МагъчIваялъе рес

Дунялалъул канлъуца кеп кьоларел гIолилан, гIодор накабиги чIван чIахIиде руссун руго


Russia -- A drug user injects heroin in the town of Tver, October 3, 2010
Russia -- A drug user injects heroin in the town of Tver, October 3, 2010

Итни къоялда Дагъистаналъул низамцIунулез МахIачхъалаялда ва Дербенталда тIатинабун буго гIемерал наркотикал гьарулеб ва гьел ричулеб кIиго бакI. Исана Дагъистаналъул наркотиказде данде чIараб идараялъ тIатинабун буго гьединаб 38 бакI. Гьеб идараялъ лъазабулеб буго 2014 соналъ цересел соназде дандеккун Дагъистаналда наркотикал хIалтIизарулезул къадар цIикIкIун бугин ва гьезда гьоркьор цIакъго гIемерлъун ругин синтетикиял наркотикал хIалтIизарулел.

21 июлалда Дагъистаналъул жанисел ишазул идарабазул хIалтIухъабаз ва наркотиказде данде чIараб идараялъул вакилзабаз МахIачхъалаялда тIатинабуна гIемераб къадаралда дезоморфин абураб наркотик гьабулеб ва бичулеб букIараб бакI. Гьеб бакI гIуцIарав 55 сон барав чиги, гьесдаго цадахъ цойги лъабго наркоманги ккун вуго полициялъулаз. Гьезул баяназда рекъон низамцIунулел тIаде рачIараб мехалда гьел чагIи рекIеда рукIун гьечIо, дезоморфиналде тIаде габаниги бухIулеб букIун буго гьез. Гьезухъа габанидул 20 граммги бахъун буго полициялъулаз.

Гьебго къоялъ Дербенталда низамцIунулез ккун вуго наркотикал гьарулеб ва ричулеб бакI гIуцIарав 25 сон барав гIолохъанчиги. ЦIех-рехчагIаз гьесда гIайиб чIезабуни Россиялъул къануналда рекъон 4 сониде щвезегIан туснахъ гьавизе бегьула гьев.


Исана соналда жаниб Дагъистаналъул наркотиказде дандечIараб идараялъул хIалтIухъабаз ва къуваталъул идарабаз тIатинабуна ва къана гьел наркотикал ричулеб ва гьарулеб 38 бакI. Кинабниги, гьел наркотикал хIалтIизариялда хурхун 426 административияб протокол гIуцIун буго гьез. Дагъистаналъул наркотиказде данде чIараб идаралъул баяназда рекъон ахирисеб лъабго соналда жаниб Дагъистаналда наркотикал хIалтIизарулезул къадар 26 проценталъ цIикIкIун буго. ЦIакъго-цIакъ гIемерлъулел ругила 18 сониде рахинчIел гIолилал-наркоманалин, гьезулги лъабил бутIа бугила 14 сон бачIел лъималин абурал баянал кьолел руго хасал идарабаз.


Гьел наркотиказде данде къеркьеялъе лъикIал хIасилал кьезе ругила школазда ва цойгидал идарабазда гIадамал гьез наркотикал хIалтIизарулел ругищали тIатинабулеб хасаб тест кьезе тIамунийилан абулеб буго Дагъистаналъул Наркотиказде данде чIараб идараялъул нухмалъулев Муслимов Энрикица. Гьесул рагIабазда рекъон гьеб текст гьаб сагIат жидеего бокьун гурони кьезе кколеб гьечIо, амма гьеб щибаб идараялда тIадаблъун гьабуни наркотиказде данде къеркьеялъе кIудияб кумек гьабизе буго.


