МагъчIваялъе рес

Рохьазул бакIалда минаби ва салул карьерал


МахIачхъалаялъул мухъазда гьоркьосеб ТIабигIат цIуниялъул прокуратураялъ тIобитIараб халгьабилъул хIасилалда тIатинабун буго Рохьил магIишаталъул комитеталъ Дербент мухъалъул рохьазул цо бутIа сали-ракь бахъулеб гIуцIиялъухъе ижараялъ кьей къануналда рекъон гьабураб къотIи-къай гьечIолъи. Араб соналъ Дербент мухъалъул рохьил бутIаялдаго цадахъ ижараялъ кьун руго жеги чанго мухъалъул гIохъода ругел рохьил бутIаби. Гьединго бакIалъул гIадамаз гIарз бахъулеб буго Тарки-Тау мегIералда ругел рохьал тIагIинарулел ругин, гьенир ругел ракьал ижараялъ кьурал гIадамаз рохьал лъугIизарун минаби ралел рукIиналъ.

Араб соналъул июнь моцIалъ Дагъистаналъул Рохьил магIишаталъул комитеталъ лъазабуна МахIачхъала шагьаралъул, Дербент, Бабаюрт, Гъизилюрт, ва Хъумтархъала мухъазул административиял гIорхъабалъ ругел рохьазул бутIаби гьел бакIал хIалтIизаризе гъира бугел гIадамазухъе ижараялъ кьезе ругилан.

Гьеб хIукму хурхараб бугин рохьазул ресаздаса пайда босичIогон толеб букIиналда, гьелда бан, боцIи-панз кваназе биччазе, найил тIалаби лъезе, ахал гIезаризе гIадамазухъе хIалтIизаризе кьезе ругин гьел ракьалин баян гьабулеб букIана идараялъ. Амма гьел ижараялъ кьолаго рекреациялъулал территориязе зарал гьабулеб кинабгIаги квер квали гьабизе бегьулеб букIинчIо.

Амма гьал къояз МахIачхъалаялъул мухъазда гьоркьосеб ТIабигIат цIуниялъул прокуратураялъ тIобитIараб халгьабиялъул хIасилалда тIатинабун буго хIакъикъаталдаги гьел ракьал рекреациялъул бакIазе ва экологиялъе зарал гьабун хIалтIизаризе кьун рати.

Гьедин, Дербент мухъалъул административиял гIорхъабалъ бугеб рохьил бутIа «Юждагстройматериалы» абураб гIуцIиялъухъе ижараялъ кьезе къотIи-къай гьабун буго Рохьил магIишаталъул комитеталъ, 2015 соналъул март моцIалда Дагъистаналъул ТIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министерлъиялъ гьеб гIуцIиялъе лицензия кьун буго гьел ракьал хIалтIизаризе.

Гьедин, 9 гаялдаса цIикIкIун рохьазул ракьал бакIал раялъулъ хIалтIизабулеб сали-ракь бахъизе кьун батанин, амма гьеб къануналда данде кколеб иш кколин,гьенир ругел рохьал рекреациялъул зона кколеб букIиналъ ва гьенир сали ракь бахъизе гьукъараб букIиналъилан баян гьабулеб буго прокуратураялъул пресс-хъулухъалъ.

Гьенир цин геологиялъулал халгьабиял тIоритIун, цинги сали бахъулеб карьер рагьизе рес бугила «Юждагстройматериалы» абураб гIуцIиялъ, гьезия кьураб лицензиялъ гьединаб рес кьолеб бугила гIуцIиялъе.

Гьеб ишалда хурхун МахIачхъалаялъул мухъазда гьоркьосеб прокуратураялъ Дагъистаналъул Рохьил магIишаталъул комитеталде лъазаби битIун буго, «Юждагстройматериалы» абураб гIуцIиялъухъе ижараялъ гьеб ракь тезе бегьунгутIиялъул лъазабун.

Рохьил магIишаталъул комитеталъ ижараялъ кьурал цогидал ракьазул гьединго халгьаби тIобитIулеб бугилан тIаде жубана прокуратураялъул пресс-хъулухъалъ.

Рохьил магIишаталъул комитеталъ ижараялъ кьурал цогидал ракьазда дагьабги квешаб хIал батизе рес бугила, масала, МахIачхъала шагьаралъул административиял гIорхъабалъ бугеб Тарки-Тау мегIералъул рохьал тIуран лъугIизеги рес буго. Гьенир гIадамазе ижараялъ кьурал ракьал гьел хIалтIизаризе росарал чагIаз цогидазе ричун, ралел ругила минаби.

Масала, хIухьбахъи гьабулеб санаторий гIуцIизе 49 соналъул ижараялъ босараб 3 гектар ракьул бугеб бакIалда чIун рукIине кколел рукIун руго гъутIби, ва цогидаб, амма гьенир ругел гъутIбиги тIагIинарун гьеб ракь чанго бутIаялдеги бикьун гьеб бакIалда ралел ругин минабийилан абулеб буго Залимхан Велиевас.

Гьев кколев вуго Кяхулай поселокалъул жамагIатчи. Ижараялъ ракьал кьолаго гьабураб къотIиялда хъваралда рекъон, гьенир рохьал къотIизе изну гьечIила, амма гьел бакIазда минаби ран рекреациялъулал ракьал лъугIулел ругилан баян гьабулеб буго гьес.

Залимхан Велиев: « Гьел ракьазда чIун рукIине кколаан гъутIби, гIадамазе хьухьбахъи гьабизе ресги букIине кколаан, амма гьел ракьал сверун къан руго. Масала, цо чияс ижараялъ босун буго 3 гектар ракьул, цинги субарендаги гьабун 4нкъ-ункъ сотых кьолеб буго бичун гIадамазе, гьенир минабиги ралел руго.

Шагьаралъул гьуърул ккола Тарки-Тау мегIералда ругел рохьал, жакъа гьел къотIун лъугIизарун ралел руго минаби. Щуго хIукуматалъул идара буго гьеб бакI цIуниялъул жаваб тIаде кколел, амма гьезул руцIун чIараб разилъиялда хвезабулеб буго тIабигIат».

ЖамагIатчияс баян гьабуна араб соналъ гьенибе бачIун букIанин чанго комиссия, ижараялъ кьурал ракьазда минаби ран рохьал тIагIинарулел рукIиналда бан. Гьез абулеб букIанила Рохьил магIишаталъул комитеталъ гьел ракьал ижараялъ кьезе гьарурал къотIи-къаял риххизаризе ругилан,амма гьел къотIи-къаял риххизаричIила.

ТIабигIат цIуниялъул комитеталда баян гьабухъе, ижараялъ ракьал кьурал къотIи-къаял риххизе изну букIунеб гьечIо, диваналъ гьеб изну кьечIогон,амма диваналдасан изну щвелалде гьенир цIунизе жого хутIун батуларила.

XS
SM
MD
LG