МагъчIваялъе рес

ЦIияб соналде кепал харбал


Исана нижер хIукму ккана гIадатияб куцалда баркиялгун ва гьари-рахьиялгун гуреб, ракIалде рачIарал кепал лъугьа-бахъиназдасан ва харбаздасан гIуцIизе цIияб соналъул программа.

Баркиялги гьариялги аслияб куцалда цогоял рукIунелъул, ракIалде ккана гьаб программаялда бицунелда тIад релъулаго проблемаби кIочон дандчIвалин нужеца цIияб сонин. Биччанте нужер киналго унтабиги, гIузрабиги, захIмалъабиги, ургъелалги унеб соналда цадахъго тIаса ине ва бачIунелъ гIицIго талихIги, рохелги, сахлъиги бачIине.

Жакъасеб программаялда кьолел кьепал харбал ва хIакъикъиял лъугьа-бахъинал нужее хIадур гьаруна ва рицунел руго Эркенлъи Радиоялъул авар редакциялъул хIалтIухъабаз ва радиоялъухъ гIенеккулез.

Радиоялъухъ гIенеккулезул цоявлъун, яги радиоялъухъ цо-цонухалдагIаги гIенеккулевлъун рехсезе бегьилин ккана шагIир ГIирбанил ХIажиявги.

Йокьизехъин йиго дие чачанай,

Чорхолъе рещтIунеб буго цIияб шавкъ...

абун хъван букIана ГIирбанил ХIажияс жиндир заманаялда. Рокъиги шавкъги бугин я букIунеб я букIунареб жо, рокьи кколеб процесс кинаб жойин букIунебин гьикъана нижеца ХIажиясда.

please wait

No media source currently available

0:00 0:16:00 0:00
Интернет-мухъ

Чачаназул Шалиялда хIалтIулев вукIана дун. Гьенибго букIана чачаназул бригадаги хIалтIулеб. Дозул доя йикIана цо гIадан. Жиндир ведро къачIазе къваригIун бугин абун яскIое ячIунаан. КъачIалаанха дицаги...Рокьуде гIагарлъулеб мех букIана доб... Рокьуе мустахIикълъулеб мех букIана...Гьедин рачIарал мухъал ратизе кколаха гьел.

Хадубги щибха ккелеб, долъие вокьана цогияв. Дидасаги 10-20 соналъ гьитIинав вукIун ватила дов. Дир батIаго кIудияб къасд букIинчIо долдехун. Жо ккезе дица тIадаб гьабулейги йикIинчIо гьей... Долъул жиндирго тIалабал цIикIкIун ругоан.

***

Гьанже магIарул мацI гIурусгун жубан бицунеб заманаялда рагIаби мекъса ричIчIиналъги кколел руго цо-цо кепал лъугьа-бахъинал.

Бакъанида рокъое ячIарай мехалда эбелалда батула ясалъ рагIмач чурулеб машинаялъул хасаб бакIалде базе кколеб хасаб хирияб цIам, чура-хули унеб картIинибе бан ай "сливалде".

АхIи-хIур бахъаризабиларищха эбелалъги мун кие ялагьун йикIарайин абун. Гьеб хъуялде ячIарай кIодоэбелалъ гьикъула щибингIаги гьаниб ккарабин.

Эбел: Щибха ккелеб сливалде бан буго цIан...

КIодоэбел: Хасел ракьалда сливагIаги киб букIараб гьалъие?

***

Цо къоялъ магIарухъ росдал годекIанир гIодорчIун рукIана. ВачIана тIаде цо гьудул-гьалмагъ. Нижеца бицунеб гьесдаги лъазелъун дица гьикъана гьесда дуда бихьарабищин нолъ телевизоралдасан букIараб пуланаб жойин.

-БихьичIо, дир телевизор бухьун буго,-ян абуна гьес.

-Бухьун батани, щайха къачIазе босулареб?

-КъачIан жо кколаро гьелъул гьанже, шнургун цIадахъ бухIун буго...

