МагъчIваялъе рес

Рокъове вачун гуро, ваччун щвезавун вуго


ХIасанов Шамиль
ХIасанов Шамиль

Гьал къоязда МахIачхъала шагьаралъул кIиабилеб азарханаялъул тохтурзаби къуваталъул идарабаз кквеялъул ва гьелъул хIасилалда гьезул цояв чIваялда хурхун батIи-батIиял руго нугIзазул ва официалиял информалатаз кьолел баянал. Хасго ХIасанов Шамиль чIваялда сверун.

Дагъистаналда изну гьечIого яргъид гIуцIараздагун къуваталъул идарабазда гьоркьоб унеб дандечIеялда къварилъи хъинтIула гьеб дандечIеялдаса тIубанго рикIкIадал гIадамаздаги. МахIачхъалаялъул кIиабилеб азарханаялъул тохтур Гунашев Марат ва гьесул дурц ХIасанов Шамиль ккуна полициялъ 28 абилеб ноябралъ батIи-батIиял бакIазда.

Информалатаз кIварго кьечIого тараб гIадатияб информация цIияб рахъалде буссана гьебго къоялъ къаси сагIат микьго тIубарабго ГIахъушинскиясул къотIноб букIараб хасаб операциялда бухьинабиялъ. Ккуразул цояв ХIасанов Шамиль гьеб бакIалда чIван вугин баян кьуна Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъул пресс-хъулухъалъ. Гьезул баяналда рекъон, ккурав вачун вуго гьениве рукъалда чIухь базе, амма гьенив къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазде таманчаялдаса кьвагьдезе жуван вуго ва жавабалъулаб кьвагьиялдалъун гьеб бакIалдаго чIван вуго.

Хадурккун цо-цо информалатаз кьурал баяназда гьеб тIубанго гьедин букIиналда щаклъи загьир гьабуна. Ккуразул цояв Гунашев Маратил адвокат МухIамадов Заурил рагIабазда рекъон, бачIинахъего ккуразул ихтиярал хвезарун руго. Къануналда рекъон ккураб сагIатго лъазабизе ккола гIагарлъиялда ва гьез вихьизавурав адвокат виччазе ккола гьесухъе. Амма гьев кIиго тохтур ккурабго лъиданиги лъазабун гьечIо ва кигIан къеркьонги ккуразухъе адвокатал риччан гьечIо. Гунашев Марат вихьизе виччана диваналъул залалда гьесда гIайиб гIунтIизабулагоян абуна МухIамадов Заурица. Адвокатасда жеги лъалеб гьечIо щал рукIарал тохтурзаби ккурал чагIиги.

Лъалеб гьечIо гьеб азарханаялъул цо бутIаялъул нухмалъулев Рамазанов РахIимидаги. Гьесул рагIабазда рекъон гьел рачун ана больницаялда унтаразе операция гьабулаго радал сагIат 10 тIубараб гIужалъ. Гьесул рагIабазда рекъон, ккурав Гунашев Марат вукIана тIадегIанаб даражаялъул тохтур ва гIемераб мехалъ унаан гьев бакI-бакIазде захIматал операциял гьаризе.

Гьесда гIунтIизабулеб буго кIиго соналъ цебе МахIачхъалаялъул полициялъул нухмалъулев ЧIарадаса МухIамадов АхIмад чIваялъул гIайибилан бицана адвокат МухIамадов Заурица. ГьабсагIаталда гьесда гIунтIизабун буго наркотикал цIуниялъул гIайиб ва 10 къоялъул болжалалда ккун вуго.

Гьебго заманаялъ ккурав ХIасанов Шамилил къисмат батIияб ккана. Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиялда рекъон, доб къоялъ цIех-рех гьабизеян жиндирго рокъове вачун арав ХIасанов Шамиль рокъоб бахчараб ярагъги босун кьвагьдон вуго полициялъулазде ва гьениб ккараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда живго чIван вуго.

ЧIварасул имгIал, адвокат ГучучIалиев МахIачил пикруялда рекъон иш гьедин букIун гьечIо.

ГучучIалиев МахIач: «Дида тIоцебе гьел ккун ругин рагIарабго ракIалде ккана лъица бугониги ришват кьун, операция гьабурал чагIаз рекIкI гьабун батилин. Хадуб тIубараб къоялъ гьезулгун бухьен гьабизе кIвечIеб мехалъ дида ккана цо щиб бугониги кIвар бугеб иш букIин. Гъосухъе рукъалъул кIулал рукIин лъарабго дица гъосул эменги, вацги ритIана рокъоре, Гъизилюрталде инчIого, къасидегIан дораго чIайилан. Нагагьлъун дора чагIи ратичIони, гъоз дореги ун гьенибе ярагъ реххизе рес бугин жидеего хасиятаб къагIидаялъ. Бакъанида дун вуссарабго доре Шамилил рокъоре арал вацазухъ ахIун унеб букIинчIо, рукъги сверун ккун букIана тIад маскаби хурал гIадамаз.

Къаси сагIат цо тIубазегIан кинабгIаги информация дихъе щвечIо, адвокат хIисабалда сверун ккураб рокъовеги виччачIо. Дида ккана цощина лъабавго чIванадайин. Хадуб вацазул цоясухъе ахIизе щвана. Гъос абуна жал бакъаниаго маскаби хурал чагIаз рокъоса хъамунин, Шамилги жидеда вихьичIин, гьабсагIаталдаги полициялда ругин. Гьедин, рогьинегIан доре гьанире цIацIан руго гьел кирениги риччачIого. Дида бичIчIана гьеб мехалъго Шамил чIван вукIин».

ХIасанов Шамиль цевеккун чIван вуго ва хадув восун вуго жиндирго рокъове, хасаб операция тIобитIиялъе гIоло, гьев къадго чIван вукIанин бицунеб буго ГучучIалиев МахIачица.

ГучучIалиев МахIач: «Хадусеб къоялъ нижеца киналъулго хIисаб гьабурабго бичIчIана гьеб кин букIарабали. Къуваталъул идараялъул хIалтIухъаби рачIун рукIун руго рокъобе ярагъ реххизе, щал ругелали хал гьабизе. Дора рокъор чагIи ратарабго гьелги рачун ун руго полициялде, жидерго хIалтIи гьабизе гьез квал-квал гьабунгутIизе. Рачун ун руго лъиданиги рихьичIого, балъго. Живго Шамиль гьениве вачун гуро, ваччун щвезавун вуго. Нижеда кинабго бичIчIана хадусеб къоялъ моргалдаса жаназа босизе арабго.

Хвелалде гьесие гIемер гIакъуба кьолеб букIун буго. ХIатIил килщал танчица рорлъун рукIана, кIиябго рахъалдаса хIатIазда, хьалбазда чIегIерал лъалкIал руго, бащдаб гъежгун бетIерги букIинчIо гьесул. Моргалда хIалтIулел гIадамаз абуна дида гьесие хвелалде гIакъуба кьолеб букIин бихьулеб бугин гьесул черхалда ругел лъалкIазухъ балагьун, жидеда лъалин ругънахъ балагьун. Гьезго дида бицана гIага-шагарго гьев хвараб заман. Гьезул баяназда рекъон хун вуго къад сагIат кIиго тIубарабго, хасаб операция букIана къаси сагIат микьго тIубарабго».

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялда инкар гьабуна гьеб лъазабиялъе баян кьезе. Официалияб информация гуреб цоги батIияб информация кьезе жидер ихтияр гьечIин лъазабуна Пресс-хъулухъалъул нухмалъулев Темирбеков Расулица.
XS
SM
MD
LG