МагъчIваялъе рес

Цояб батIа гьаби битIун букIунищ?


МахIачхъала. Декабрь, 2015
МахIачхъала. Декабрь, 2015

ЦIияб Соналъул байрамалъул хIакъалъулъ.

Исана цIияб соналъул байрам гьукъун вагIза-насихIаб гьабулел чагIи гIемер гьечIо. Цересел соназда цIакъ гуч букIана. БакI-бакIазда цIа гъун елкаби рухIулел хIужабицин рукIана. Гьеб бугин пачалихъ мажгиталдаса къеялъул мисалин абулелги камулароан. Щиб жоха кколеб магIарул чиясе, яги бусурманчиясе цIияб соналъул байрам?

Пачаясул Россиялъ хIурият бергьизегIан цебе жидецаго гьабуниги нилъ магIарулал ёлка лъезе, январь моцI бачIанин кьурдизеги, гьекъезеги тIамиялъул хIужжаби нилъехъе гьечIо. Гьеб бачIана нилъехъе Петербургалда пачаги реххун, большевиказ гIуцIараб цIияб пачалихъалда росабалъ агитхIалтIиги гьабун коммунизмаялде ахIулел сонаца.

Гьеб "цIияб сон" абураб байрамалъ гьедигIан кьалбал риччан рукIана нилъер гIумруялъулъ, битIахъе анкьумумузул гIадат гIадин, зодоса вахIю рещтIараб дин, тIадаб налъи гIадин къабул гьабулаан цIияб соналъул байрам. Чара гьечIеб шартI букIана гъаримаб накIкIил гъветI къотIиги, куй яги дегIен хъвейги, чIагIдал яги гIаркъил рагIал рорхиги.

СССР биххаралдаса хадув гьавурав чиясда бицун цебе тIамизабизе кIолареб сурат букIанин абизе бегьула гьеб байрам гьабиялъул. Дун гьитIинаб мехалда росулъ цIияб сонил байрам тIобитIизе цолъулаан ункъго - щуго батIияб гIелалъул гIадамал.

Цо эркенаб рукъги балагьун данделъулаан I4-I5 соналде щвезегIан ригьалъул цIалдохъаби, цогидалъур ракIарулаан чIахIиял классазул цIалдохъаби, букIунаан байрам гьабулеб бищунго хъуй гIемераб ва гьекъараб къапила завалалда ругел гIолохъабазул. Кьурди - хъат ва сухIмат кечI букIунаан гьоркьохъеб ригьалъул 40-50 соналде щвезегIанаб гIелалъулги.

Чара гьечIеб шартI, тIадаб парз гIадин байрам тIобитIулаан херазги. 3I абилеб декабралдаса I январалде рачIунеб сардилъ, сагIат I2 тIубарабго къаси кинабго гьеб мехтараб жули-гIалам бакIарулаан росдал байбихьул школалъул минаялде кьурди-кечIалъе.

Гьеб школа гьабураб минаги букIана коммунистал рачIинегIан цебе нусго соналъ умумуца какал рараб росдал мажгит. Росдал мажгитаздаса гьарун рукIана гIурус школал, клубал ва библиотекаби. Жакъасев чиясда цебе тIамизе кIолеб хIал букIинчIо.

Цо-цоял лъугьина, нижер росулъ гьедин букIинчIин абизе, кутакалда букIана,гьаб гIасилъи щвечIеб росуни киб гурин кулицин хутIун букIинчIо араб гIасруялда. ХIисаб гьабеха, щиб даражаялде ккезабун букIун бугеб халкъ гьеб къосараб малгIун-пачалихъалъ, мажгиталъуб мехтараб уммат кьурдизе ва рокьул кучIдул ахIизе тIамизе ккани?

Жакъа цебе тIамизабизе кIолеб сурат букIинчIо. Гьаб сагIаталда макьу гIадин цебе тIамула гьеб кинабго. Гьаб хъвай-хъвагIай дица, дунго кинабго дунялалъул ихтилаталдеги мугъ реххарав, кьурди-кечIги рихарав, кIудияв диналъул хIуби вукIун хъвалеб жо гуро. Поэтас абухъе:

"Дун къулун хьвадеян абулев гуро,

Гали цебе лъезе хIинкъарав гьечIо.

Диеги бокьула гъугъайгун пири,

Панаяб августалъ чваххун балеб цIад...".

Амма гIакълу кьун бугелъул нилъее ТIадегIанав Аллагьас киналъулго хIисаб гьабизе. КигIан чехьалъегун ракIалъе гьеб рукIа-рахъиналъ лазат кьолеб батаниги, гьеб гьукъун буго Исламалъ. Гьелда тIад рекъонгутIи буго нилъ мекъаб нухде кколеб гали.

Аллагьас цIунайги гьелдаса киналго бусурбаби. ГIурхъи букIине рекъараб буго киналъего. Календарь моцIрол (бусурбабазул) букIинеги рес буго, бакъул (бусурбаби гурезул) букIинеги рес буго. Къоялги сардалги инсанас бокьахъе рикIкIинеги изну буго, гьелда рекъон гIумру гьабизеги гьукъун гьечIо.

Щай гурелъул гьеб бакъул календаралъул гIелму инсанасе кьуравги ТIадегIанав Аллагь вукIун ва киналго бигьалъабиги гьесул рахIматалдаса ва рахIмуялдаса рукIун. Бегьила лъагIел сверарабго аралъул хIасилги, букIиниселъул хIисабги гьабизе, гьеб хIатта беццарабцин батизе рес буго.

Амма бищунго хIинкъи цIикIкIараб нухалдаса буго, нилъее ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналдаги, аварагас (жинда салам лъеяв) хIадисалдаги гьукъараб жо бегьизе гьабуниги, изну кьураб гьукъизе лъугьаниги. Гьеб кIиябго буго инкарчилъиялъул гIаламатаздаса, Аллагьас нилъер мацIги, ракIги, пикруги гьелдаса цIунайги.

Квешаб нухдасаги рачун битIаралде ине гIакълуги, канлъиги, кантIиги кьураздаса ратайги киналго магIарулал. Дица нужеда баркулеб буго тIоцебесеб январалъул къо, нагагь нужеца дида гьаб макъала хъвалеб 29 абилеб декабрь баркулеб батани. Щай гурелъул гьеб кIиябго къо буго Аллагьасул рахIмат, гьелдаса цояб батIа гьаби гьеб битIун гьечIо. Хабар лъикIаб рагIайги.

=======================================================

Эркенлъи Радиоялъул пикру авторасул пикругун данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG