МагъчIваялъе рес

ВукIанищ дунялалда Камалил Башир?


ЧIвани, чIвай, Камали, дурго вас, Башир, ЧIвачIонани чIвала, валлагь, нижеца. Гьундаса вахъана КIудав Камали, Кваранаб гъежалде гIащтIиги рехун, Мекъабаб квераца магIуги бацIцIун.

Гьадин хъвалеб буго ЧIохъаса Камалил Башириде гьабураб, халкъиябин абулеб кочIолъ. ЧIохъаса Камалил Баширил хIакъалъулъ гIемерал биценал руго. Амма гIемерисез цIехола хIакъикъаталдаги вукIарав чи вугодайила Башир, вукIун ватани кидал вукIарав чийила гьев ва гьесул тухумалъул чагIи ругодайила гьанже. Гьел суалазе жавабал ралагьулаго тарихчи Гьиматил Камилица бицана Дагъистаналда цониги халкъияб кечI, бицен бижичIила кидаялиго ва кибалиго ккараб хIакъикъияб лъугьа-бахъиналъул кьучIалда гурони.

Гьиматил Камил: «Машгьурав тарихчи МухIамадов Расулица хъвалеб буго I94I соналъ, МусалгIалил ГIумарихъе ЧIохъе щведал, гьес бицанила Камалил Баширил хIакъалъулъ хIикматаб къиса. Гьес абунила гьаб ракьалда гьайбатав чилъун вижарав, гьеб сабаблъун росдал ясалги россабазда ругел руччабиги хадур чIеялъ лъутун рохьазда вахчизе ккарав, ахирги чIахъадерица тIамун жиндирго инсуца чIварав Камалил Баширил наслуялъул чи вугин живилан. Гьеб биценалъул кьучIалда рижарал Камалил Баширил хIакъалъулъ кучIдулги халкъалда гьоркьор тIиритIун ругин бицанила гьес».

Тарихчи Гьиматил Камилица бицухъе, магIарулазул кIалзул гьунаралъул хазина бакIариялъе ва басмаялда бахъиялъе кIудияб хIалтIи гьабурав СалтIаса ГIалихIажи Ахлакъовасул «МагIарулазул бахIарчилъиялъул кучIдул ва балладаби» абураб тIехьалдаги лъун буго «Камалил Башир» абураб баллада. Гьелъие кьураб баяналда авторас бихьизабун буго жинца гьеб тIехьалде босанила ЧIохъа АбакархIажияс квералъ хъварал асарал ругел даптаралъуб батунилан.

Гьиматил Камилица бицухъе, хIакъикъаталдаги гIураб далил рагIуларо Камалил Башир хIакъикъияв чи вукIинчIилан чIезабизе.

Гьиматил Камил: «Амма вукIун ватилин абураб пикру кьучIаблъун рикIкIине гIурал хIужаби руго. Цо бугони, мухIканго рехсон руго васасулги инсулги цIарал. КIиабизе бугони, цохIо берцинлъиялъул бицун гуребги, «гIарцул цIурмал рараб жергъен кIутIизе», «чIва меседил бугеб чагъана къиризе» гьесул букIараб гьунаралъулги бицун буго Баширил наслуялъул чи вугин живилан абурав МусалгIалил ГIумаридасан хъвараб тексталда. Лъабабизе бугони, чIахъадерица бихьизабула росу рагIалда Камалил Башир вукъун вукIараб бакIги. Аслияб хIужалъун рикIкIине бегьула гьединаб бицен ургъун бахъулеб гIадат нилъер умумузул букIинчIеблъи».

Тарихчи Гьиматил Камилица бицухъе, Камал, Башир гIадинал цIараз бицунила гьеб кочIолъ рехсараб лъугьа-бахъин магIарухъ исламияб дин тIибитIун хадуб ккараб букIиналъул. Дагъистаналъул халкъияв шагIир ГIабасил МахIамадица «Камалил Башир» абураб трагедиялда рехсон буго гьеб лъугьа-бахъин кканин I485 соналъ ЧIохъ росулъилан.
XS
SM
MD
LG