***

Росулъа вачIарав гIагарав чи СалихIица театралде витIун вуго, шагьаралдеги щун миллияб театралде щвечIого гIоларин. Авги инарищха культурный чи хIазе. Хадусеб къоялъ гьев культурный лъугьарав магIаруласда гьикъула, бокьанищха дуе театр абун гIолохъабаца.

- ЦIакъ бокьана, инчIого гIолареб бакI букIун буго, бищунго дие рокьана цо рас кIургIарай гIаданалъ чIорого кьолел пальтаби, хъабарчаби рикьулел рукIана къватIире рачIунаго. Дица кIигояб босана, - ян абун буго магIарулас.

***

Араб гIасруялъул 50-лел соназда цо магIарул росулъ вукIун вуго цIакъго халкъалъе рихарав колхозалъул председатель. Иргадулаб колхозчагIазул данделъиялда цIияв председатель вищулаго жамагIат хIадурун букIун буго гьев тIаса реххизе, гIемерисел гьесда данде гьаркьал кьезе къачIан рукIана. Щиб гьабилебали лъаларого, кин жамагIат иргадулаб нухалъги жинда божизарила абун ургъулев вукIарав гьесда аскIове вачIун вуго гьесул мадугьал, живго сихIирав чи. Абун буго председателасда гьес, жинца бачизе кколин гьеб данделъи, жинца мун вищизавилин гIадамазда. Амма гьелъухъ дуца жив колхозчагIазда тIадаб хIалтIудаса эркен гьавизе кколин. Гьасги рагIи кьун буго.

Гьале председатель вищулеб данделъи байбихьана. КолхозчагIаз жидерго кандидат хIадурун вуго ва гъоркь вукIарав яризавизе къачIан ругоан. СихIирав председателасул мадугьалас рагIиги босун абун буго: "Гьалмагъ Сталинил, Даниялов ГIабдурахIманил ва гьав нилъер председател МухIамадовасул рахъ кколез кверал рорхеян". Вождасул культ бугеб заманги букIун буго, киназго квер борхизе ккун буго.

- Гьалмагъ МухIамадов, Даниялов ва кIудияв вождь Сталин цого партиялъулаб линия ккурал чагIи руго. Гьалдалъун, МухIамадов рикIкIунев вуго председательлъун вищаравлъун - ян абуна данделъи лъугIизабуна мадугьалас.

***

Авар театралъул актер ГIалисултIанил бох бекарабго Гьарадерихъа МухIамадица абун руго гьел рагIаби. "ТIаса лъугьа,ГIалисултIан, дида кватIун гурони лъачIо, дур гъоб цояб бох бекарабго тIоцеве вачIина мун вихьизе" - ян.

***

Нижер росулъ вукIана цо Маралбег абурав чи, аскIор ругел жамагIатаздаги лъалев, хабар бицинеги махщел бугев чи вукIана гьев. ГIемер хьвадулаан гьев аскIор ругел росабазде жиндирго къваригIелалъ ва щибаб росулъ гьоболги вукIана гьесул. РекIунаан гьев ХIажимурад абун цIар бугеб рекъаб чода. Цо къоялъ Кьесерухъе унаго (ЧIарада мухъалъул Кьесер бо) щобда нахъа магьги босун унел руччаби рихьун хIинкъараб асул чу нухтIаса гъоркье кIанцIун буго, живгоги ав чодаса вортун лъукъа-къотIун вуго. ХIалихъе чуги ккун, живгоги вакIа-вахарун бигьа гьабун росулъ годекIаниве щун вуго гьев.

"Бицеха, Маралбег, щиб бугеб цIияб хабар ТIомуразде (ЛъаратIа мухъалъул ТIомуразул бо), щиб нухда бихьараб ва рагIараб?", - абун цIехолдизе журана гьасда гIадамал.

- Валлагь вац - илан абуна Маралбегица, чанго бакIалде щвана дун, амма нужер кьесеразул гIадин бахIарчиял бихьинал ратичIо дида.

БитIараб бугин, батIаго бахIарчилъи гьечIел чагIиги жал гурин разилъун руго гьел. Амма цо херас цIехон буго кин дуда гьеб бичIчIараб абун.