Гьединго Муслимовас абулеб буго наркотикал ричулел, гIезарулел бакIазул нухмалъиги цIазе кколила жавабчилъиялдейилан. Гьесул рагIабазда рекъон чанги магIарухъ габани гIезабулел росабазул бутIрузда лъалеб буго гьеб бижулеб бакIги, лъица гьеб гIезабулебалиги, амма я гьелде данде къеркьезе яги гьелъул хIакъалъулъ хасал идарабазда лъазабизе гIамал гьабулеб гьечIо гьез.

Энрик Муслимов: «Цониги бакIалда гIалхуда габани яги цойгидал наркотикиял чIахI-хер бижулеб бакIалъул хIакъалъулъ лъалеб гьечIони, лъаниги гьел баянал хасал идарабазде кьолел гьечIони бакIалъул нухмалъулес гьев хъулухъалдаса вахъизе ккола. Гьеб кинабго лъазеги лъан, гьелда тIадги рекъон, жинцагоги гьелде данде къеркьеялъе щибго гьабулеб гьечIони, гьединав нухмалъулесда хасго тезабизе ккола хъулухъ».

Гьедин бицана Дагъистаналъул наркотиказде дандечIараб идараялъул нухмалъулев Муслимов Энрикица дагьаб церегIан къояз гьес нухмалъи гьабулеб идараялъ бащадаб лъагIалица жидецаго гьабураб хIалтIул хIасилазда тIасан тIобитIараб данделъиялда.


Гьединго дагъистаналъул наркотиказде данде чIараб идараялъ лъазабулеб буго цересел саназде дандеккун Дагъистаналда синтетикаялъул наркотикал хIалтIизариялъул хIужжаби цIикIкIун ругилан. Гьел тIиритIиялъе гIиллалъун бугила габаниялдаса гьел ричун росизе учузалги бигьаялги рукIинилан. Масала бищунго квешаб, чорокаб, чиясул гьан туризабулебилан рикIкIунеб дезоморфин абураб нароктик гьабизе къваригIунебщинаб жо бокьараб аптекаялда бичулеб букIунеб буго, гьеб босизе я тохтурас хъвараб хасаб кагъат яги гIемераб гIарац хIажалъулеб гьечIо. Гьелъул цо нухалъ хIунчизе гIураб жо гьабизе къваригIунебщиналъул багьа 200 гъурщидецин бахунеб гьечIо. ГIолеб гIелалда гьоркьор цIакъго тIиритIун руго наркотик гъорлъ бугел батIи-батIиял дарабиги. Гьел алкоголь гъорлъ бугеб жоялда цадахъ гьекъани букIунебго наркотикалъ гIадаб асар гьабулеб буго.


«Эркенлъи» радиоялъул мухбирасухъе щварал мухIканал гурел баяназда рекъон МахIачхъалаялда бищун бичун босизе бигьаяб наркотик кколеб буго Лирика, Трамал ва цойгидал тIадагьал наркотикалин жидеда абулел дараби. Аптекабазда гьел церегIадин рагьун ричулел гьечIила, амма хасал бакIал лъазе кколин абун бицана шагьаралъул гIолилаз «Эркенлъи» радиоялъе. Цо ккураб багьаги букIунеб гьечIо гьезул, бищун учузго гьеб щолеб буго 500-600 гъурщиде. Анашайилан абулеб габанидул тIанхазул ва гьелда тIад букIунеб хасаб пицIцIалъул гьабураб наркотик спичкабазул къалахъеги бан бичулеб буго, гьеб наркотикалъул лъикIлъи квешлъиялда бан гьеб къалиялъул багьа I600 гъурщидаса бахъараб 2000 ялде щвезегIан бахунеб буго. Бигьаго гьединал наркотикал росун бажаруле бакI букIанила дагьаб цебегIан риххизарурал МахIачхъалаялъул ярагъиясул къотIнор рукIарал валюта бича-хисулел бакIалин лъазабуна гIолилаз. Гьединго чанги чагIи ругила таксиялда хIалтIилелилаги абун гьел наркотикал ричулелин бицана гьез.

XS
SM
MD
LG