МагъчIваялъе рес

Амина Гунашева: "Дида лъаларо тIокIабги лъиде гIарз бахъилебали"


"Дир хъизаналде тIаде бегараб къварилъиялъул гьир цIакъго кIудияб буго. Дида лъаларо тIокIабги лъиде гIарз бахъилебали. Тату хун буго дир". Гьедин бицунеб буго Амина Гунашевалъ.

ГьанжегIагар Россиялъул президент Путинихъе кагъат битIун буго. Гьесда Гунашевалъ гьарулеб буго жиндир рос Маратие кумек гьабейин туснахъалъуса вахъизе. Гьев туснахъ гьавун вуго Владикавказалда.

Гунашева Аминаца Путинидего гIадал хитIабал гьарун рукIана Россиялъул юстициялъул минситр Чайкахъеги, прокуратураялдеги, цогидазухъеги. Амма кисанниги жеги чIванкъотIараб, гьей гIодойиччазаюлеб жаваб бачIунеб гьечIо.

Масала, прокуратураялъ абулеб буго гьеб жидеде тIаде кколеб иш гурин. Аминаца бицухъе, хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалдагицин лъалеб букIун гьечIо Марат Гунашев кив вугевали. Цинги, гIагарлъиялъ ахIи-хIур бахъинабидал, баянлъун буго гьев Владикавказалда вукIин.

Марат Гунашев Владикавказалда туснахъ гьавун вукIине вуго 27 январалде щвезегIан. Хадув вачIунев вуго Дагъистаналде. Амма гьев гьеб шагьаралде вачун иналъул магIна бичIчIулеб гьечIо гIагарлъиялда. Низам цIунулез абулеб буго Маратие жиндиего хIинкъи букIинаредухъ анин гьев дове вачун.

Низам цIунулез гьев вачун ана азарханаялдаса, Маратица унтарасе дару биччалеб мехалда. Байбихьуда абулеб букIана гьев гIахьаллъун вугин МахIачхъалаялъул полициялъул нухмалъулев МухIамадов АхIмад чIваялъулъ.

Амина Гунашева: "Киб бакIалдадай гьенив тохтургIаги къазавизе кколев, гьевгиха сордо-къо гьечIого хIалтIулев, хIалтIулев тохтур".

Гьелда тIадеги гьанже гIайиб гIунтIизабулеб буго Маратица хъачагъал сах гьарулел рукIанин, гьединго сах гьавун вугин низам цIунулез рохьилавлъун рикIкIунев, Интерполалъ валагьулев Ибрагьим ХIажидадаев. Гьеб жо гьадингосеб гIахьучIлъун рикIкIунеб буго Аминаца.

Рохьоб яги хъачагъал чIараб бакIалда анестизиологлъун хIалтIулев Маратие хIалтIизе хасал шартIал къваригIунарелищдила. Хирургасда кIолила бокьараб бакIалда хIалтIизе, амма анестезиологасда гIицIго стационаралда гурони кIоларила.

Амина Гунашева: "Рокъоб рентген гьаби гIадаб жо ккола гьеб".

ГьанжегIагар адвокат щун вуго Марат Гунашевасухъе. Гьес абулеб буго Маратие кьолеб гIакъуба гьечIин, амма киналалиго гIадамал лъалелищ абун тIаса ричIулел гьечIила цIех-рехчагIи.

Амина Гунашева: "ГIайиб тIаде босизабизелъун киналалиго гIадамазул цIаралги гьурмалги лъалелищин абун гIакъуба кьолев чи кинха вукIинев?"

Жийги Маратго гIадин хIатталдаса ун тамашалъун хутIун йикIанин бицана ЭР-ялъе Амина Гунашевалъ. Гьел чагIазул цIаралги тIоцере жинда цIех-рехчагIаздаса рагIанила. Гьедин батани, бокьарав чиясда аскIореги ун, дуца чIванин Кеннеди, бокьараб гьабун жаваб кьеянищ чIезе кколел абун гьикъулеб буго Гунашевалъ.

Жидер хъизаналде гьеб балагь бачарай гIаданлъун кинаяли Анисат рехсолей йиго Аминацаги цогидаб гIагарлъиялъги. Гьелъие къваригIун букIун бугила Маратил дурц Шамил ХIасановас жий ячине. Амма гьейги рехун тун, Маратил яц ячун рагIула дос. Гьев Шамил ХIасановги чIвана дагьалъ цебе низам цIунулез гьесул рокъоб чIухь балаго.

Амина Гунашева: "Дида бичIчIуларо гьединаб жо кин ккезе бегьулеб ихтияразулаб пачалихъалдаяли, ихтияразул пачалихъ гьеб батаниха... Дагьалищ гIумрудулъ гьединал жал кколел? Гьединлъидал нижецаги квер хьвагIун, кIвар кьечIого тун букIана гьей гIаданалъ Шамилиеги хъизаналъеги хIинкъаби кьезе байбихьидал.

Цо-цо чагIаз щуго лъимергун цадахъги тола лъудби рехун, кIиабизе чIужуги ячуна. Гьезие щибниги кколаро. Вагь! Гьанже жинди-жиндир хасав тушман вугевщинав чияс хъвараб бокьараб гIахьучI босизехъин буго гурищха кьочIое".

Маратгицин туснахъ гьавун ватани, жанив тIамуларев чи хутIиларин абун жиндихъе гIодизе рачIунин жидер лъале-хъвалелги гIага-божаралгиян бицана Аминаца.

Амина Гунашева: "РитIухълъи гьечIолъиялъ гурелги, гьаб республикаялда жидее цIуна-къай гьечIолъиялда банги гIодула гьел. Щайгурелъул рес буго метерисеб къоялъ гьеб балагь бокьарав чиясде тIаде бачIине. Гьединго лъаларо кинан гьелдаса рорчIилелалиги".

Гъоркьисала риидал гендерил туннель рагьулеб мехалда Дагъистаналде Россиялъул премьер-министр Медведевги, Шималияб Кавказалда улкаялъул президентас тарав вакил Хлопонинги, цогидалги рачIунелъул, азарханаялъул бетIерав тохтурас абун букIун буго Маратида жинца мун гьеб вакиллъиялда цадахъ витIилин Генуве, нагагь гьалбадерие тохтурасул кумек къваригIани.

Гьедин ФСБялъ, хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъ, хал гьабунги букIун буго Маратил. Гьеб мехалда щибгIаги такъсир батун букIинчIо гурищин Маратица гьабурабин абулеб буго гьесул лъадуца.
XS
SM
MD
LG