МагъчIваялъе рес

Дир рос наркоман вуго


Дагъистаналда наркотиказул суал хутIулеб буго кIвар бугеб суалазул цояблъун, бищун наркомания тIибитIараб буго гIолилазда гъорлъ. Чанги ясал росабазе унел руго вук1инесев рос наркоман вукIинги лъачIого. Щиб гьабилеб , рос – наркоман вугони?

Динара гIумру гьабун йиго эбел-эменгун, гьелъул руго кIиго лъимал. Гьел хьихьизе рукIине Динара хIалтIулей йиго тукада йичарухъанлъун. Школа лъугIидал, танкан кьунила жий росасе ва хадубги тIадегIанаб лъай босизе ине рес щвечIин абулеб буго жийго Динараца. 15 сон бан буго гьелъ ригьнада, амма тIокIаб хIехьезе хIал букIинчIолъиялъ, нахъе йилълъанила лъималги рачун.

Динарал рос вукIун вуго наркоман. ГIицIго росасе ун заман бан гурого лъан гьечIо гьелда гьеб. ЛъикIал эбел-инсул вас, Мурад наркоманлъун лъугьиналъе аслияб гIилла букIанила рокъосан инсулгун кьал букIин. Мурадил эмен вуго лъикIав тохтур. Лъимал гьарун хадуб гьев чIезе вугин абулеб букIанила, амма дагьабги тIаде квеш лъугьун гурого, щибго чучи букIинчIилан абулеб буго Динараца.

Ахирисеб тIирилъун гьелъул сабрулъе ккун буго росас жийго юхун гурейги, лъималазде квер борхи. Гьеб мехалъ ахIи бан рачIарал мадугьалзабаз полициялъулал ахIун, ккун вачун ун вуго гьев. Жийго Динарае бокьичIо, жинцаго баянал кьезе.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна Динарал рукIарал мадугьалзабигун, гьезул рукъалда дандбитIун нуцIа бугей Раиса Гилишевалъ бицана цIакъ гIемер рагIулаанин гьезул рокъоса къватIибе гIоди ва рагъ-муч, чанги щаклъи бугел гьудулзабиги рачIунананин Мурадихъе, Ама Динараца щибго хIал лъазе толеб букIинчIин. Ахирисеб нухалъ, гьей къватIие яхъун ахIтIедал наркоман кодоб нусгун ватанила.

Раиса Гилишева: « Рокъоса къватIие яккун, ахIдана гьей, гьелъ рокъоса къватIивехун ккезавулев вукIун вуго Мурад, мадугьалзаби рачIун, жанире лъугьиндал, гьениб биччараб кечI-бакъанги, гIодулел лъималги рукIана. Цебе-цебеги, гьаракь, тунка-гIуси рагIулаан гьезул гьениб, амма хъизамалда бокьараб букIине рес бугин лъицаго кIвар кьечIого толаан. Гьей нахъе инчIого гьебги хIехьон жегиги чIун йикIарайани, гьес чIвазецин рес букIана. Къед бухун, рагI-мач гъурулеб гьаракь кидаго гьениб букIана».

Гьединаб ва гьелдаса пашманаб къисмат чанги букIунин наркоманазда аскIор ругезул, улбузул, вацал-яцазул хъизамазулин рикIкIунеб буго наркодиспансералъул хIалтIухъан Сабир Билаловас.

Чияс дару-сабаб гьабун наркотиказдаса инкар гьабуниги, гьесул лъалел-хъвалез ракIалде щвезабураб гIолила, цIидасан наркотикал хIалтIизаризе байбихьизе. Наркотикал ва гьелда релъараб спайс ва цогидал жал хIалтIизарулезда гъорлъ ругила киналгIаги социалиял гъатазул гIадамал. ГьабсагIат наркологияб диспансералъул сияхIалда ругила микьазаргоялдаса цIикIкIун наркоманал, амма тIатинIел, лъаларел жеги цIикIкIн ругин баян гьабулеб буго Билаловас. Аслияб хIинкъи бугила жакъасеб гIолеб гIелалда, наркотикал тайпаялъул жал, спайс ва энергетикал хIалтIизари гуреги дезоморфин абураб наркотик хIалтIизабун, гIумруялдаса 18 соналъул ригьалде рахинчIел гIолилал ратIалъулеб мех.

КъанагIалъи гурила кколеб хъизамалда наркоман вахчун, къватIире лъазе течIогон вукIин, гьелъие гIилла кколила «гIадамаз щиб абилеб» абураб жоялда бараб букIин Дагъистаналда кинабго жо ва гьев хисиялда божи букIинин баян гьабулеб буго психолог ГIалиасхIаб Мурзаевас.

ГIалиасхIаб Мурзаев: « Хьулалъ, наркотикал рехун телин бугеб хьулалъ хIехьола хъизамалда наркоман. ЧIужуялъ жийго къурбанлъун гьаюла, наркоманасда гьеб бичIчIилин ва гьесда жиндирго гIайиб бичIун гьес рехун телин наркотикал абураб хьулалда божун. Амма гьеб лъугьунаро, щайгурелъул инсанас наркотикал хIалтIизариялъе аслияб гIилла ккола чи жиндирго гIумруялдаса, жиндасаго рази гьечIолъи. Гьединлъидал кинабгIаги къурбаналъ гьев кантIуларо. Хъизамалда жаниб лъугIи гьечIеб гьеб къварилъи хIехьеялдаса, къваридаб бугониги ахир лъей лъикIаб буго. Психологияб кумек тIалаб гьабун рачIарал анцIгоязул цоял рукIуна хъизамалда наркоман вукIиналда хурхун рачIарал».

Дагъистаналда 2010 соналдаса хадуб сияхIалде росун руго 10 000 цIикIкIун наркотикал хIалтIизарулел чагIи, гьезул 70% кколел руго 30 соналъул ригьалде рахинчIел гIолилал.

XS
SM
MD
LG