МагъчIваялъе рес

Насвай абулеб наркотик тIибитIулеб буго Дагъистаналда


Гъоркьисала Дагъистаналда  наркотикада хурхараб 3104 такъсир гьабун буго. Республикаялда гьарурал киналго такъсиразул щибаб щуабилеб такъсир кколеб буго гьеб.

Гьединго 2015 соналъ 300 гIан тонна наркотиказулги, спайсалилан абулел хъалиян гIадин рухIулел химикиял наркотиказулги бахъанила Дагъистаналъул наркотиказде данде къеркьолеб хъулухалъилан лъазабуна гьал къоязда лъагIалил хIалтIул хIисаб кьолаго гьеб идараялъул бетIер Энрик Муслимовас.

Республикаялъул наркотиказде данде къеркьолеб идараялъ лъазабухъе ахирал саназда цIакъго гIемерлъун руго спайсаз мехтизарураз такъсирал гьариялъул хIужаби. ГIемерисел гьел такъсирчагIи гIисинал гIолохъаби рукIунел руго, аслияб къагIидаялъ гьезда гьоркьор тIиритIун руго спайсал. Цере гIадин бигьаго рагьун ричизе гьукъун рукIаниги, гьел ричун росизе гIемер захIмалъиго букIунеб гьечIила баян гьабулеб буго гьез.

Аслияб къагIидаялъ социалиял сайтазул кумекалдалъун ричулел руго гьел. Наркотиказде дандекъеркьолеб идараялъул хIалтIухъабазул хвезабун буго спайсал гурониги гIисинаб гIелалда гьоркьоб цIакъго хехго насвайги тIибитIулеб букIиналъ. Гьеб идараялъул вакил ГIалиев Шамилица «Эркенлъи» радиоялъе баян гьабуна насвай гьаб сагIат жеги наркотик букIин чIезабун гьечIила ва къануналъ тIубан гьукъун гьечIилан, гьеб хъалияналго гIадин хасаб бакIалда гурони бичизе бегьуларин чIезабун бугилан.

РукIунелго наркотиказул гIадаб асар гьечIониги гьеб насваялъги инсанасул черхалъе асарги гьабулила, гьелде гъорлъе гьанже химикиял наркотиказде гъорлъего гIадала жал журалел ругилан. Гьелъ цIакъго хехго ругьунлъизарулел ругила насваялде, гьединлъидал гьебги тIубан гьукъизе ккеялде тIалъиялъул кIвар буссинабулеб бугин жидецайилан.

Насвай наркотикалдаго бащалъун бугин абидал гьеб хIалтIизабулел релъанхъула, щиб наркотикила гьеб букIунебин абун. ГIемерисезда ккола гьеб сунтIгогIадаб жо бугин. Тамахьо гурониги гьелда гъорлъ гачги, гIанкIудал чороклъиги, ракьгицин жубан букIунин абула, гьеб киналдего тIаде гьанже гьел химикиял наркотиказда гъорлъ рукIунел жалги гьарулел руго гьенирего.

Ахираб заманалда гIолилазда гьоркьоб насвай цIакъго тIибитIиялъе ругел гIиллабазул цояблъун бугила гьеб учузаб жо букIинилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе гьеб хIалтIизабулев МахIачхъалаялдаса Маратица.

Марат: «Насваялъул цо гьитIинаб къвачIа 20 гъурущалде букIуна, гьеб тIубараб къоялъе гIола. Амма гIолилазда гьоркьоб гьеб тIибитIиялъе аслияб гIилла цохIо гьелъул учузлъи гуро. Хъалияназда гьеб гIемерго учузни ккола. ГIемерисез гьеб хIалтIпзабизе байбихьула хъалиян тезелъун. Хъалиян хисулин гьелъилан абизе бегьула. ГIолохъабазе рокъоб эбел-инсуца цебеги, кIудиял чагIи ругеб бакIалдаги хъалиян бухIизе санагIалъи букIунаро, гьелъул махIги чIвала.

Насваялъул я махI букIунаро, я гьеб хIалтIизабулеб букIин бихьуларо. КIветIалдеги дабаздеги гьоркьобе бан хIалтIизабула гьеб. Гьелъ кIал-мацI туризабулин, дабал хвезарулин абула. Дие щибго къварилъи букIунаро гьелъул. Жеги гьеб кIал-мацI насваялъ туризабурав чиги вихьичIо дида. Насвай наркотик бугин аби гьеб гьадингояб жо буго.

Гьелде ругьунлъула, амма наркотик гIадинаб тезе кIолареб жо гуро гьеб. ТIоцебе гьеб хIалтIизабулеб мехалда черхалъе цо лъикIаб асар гьабула гьелъ, лазат букIуна, тIадагьлъи бачIуна, ракIгIодой биччан лъугьуна. Гьелде ругьунлъун хадуб гьеб асар тIагIуна. Амма хъалиянго гIадин гьеб тезе кIоларо. ХIажалъиялдасаги гьеб жо ругьунлъи бугин абила дицани».

Гъоркьисалалдаса нахъе Россиялъул къануналъ хъалияналго гIадин бокьа-бокьаралъуб рагьун бичизе гьукъун буго насвай, амма гьелъул гIемер къварилъиго гьечIин насвай бичулел чагIазейилан бицана Маратица.

Цебе базаралда цебелъун бокьараб бакIалда бичулеб букIун батани гьеб, гьанже киса-кибго букIунеб гьечIо гьедин къватIибе бахъун бичулеб. Амма гьелго ричарухъабазухъеги ун насвай кьейилан абураб мехалда нахъе лъураб бакIалдасан бахъун бачIунила гьезилан бицана гьес.

XS
SM
MD
LG