- Дун вачIунев вукIана дир кибго бох тарулалеб, гIемер бакIазде щвараб ХIажимурадидаги рекIун, амма нужер руччаби рихьараб мехалъ гурони гьеб нухдаса гъоркье кIанцIичIо. Гьадал руччабазда аскIоб сордо нужеца рогьунеб батани, кутакалда бахIарчиял чагIи руго нуж.

***

Гьеб букIана 1980 сон. Дида ракIалде ккана гьудул-гьалмагъзабиги ракIарун, лъикIаб тепсиги гIуцун, ЦIияб соналда дандчIвай гьабизе. Амма бищунго аслияб жолъун гьениб букIана шампанское. Шампанскоеялъул шиша столалда тIад гьечIони ЦIияб сон рикIкIунароан. Доб заманаялда къанагIатаб гьекъолеб жолъун букIана гьеб. Дица цебеккунго хIадурун, рокъоб цо бакIалда бахчун букIана цо шиша. ТIадбан ЦIияб соналда дандчIвазе хIадурлъулев вукIаго вачIана цо дир лъикIав гьудул-гьалмагъ. РикIкIадаса рачIарал къиматал гьалбалги ругила, дирго тохлъиялдалъун шампанскоеги щвечIила жинде, дур камуларин гьеб, батани кьеларищила жинде... Гьевги нахъчIвазе кIвечIого, кьуна дица гьесие нахъе лъун букIараб шампанскоеялъул шиша. Гьеб букIана къаси 11 тIубалеб мех.

Гьанже ургъана щибдаяйин гьабилаян. Гаражалдаса автомобильги бачун вилъана МахIачхъалаялда рогьинегIан хIалтIулеб букIараб «Дежурный» абулеб тукаде. Амма гьечIин шампанскоейилан чIана гьел. Гьанже кинаб нухдай батилаян ургъулев вукIаго ракIалде щвана цIа свинабулезул хъулухъалда хIалтIулев вукIарав гьалмагъ. Гьес абун букIана тукадаса цо щибниги къваригIани жинда абейин.

Вилъана гьесухъе, бицана ккарабщинаб. Рилъана кIиялго нахъруссун тукаде.

-Огнетушитель бугищ нужер? - ан гьикъана гьес бачIинахъего

-Буго!

-Бихьизабе!

Гьеб балагьулел тукенчагIи рукIаго, цо къалиниве ваккун бахъун бачIана гьес шампанскоеялъул шиша.

-Батана дида огнетушитель, тIокIаб балагьизе ккеларо,-ян тукенчагIаздаги абун, диде ишан гьабуна гьес жинда хадув вилъаян.

Рилъана гьениса къватIире. Хадуб лъана гьес «огнетушителин» шампанскоеялда абулеб букIараблъи.

Гьеб ЦIияб сон хутIана дир рекIелъ ракIалдаса унареб, аваданаб лахIзатлъун.

***

Цебе гIурус пачаясул заманалдаго Хунзахъ бараб хъалаги букIарабила, гьеб цIунун гIурус солдаталги рукIаралила. Цо заманалдасан хунздерида рагIун буго гьенире хъаладухъе болъонал рачIун ругин абун. Жеги киданигиги гьел рихьичIел хунзги, гьенире ун руго гьезухъ балагьизе. Нижер дора хъабаболъоналги рукIунаро, гьединлъидал кинаб жо гьеб болъон букIунебали лъалев чи цIакъго дагь гурони вукIун гьечIо. Диналъ гьукъараб, хIарамаб гьеб бихьизе гъира халкъалъулги букIун буго. Гьедин болъоназул «зоопаркалде» щварав цо хунзахъес цойгидасда гьикъун буго:

-Ле, алъ ханалдай гьарулел, тIанчIидай?

-Гьалъул куцго сахаб гьечIо, ханалги тIанчIиги кIиялго гьарулеб батула гьалъ...

Гьединлъидал жеги-жеги чанкIкIарав, гъорлълъан ворчIарав чиясда хунздерица абула гьавни ханалги тIанчIиги кIиялго гьарулеб тайпа бугилан.

