МагъчIваялъе рес

Букъун букIарабдайха ГIанхил Маринил кIал?


Ругъжаб росдал годекlан
Ругъжаб росдал годекlан

МагIарулазда гьоркьоб гIатIидго тIибитIараб бицен буго машгьурай кочIохъан ва магIихъан Ругъжаса ГIанхил Маринил кIал букъун букIун бугин абураб. ХIакъикъаталдаги букъун букIарабдайха гьелъул кIал букъун букIун батани кидал ва лъицадай гьеб гIассияб иш гьабураб?

Гьеб суалалъе жаваб балагьулаго нижеда батана машгьурав журналист Къородаса Къебедов МухIамадил «Рокьиги Къадарги» абураб тIехь ва гьелда лъун буго «ГIанхил Маринги гьелъул ирсилалги» абураб бутIа. Гьелда хъвалеб буго ГIанхил Маринил ясалъул яс Меседоца бицухъе, гьелъги гIумру гьабулеб буго Къорода КьотIа росулъ, гьеб хабар кьучI гьечIеб бугин ва Маринил кIал букъун букIанин абиги гьереси кколин.
Кисан бачIараб хабарха ГIанхил Маринил кIал букъун букIун бугин абураб хIужа.

«ГIанхил Маринги гьелъул ирсилалги» абураб макъалаялда журналист Къебедов МухIамадица хъвалеб буго гьей цIакъ машгьурлъун йикIун йигила кочIохъан-магIихъан хIисабалда. Бечедазда тункарал рагIаби камулел рукIун гьечIила гьелъул магIабалъа. Гьединаз Маринида гьарулеб букIун бугила жидер цIаразда магIаби гьаругейилан.

Къебедов МухIамад: «Кинго гьеб мурад тIубачIеб мехалда Ругъжаре рачIун рукIун руго ГIанхил Маринил кIал букъизеян чагIи. Нахъисеб къоялъ гьейги ячун хабалазулъ цо зонода юхьинеян вилъун вуго кIиго чи. Амма гьезда мурад тIубазабизе кIун гьечIо ва гьанкIизабун занигун, гIолохъабазухъа йорчIарай Марин щун йиго ЧIохъа Мамалавги Сугъралъа Хурщилавги гIодоб чIараб бакIалде».

Къебедов МухIамадица бицухъе, бицен бугила гьезда рагIиледухъ гьаракьги биччан Мариница ахIарабила гьадинал рагIаби:

«ГIурусал хирияв Хуршил МухIамад,
Харж кьунищ босилеб дуца ахират.
Хъалаби чIахIияв ЧIохъа Мамалав,
Чу рекIунищ бахлаб сиратIалъул кьо», - абун.

Гьеб заманалда Маринил яс ГIайшатил букIун буго I4 сон. Гьелъ ясалда бицараб мухIканаб хабарги буго гьаб ва ГIанхил Маринил кIалги букъун букIун гьечIин бицана Къебедов МухIамадица.
Къебедов МухIамад: «Кутакалда пагьму бугей гIаданги йикIун, кIал букъизеян ячунги йикIиналъ, загьирлъараб хабар букIиналъ гIадамазда гьоркьоб тIибитIун буго гьелъул кIал букъанилан. Амма гьеб хIакъикъаталде данде кколирин бицуна гьелъул ясалъул яс Меседоца».
ГIанхил Маринил ясалъул яс Меседойин абуни, I00 сонил ригьалде яхарай гIаданалъ гьабсагIаталда гIумру гьабулеб буго Къорода Кьода росулъ.

XS
SM
MD
LG