МагъчIваялъе рес

БацIцIадаб лъим бацIцIадал бакIазда букIуна...


22 март дунялалда киса-кибего кIодо гьабула лъадал байрамлъун. Лъим рикIкIуна инсанас гIумру гьабиялъе чара гьечIого хIажалъулеб нигIматлъун. Амма ахирал соназда гьекъолеб лъим чороклъулеб букIиналъул гIемерал хIужаби руго. Кинаб ахIвал-хIалха бугеб гьеб рахъалъ Дагъистаналда? Гьеб суалалда тIасан тIабигIат цIуниялъул рахъалъ гIалимзабигун гара-чIвари гьабуна нижеца.

22 март лъадал байрамкъолъун лъазабиялъул мурадлъун кколеб буго гьеб тIабигIияб нигIматалда сверухъ ругел гIунгутIабазде гIадамаз кIвар буссинаби. Дагъистаналда гьекъолеб лъеда гъорлъ гIемераб чороклъи букIиналъул чанго нухалда кIвар буссинабуна тIабигIат цIуниялъул рахъалъ Дагъистаналъул гIалимзабаз.

Мисалалъе 2013 соналъ МахIачхъалаялда тIобитIараб экологиялъул форумалда биологиялъул гIелмабазул доктор ГIабдурахIманов Гъайирбегица кIвар буссинабулеб букIана Дагъистаналъул лъим соналдаса соналде чороклъулеб букIиналъул. Долдаса нахъе гьеб суалалда сверун лъикIаб рахъалдехун хис-баси ккун гьечIилан бицана гьесулго пишацояв, экологиял гIелмабазул кандидат ХIажиев ГIалимурадица.

«БацIцIадаб лъим» абураб программаялда рекъон жидеца анализ гьабулеб бугила киналго лълъимазул. Гьанжеялде жеги чIванкъотIарал хIасилал гьечIин, амма жидер хьул бугин гьел хIасилал лъикIал рукIиналде. Гьес бицухъе бищунго чорокго рагIула Дагъистаналъул Шималияб мухъалда бугеб лъим. Гьезда гъорлъ бугин заралияб элемент - мышьяк. Гьединго республикаялъул цогидал мухъазда лъим чороклъиялъе ругел гIиллабазул гьес гьадин бицунеб буго.

ГIалимурад ХIажиев: «ТIоцебесеб иргаялда абуни, нилъер республикаялда гьечIо лъим бачунеб аслияб мухъ. Киназго гьел жидер-жидер рукъзаабхъе рачун руго. Мисалалъе дагьаб цебегIан нижеца халгьаби тIобитIараб Дахадаев мухъалда гIумру гьабун ругел чагIаз лъел гъуй гьабун буго рагьда цебе.

АскIобго цун гIадин бан буго хIажатханаги. Гьеб жо гIагарде къан бегьулеб жо гуро. БукIине ккола гIадатияб санитарияб зона. Северияб мухъалда абуни лъелмухъал цIун руго мышьякалъул. Гьеб 1950 - абилел соназдаго тIатинабураб хIужа ккола».

Араб 2015- абилеб соналда кIиго хIужа ккун букIана Дагъистаналда гьекъолеб лъим сабаблъун лъимал ва цIикIкIараб ригьалъул гIадамал азарханаялде ккараб. Аслияб куцалда гьелъие гIайибияллъун жалго гIадамал ругин абулеб буго ГIалимурад ХIажиевас. ГIадатиял санитариял низамал тIуразарулел гьечIин гьез гьекъолеб лъеда аскIор. Амма МахIачхъалаялда гIадамаз гьекъолеб лъеда хурхун гьес абуна жидеца тIобитIараб халгьабиялда рекъон гьеб лъим санитариял низамалда дандекколеб бугин. Ругила хIужаби цо-цо шагьаразда бугеб чорокаб лъеда хурхун.

ГIалимурад ХIажиев: «Гьале бачинин цо мисал. Дагьаб цебегIан Гъизилюрталъул школалъул завуч кIалъан ячана гIадамаз гьекъолеб бугилан кинабалиго даруяб абун лъим, амма гьеб гьекъон черхалъул хIалхисулеб бугилан. Нижеца халгьабун хадуб гьеб лъим батана букIонеб серная кислота. Гьедин жидецаго гьекъолеб лъачIого гIадамаз гъалатIал гьарун ратула. Гьединал хIужаби руго цо-цо бакIазда хурхун, амма тIубанго МахIачхъалаялъул лъим гьекъезе заралияб бугин чIезабизе гIурал далилал дихъ гьечIо».

ЦохIо лъим чороклъи гуребги, кIиабилеб гIунгутIи бугин лъадал нахърател гIадамаз цIунулеб гьечIолъиянги абуна эколог ГIалимурад ХIажиевас

ГIалимурад ХIажиев: «Мисалалъе, дирго ватIан Гъарабудагъкенталда киназго гьарун руго жидерго рокъор лъел гъуял. Амма гьедин гьабизе бегьуларо, гьелъие хасаб изну къваригIуна. Ракьулъан унеб лъим щивас гьединго жидерго рокъобе бачунеб бугони иццал къине руго. Гьеб гуребги дунял хинлъарабго цIорол мугIрул риун тIагIунел руго, гьебги буго гIилла лълъимал дагьлъиялъе».

Цогидал баяназда рекъон, Дагъистаналда соналдаса соналде цIикIкIунел руго Терек гIурулъе ва Каспий ралъдалъе рехулел ругел чIегIернартил заралиял хутIелал. Гьел гьенире кколел руго изну гьечIо цIатари бахъулел бакIаздаса. Гьединго Каспий ралъдалъе чвахулеб буго шагьаразул хIажатханаби рацIцIад гьарун къватIибе кьабураб лъамалъи. Гьел кинабго чороклъи ралъдалъе хьвагIулеб буго кинабниги рацIцIа-ракъалъиял низамалги тIуразаричIого.

XS
SM
MD
LG