МагъчIваялъе рес

Гьидерил Хочбарги хундерил ханги


«Хочбарил хIакъалъулъ биценал» абулеб киноялдаса босараб сурат. Хочбарил роль хIалеб буго актер Константин Бутевас, 1987 сон
«Хочбарил хIакъалъулъ биценал» абулеб киноялдаса босараб сурат. Хочбарил роль хIалеб буго актер Константин Бутевас, 1987 сон

Гьидалъа Хочбар. ХIакъикъаталдаги вукIаравищ магIарул халкъиял асаразда вихьизавурав гьединав бахIарчи? ВукIун ватани гьев гьавураб, гIураб росу щиб?

Гьидалъа Хочбарил хIакъалъулъ халкъалда гьоркьоб тIибитIараб ва машгьураб кечI гIурус мацIалде буссинабуна, магIарул мацIалъул хIакъалъулъ тIехь хъварав гIалимчи Усларица ва гьеб бахъун букIана «МугIрузул халкъазул кIалзул гьунаралъул цо-цо асаразул хIакъалъулъ» абураб макъалаялъул ахиралда. Гьеб цIалидал, хъвадарухъан Толстояс абурабила Хочбарил хIакъалъулъ кечI цIакъ хIикматаб бугилан. Гьадин бицана тарихчи Гьиматил Камилица.

Гьиматил Камил: «Тарихалдасан баянаб буго тIолабго Кьурукьлъи, Гьид ва цогидалги жамагIатал хундерил ханасул рагIиятлъун букIараблъи. Ханзабазул зулмуялдаса хвасарлъиялъе гьел жамагIатаз гьабулеб букIараб къеркьеялъул нугIлъун ккола Хочбарил хIакъалъулъ бицен. Амма кидал гьеб къеркьеялъе Гьидалъа Хочбарица бетIерлъи гьабурабали чIезабизе захIмалъула. Хундерил нуцалзабазда гьоркьов батIи-батIияб заманалда чанго ГIумахан вукIиндал, кинав ГIумаханасул заманалда гьеб лъугьа-бахъин ккарабали чIезабизе кIолеб гьечIо. Амма цо-цо гIалимзабаз рикIкIунеб буго Хочбар вукIине кколин I7-абилеб гIасруялъул ахиралда».

Тарихчияс бицухъе, гIалимчи ГIалихIажи Ахлакъовас ва тарихиял гIелмабазул доктор, профессор ХIажимурад Хашаевас хъван букIун буго Хочбарил цIар рехсараб тарихияб документ батун гьечIилан, амма гьев Гьидалъа ва хас гьабун абуни ХIототIаса вукIиналъе нугIлъи гьабулел хIужаби гIезегIан ругилан. Гьединго, прфессор МухIамадов Расулицаги хъвалеб буго хIототIисез жинда бихьизабунин Хочбарил минаги сиги букIараб бакI. Авар гIурул рагIалда бугила «Хочбарил салу» абулеб бакIги.

Гьиматил Камил: «МагIарулазул бахIарчилъиялъул кучIдул ва балладаби» абураб мажмугIалда лъураб «Хочбар» кечIалъе кьураб баяналда Ахлакъовас хъвалеб буго гьадин: «Къарахъ жамагIаталда гьоркьоб тIибитIун буго Сохъ росулъа «Анлъкилищ» абун тIокIцIар щварав багьадурасул хIакъалъулъ биценал. Гьезулъ рехсон буго гьев Гьидалъа Хочбарил гьудул вукIаниланги. Цогидаб биценалъулъ буго гьел кIиялго цадахъ Хунзахъе иналъул ва гьезда хундерил хан гуккизе кIвеялъул баянги».

Халкъияб кочIол кьучIалда Наталья Капиевалъ гIуцIула «Хучбар» абураб исцинировка ва магIарул мацIалда гьеб авартеатралъ бихьизабуна 1940-абилеб соналъ. 1980-абилеб соналдайин абуни, Расул ХIамзатовасул «Гъумекдерил ханги, Хундерил нуцалги, Гьидалъа Хочбарги, лъарагIазул шамхалги, гьесул васги» абураб шигIруялда рекъон ГIабдулхаликъил МахIмудица ва ГIабасил МахIамадица гIуцIула литературиябгун музыкалияб композиция. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго режиссер ГIабдулгъапуров ХIайбулагьица. «Бищунго кIочонареблъун букIана Гьидерил свериялъул ахада, Хочбарил росулъун рикIкIунеб ХIототIа оцги хъун, гьидерил росабазул жамагIатги бакIарун бихьизабураб спектакль», - абун. Гьелъги нугIлъи гьабула хIототIисез Хочбар жидерго росуцоявлъун рикIкIунев вукIиналъе.

XS
SM
MD
LG