МагъчIваялъе рес

Тохтур Гунашевасул иш Дагъистаналде кьун буго


Гунашев Маратил эмен Камиль митингалда
Гунашев Маратил эмен Камиль митингалда

Изну гьечIого яргъид гIуцIаразе кумек гьабиялъул ва МахIачхъалаялъул полициялъул бутIаялъул нухмалъулев чIваялъул гIайибалги гIунтIизарун тохтур Гунашев Марат туснахъалъув вугелдаса кIватIичIого лъагIула. Гьанжеги хIукму гьабун буго гьев гьаб соналъул 27 октябралде щвезегIан туснахъалда тезе.

30 сентябралда МахIачхъалаялъул Ленинский мухъалъул диванханаялъ Марат Гунащев цойги моцIица туснахъалдаго тезе хIукму къотIана. Ноябралда гьев ккуралдаса лъагIел уна. Гьебгоощинаб заманалда жаниб Гунащевасулгун кинабниги цIех-рехалъул хIалтIи гьабичIин бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда адвокат Заур МухIамадовас.

Заур МухIамадов: «Ленинский мухъалъул диванханаялъ гьанжеги 27 октябралде щвезег1ан Марат Гунащев туснахъалъув тезе хIукму гьабуна, гьелдаса хадубги цохIойги моцI жаниб бани гьев туснахъ гьавуралдаса лъагIел сверула. Гьебгощинаб мехалда цин Владикавказалде вачун цинги кив вугевалицин лъаларого, хадубги МахIачхъалаялде вачун гьесда гьабичIеб жо хутIичIо, амма гьевгун цониги цIех-рехалъул тадбир тIобитIичIо. КидалъагIан гьеб иш гьеб хIалалда хутIизе бугебалиги лъаларо. Маратида гIайиб гьечIолъи бичIчIулеб буго гьел къуваталъул идарабазда, амма гъобщинаб ахIи-хIурги бахъинабун гьанже гьев къватIиве виччай жидецаго жидерго кIал чIвараб гIадаб жо лъугьинилан ратилаха гьел гьесие гIазаб кьолел ругел. Гьев унтарав чи вугин абуниги сахаб букIине кколеб медицинаялъул кумекги щвечIо Маратие. Гурелщинал, кьучI гьечIел гIайибалгIи гIунтизарун гьабгощинаб мехалда жанив тун вуго гьев»

2012 соналъул 27 ноябралъ МахIачхъалаялъул жанисел ишазул отделалъул нухмалъулев АхIмад МухIамадов чIваялда ва изну гьечIого яргъид гIуцIаразе кумек гьабиялда щаклъи букIун тохтур Марат Гунашев ккуна къуваталъул идарабаз. Гьебго гIайибал гIунтIизабулев вукIарав Гунашевасул дурц тохтур Шамиль ХIасанов гьесул рокъоб чIухь балаго чIвана. Хасал идарабаз лъазабуна гьес жидеде дандечIей гьабунин гьединлъидал чIвазе кканин ХIасановилан.

Туснахъ гьавизе хIукму къотIун хадуб Дагъистаналда течIого Марат Гунащев цин Черкесскалде вачана, хадубги чанго моцIица Владикавказалъул туснахъалъув вукIана. Гьенибги гIемераб заманалъ я гIагарлъиялда я адвокатасда вихьизе виччалев вукIинчIо гьев. Гьоркьоб заманалда Владикавказалъул туснахъалъуса вачун арав гьев кив вугевалицин лъалеб букIинчIо, дагьаб заманалдасан гьев Дагъистаналъул Шамхалалда бугеб туснахъалъуве вачун вукIин лъана.

3 октябралъ адвокат Заур МухIамадовасухъе кIалъан вуго Марат Гунащевасул иш бачунев вукIарав цIех-рехчи ва гьесул иш гьанжеялдаса нахъе Дагъистаналъул цIех-рех чIагIазухъе кьун бугин лъазабун буго. ГьанжелъагIан гьеб ишалъул хал-шал гьабулеб букIана Шималияб Кавказалъул Федералияб Округалъул цIех-рехалъул идараялъ. Щай гьеб иш дагъистаниязухъе кьураб, кинал гIиллаби гьелъие рукIаралалиги бицун гьечIо цIех-рехчияс адвокатасда. МухIамадовас рикIкIунеб буго Гунашевасул ишалъул дагъистаналъулаз халгьабунин абун Маратие гьелъул батIияб кинаб бугониги лъикIлъи ккеларилан.

Гунащев ккун хадуб гьесул гIагарлъиялъ Марат гIайиб гьечIониги туснахъ гьавун вугин, ритIулъи чIезабизе кумек гьабейин абун кагътал Дагъистаналъул тIалъиялдаса бахъараб Россиялъул президентасде щвезегIан хъван рукIана. Ахирисеб гьединаб кагъат исана август моцIалда Маратил эмен Камиль Гунащевас, жиндир васасда гIайиб гьечIолъи чIезабизе кумек гьабейин гьарун, Россиялъул президентасда цебе гуцIараб инсанасул ихтиярал цIуниялъул шураялъул нухмалъулев Михаил Федотовасухъе ва гьебго шураялъул вакил Марья Поляковалъухъе кагъат хъван букIана. Гьеб кагътида Камилица жиндирго васасул ккараб-таралъул мухIканго хъван букIана ва гьесул рахъ ккун, гьев кинав чи вукIаравали бицун Марат лъалел нусгогIан батIи-батIияв чияс хъварал кагъталги лъун рукIана цадахъго. Живги жиндир васги гIумруялъ гIадамазе кумек гьабулел рукIанин, киналниги такъсирчагIазулгун гьоркьоблъиги букIинчIин гьесулин абун хъван буго Камилица гьеб кагътида.

Федотовас жаваб бачIанищин цIехезе ва цере-цере ритIун рукIарал кагътазе цониги жаваб щварабищин цIехезе Камил Гунащевасде «Эркенлъи» радиоялъ ахIараб мехалда гьес жаваб кьечIо. Гьесул ясалъ бицана Марат ккун хадуб инсул цIакъ тату хванин, гьанжеги васасул къисматалъул гIемер ургъел гьабун цIакъ захIматго унтун вугин гьевилан.

XS
SM
MD
LG