***

Хунзахъ цо мадугьалас мавлид гьабулеб букIун цойгидав ахIун вукIун вуго гьениве. Дагьа-дагьаб жо гьекъон букIаниги ахIи басра гьабичIого мавлидалде вилълъун вуго гьав цоявги. Гьекъараб жо рекIунищ яги макьу рекIунищали кьижун ккун вуго гьав мавлидалда. Цо заманалдасан ракI-ракIалъ мавлид ахIулъ ворчIарав гьасда кечI ахIулеб компаниялда вугинищ ккаралаби, биччан гьаракьгун:

– Воре, гIолохъаби, борхизабе, гIивввввв!-йилан ахIун буго.

***

МахIачхъалаялъул базар къотIун цо чигун унев дир вацасда ратун руго дарам гьабулел ЧIарада районалъул Кьесерухъа руччаби. Нижер тIомуразулалда релълъараб гIадаб мацI буго дозул.

- Нуж киса? - ян лъугьун руго руччаби, жидералда релълъараб мацI бицунел чагIи рихьун.

Вацас, махсароде, ЧIарадисезул росу абун буго ва гьениса жиндир гьудуласул цIар рехсон буго:

-КIутIихъа вуго.

-КIутIихъа щив мун?

-Шагьав вуго.

- Шагьав росулъ дида цадахъ учителлъун хIалтIина вуго, чорок, щай гIадамал махсароде кколел? - ин абун буго кьесералъ.

***

2010 абилеб соналъул квачараб хасел букIана. Прагаялда трамваялдаги рекIун нижер росулъа чигун унев вукIана дун нижерго мацIалда гаргалилаго. Нижеда дандйитIун йикIана цо кавказалъулалда релълъараб гьумералъул гIолохъанай гIадан. ГIезегIан нижехъ бала-балагьун йикIана гьей. Ахирги: «Нуж киса кколел?»-абун аскIое ячIана.

Долъул кIалъаялдасан дида бичIчIана дой гIадан ЧIарадаса йикIин.

Вацасулгун кьесеразул ккараб ракIалде щварав дица махсаро гьабуна, ЧIарадаса ругин.

-ЧIарадаса?-ян йиххана дой,-Щиб росулъа?

-КIутIихъа!

-КIутIихъая?…КIутIихъа лъил вас?

КIутIихъа нижер гьобол вукIана ГIабдулатIип абун, мунагьал чурайгийин досул. Ворхатав чи вукIана. Диде дандеккун гIемерго ворхатавцин вукIанин абизе бегьула. Паркъан гьев вачIана ракIалде.

- Уха, КIутIихъа Халатав ГIабдулатIипил вас вуго.

- Халатав ГIабдулатIипил мунгIан къокъав вас вагIанавии?- янги абун кIариялда елъанхъана кьесерай.

***

2015 cоналда магIарулазда гьоркьоб хасго социялиял сайтазда рукIунезда гьоркьоб кIудияб машгьурлъи щвана ЧIарада мухъалъул Гьочоб росдал школалъул мугIалим Насрулаев МухIадие. Гьелъиеги гIиллалъун ккун букIана гьезул школалда МухIамадица гIолохъанаб мехалда хъвараб жиндирго кечI ахIулеб видео цояз гьеб социалияб сайталде рехи.
Жибго кочIол берцинлъиялъги МухIамадил панаяб гьаракьалъги биччизабуна гьанже гьев чиясе хIалхьи тезе гьечIолъи. КигIан машгьурлъи бокьуларев ва гIадамазда цеве вахъине нечарав чи вукIаниги, магIарулазул творческая интеллигенция абулел чагIазул цо къукъаялъ МахIачхъалаяде вачIаянги гьарун жидеего кучIдул ахIизеги тIамуна гьев. Насрулаевасул доб «Балеб букIана гIазу» ахIулаго бахъараб видеоги кьолеб буго нижеца гьаб программаялъул ахиралда.
БитIараб бицани, нижецаги хIаракат бахъулеб букIана МухIамадилгун бухьен кквезе, амма гьесулин абун чан батIияб номер нижехъе кьуниги, гьезул цонгиялде гьес жаваб кьечIо. РакIалде ккола гьедин нижецаги гьев теларин.

Классцоязул данделъи
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:02 0:00

XS
SM
MD
LG