букIине бегьулеб гьелъие гIилла?

ЦIияб сон бусурбабазул байрам гурилан абураб пикру гIадатиял гIадамазул ботIронибе бугIизе кIудияб хIаракат бахъулеб букIана ахирал соназда Дагъистаналда. Шагьаралдагун росабалъ ругел мажгитазда ЦIияб сон капурзабазул байрам бугин, гьеб кIодо гьабуни букIунеб мунагьалъул ва цогидабги баян тIад хъварал тIамчал рикьулел рукIана рухIиял церехъабаз республикаялда.

Гьеб хIаракат сабаблъун чанги чи низм цIунел хIалтIухъабаз жидерго бутIаялде рачарал хIужабиги рукIана. Амма 2015 соналда гьединаб агитация тIубанго къотIанин Дагъистаналдаян абизе бегьула.

Мажгитазда рикьулел кагъталги, рухIиял церехъабаз бакI-бакIалда гьарулел вагIзабиги рагIулел гьечIо. Сундулъ гьелъие гIилла бугебали къасд гьабуна «Эркенлъи» радиоялъ.

Журналист ва бакъбаккул рахъ лъазабулев Илья Тимиркъаевас рикIкIунеб буго, гьел агитациял лъугIиялъе квербакъанин республикаялъул хIахIаб рукъалъул сиясаталъилан.

Республикаялъул нухмалъулевлъун ГIабдулатIипов Рамазан вачIун, гьес рагьун ЦIияб Соналъул рахъкквезе байбихьиялъ квербакъанин гьеб кIодо гьабизе бегьуларилан абулел рукIарал чагIи руцIцIухIун чIеялъеян рикIкIунеб буго гьес.

Амма жал бусурбаби ругилан кIалалъ бицунел рукIаниги республикаялда гIумру гьабун ругел гIадамазул цIикIкIарасеб рахъ совет хIукуматалъул заманалъул асаралда гъоркь, гьединлъидал ЦIияб сон цебе кIодо гьабулел рукIарал гIадамаз гьеб жакъаги кIодо гьабулин рикIкIунеб буго гьес.

Хадубго гьес тIадеги тIадеги жубана рухIиял церехъабаз рагьун какичIониги гIадамазда жидедаго бичIчIулеб бугин гьеб байрамалъул цебе гIадаб кIвар гьечIолъи, къого лъеберго соналъ цебе гIадаб гучаб къагIидаялъ кIодо гьабуларин гIадамаз гьеб байрам.

Ильяс Тимиркъаев: «Диналда тIадги чIарал, динияб тарбия лъималазеги кьолел эбел-эмен ругел хъизамалда гьадинги кIодо гьабулароан ЦIияб Соналъул байрам. Мисалалъе, нижерго росулъ дида ахирисеб нухалда ахIи-хIуралда ЦIияб сон кIодо гьеб мех ракIалда буго 1998 сон.

Гьелдаса нахъа дагь-дагьккун нур свана гьеб байрамалъул. Лъималаз салютал кьвагьун цо-цо сас гьабула, гьеб гьечIого букIунарелъул. Гьединлъидал диниял чагIаз пропаганда гьабичIониги гIадамаз жидецагоги кIодо гьабулеб гьечIо гьеб байрам».

Жидер мажгиталда гьединаб агитацияги киданиги гьабичIин, хIал гьабун гIадамазда гьеб бичIчIизабизе лъугьин гIададисеб жо бугелъи лъаланин жинда кидагоян абуна Буйнакск шагьаралъул аслияб мажгиталъул имам ГIабдулкарим-хIажияс.

Г1абдулкарим-х1ажи: «Нилъеца суал борхани цо жоялъул, я гьеб тун, я течIого гьелъул кинаб букIаниги хIасил ккола. ХIасил кколареб жо тезабизе лъугьин гIададисеб жо гьечIишха.

ШаргIалда жаниб бокьараб байрам босани капурзабазул букIа, бокьараб букIа, исламалде дандеги кколареб, мунагь хIакъалде инсан ккезавулеб жо гьеб батани гьеб бегьуларин вагIза гьабун бегьила гIадамал кантIуларищали бихьизе. Амма нилъехъ гIин гьез тIамулеб гьечIони, ракIалъ инкар гьабун гурони, кIалалъ инкар гьабиялъул маслигIат гьечIо».

«Эркенлъи» радиоялъ цIех-рех тIобитIун букIана гIадамазда гьоркьоб рикIкIуниш нужеца цIияб сон байрамалъун илан абурал суалалда тIасан. ЦIикIкIарасеб къадаралъ абулеб букIана бусурбабазул КIалбиччаялъул ва Къурбан хъвеялъул байрам гIадинаб кIудияб байрамалъун жидее гьеб кколарилан.

XS
SM
MD
LG